Аслияб гьумералде

Гуккизе чIоге

Гуккизе чIоге

Гуккизе чIоге

Хвел ккола муъминчиясе сайгъатлъун. Имам Гъазалияс баян гьабуна, ракьалда муъминчи вукIунила гвандинив гIодов чIарасул мисалалда. Жиндирго напсгун, шайтIангун ва цогидал захIмалъабигун кидаго рагъ балев, гIакъубаялда вукIунила муъминчи ракьалда. Хвел тIаде бачIиналдалъун гьеб киналдасаго эркенлъула гьев.

Абу Гьурайратидасан бицана: «Муъминчиясде хвалил пара щведал, дарайдул кесек босун малаикзаби щола гьесухъе. Гьеб дараялдаса рукIуна берцинал махIал. Муъминчиясул рухI нахулъан рас бахъулеб гIадин бигьаго бахъула. Черхалдаса рухI къватIибе бачIиндал, гьесда аскIоб берцинал махIал лъола ва тIад дарай бала. Цинги гьесул рухI зодибе борхула».

ГIабдуллагь ибн ГIумаридасан бицана: «Муъминчи хабалъ лъедал, гьесул хоб 70 гIункIрукьалъ гIатIилъун бачIуна ва берцинал махIазул цIола, бакъ гIадин гвангъула. Малаикзабаз гьесда абула: «Мун кьижа», - ян. Цинги гьев, бахIарав кинниги, кьижула ТIадегIанав Аллагьас ﷻ вахъинавизегIан».

Факъигьидасан бицана: «Хабал гIазабалдаса цIунизе бокьарас ункъо жо гьабизе ва ункъо жоялдаса живго цIунизе ккола. ТIоцебе, как базе ккола, кIиабизе, садакъа гIемер кьезе ккола, лъабабизе, Къуръан цIали, ункъабизе, гIемер Аллагь ﷻ рехсей. Гьел пишабаз муъминчиясул хоб гвангъизабула. ЦIунизе ккараб ункъо жоги буго: гьереси, хиянатлъи, мацI гьаби, кIващалдаса цIуни», - илан.

ГIабдуллагь ибн ГIаббасидасан бицана: «Нужеца кIващудаса рацIцIалъи гьабе, хабал гIазабалъул гIемерисеб гьелдасан букIуна», - ян.

Бичасул Расулас ﷺ абуна: «ТIадегIанав Аллагьас ﷻ ункъо жо гьукъана: как хвезаби, Къуръан цIалулеб мехалъ расанди, кIал ккураб мехалъ чорокаб мацI бицин, хабада аскIор релъанхъи».

МухIаммад ибн Самакица бицана: «Хобалазухъги балагьун аварагас ﷺ абуна: «Гьаниб парахатго букIиналъ нуж гуккуге. Гьал хабалалъ гIемераб къварилъи букIана. Гьал хабалазул ращалъиялъги нуж гуккуге. Гьенир ругел гIадамазе захIмат букIана цоцазулгун къо-лъикI гьабизе. ГIакълу бугев чиясе лъикIаб буго хабалъ лъезегIан, букIинисеб хобалъул ургъел гьабизе».

Суфяну Саврияс бицана: «ГIемер хобалъул ургъел гьабулесе хоб алжаналъул ахлъун букIина. Амма гьеб кIочарасе - жужахIалъул гвендлъунги букIина», - ян.

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...