Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ квен

Аварагасул ﷺ квен

Аварагасул ﷺ квен

Аварагасе ﷺ бокьулеб щибаб жо нилъееги бокьизе ккола, хIатта квенцин. Аварагасе ﷺ бокьанщинаб бокьи ккола иманалъул бацIцIалъиялдасан. Анасица, Аварагас ﷺ кванан букIиналъ гуро хъабахъ кванараб. Гьес кванана Аварагасе ﷺ гьеб бокьулеб букIиналъ.

 

ГIатаъ ибну Ясарица бицана Умму Саламатидасан: «Дица цо нухалъ Аварагасе ﷺ бачIана бежараб чахъдал хьибил ва гьеб кванана. Хадуб как базе вахъана, какие чуричIого», - ян. (Имам Тирмизи)

Къутайбат ибну ЛагьигIатица бицана Сулайман ибну Зиядидасан ва гьесги ГIабдуллагь ибну ХIарисидасан: «Нижеца кванана Аллагьасул расуласда ﷺ цадахъ, мажгиталда жаниб, бежараб гьан».

ХIадисалъ тIоритIел гьабула мажгиталда жаниб кваназе бегьулеблъиялде, чорок гьабулеб батичIебгIан заманаялъ.

Имам Заркашияс абуна: «Мажгиталда жаниб кваназе бегьула гIеч, чед, хъарпуз ва цогидабги. Ибну Мажагьица бицараб хIадисалда буго ГIабдуллагь ибну ХIарисица абунин: «Аварагасул ﷺ заманаялъ нижеца мажгиталда жаниб чедги гьанги кванана», - ян. Кинниги рекъараб буго кванда гъоркь жо тIамизе мажгит чороклъичIого ва гьеб сабаблъун хIутI-хъумур гьениб бакIаричIого букIине. Гьеб нилъеца бицараб хаслъула махI гьечIеб кванда. Амма махI бугеб квен батани, масала, пер, ражи гIадинаб, мажгиталда кваназе карагьалъула».

Мугъира ибну ШугIбатидасан бицана: «Къасимехалъ жив, Авараггун ﷺ цадахъ, дун ун вукIана гьоболлъухъ (хъвалеб буго гьел гьоболлъухъ рукIанин Зубайр ибну ГIабдулмутIалибил яс ЗубагIатихъ). Бежараб чахъдал бох бачIуна. Нусги босун Авараг ﷺ лъугьана гьеб къотIизе ва диеги кесек къотIана. ГьебсагIаталда Билал вачIана ва абула какил заман щванилан. Аварагас ﷺ, нусги гIодоб лъун, абула гьасие щибилан. Гьесул кверал ракьул цIегийилан. Билалил михъал, кIутIбузде щун, халалъул, далун рукIана. Аварагас ﷺ гьесда абуна: «Дица къунцIила гьел сивакакги лъун яги сивакакги лъун дуцаго къунцIе», - ян.

Гьесул кверал ракьул цIегийин абиялъул магIна букIана, гьедин гьабугеян абураб. Квен цебе букIаго какда жаниб хIузур цIунизе квалквал гьабулелъул. Жеги рукъалъул бетIергьанасе бокьичIого букIине бегьула кIанцIун тIаде рахъун инеги. Аварагас ﷺ, гьединго, бежун бачIараб тIулги кванана.

 

Шамил МухIаммадов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Президентас ХасмухIаммадида баркана

Россиялъул президент Владимир Путиница баркана Дагъистаналъул хӀурматияв инсан, 95 сон тӀубарав ХасмухӀаммад Абубакаровасда гьавураб къо. Дагъистаналъул кӀудияв эменин абула гьесда гьев лъалел чагӀаз. Гьесул гӀумру буго къвакӀиялъул ва исламалъе хъулухъ гьабиялъул мисаллъун. Гьес гӀумру гьабуна...


Нужее баяналъе

Авараг гьавураб сон щиб сон букIараб? – Пилалъул сон. Пилалъул сон абун щай гьелда цIар тараб? – Гьеб соналъ Абрагьат аскаргун ва пилалги рачун КагIба биххизе вачIун вукIана. Аварагасе ﷺ кьураб бищун кIудияб мугIжизат щиб букIараб? – Къуръан. Муса аварагасул...


ГIажаибаб мугIжизат

Къуръан ккола жибго бищун кIудияб мугIжизат. Ва щибаб нухалъ гьеб лъазабидал гIажаиблъизеги гьарула. Гьелда жаниб географиялъулги хIикматал руго.   Аллагьас ﷻ Къуръаналда абуна: وَهُوَ الَّذِي خَلَقَ اللَّيْلَ وَالنَّهَارَ وَالشَّمْسَ وَالْقَمَرَ كُلٌّ فِي فَلَكٍ يَسْبَحُون   МагIна:...


Кванил адабал

Кваназе байбихьилалде цин кверал чурила, гьелъ кванида баракат лъола, цинги «Бисмила» бахъила ва абила: «Аллагьумма барик лана фима разакътана ва къина гIазаба ннари», - абун. Кваналев чиясул ниятги букIина диналъе къуват бачIинеян абураб. Гьединаб ниятгун кванани, квенги...


Фарукъ абураб цIар щвей

Жинда Аллагь разилъаяв ГIумар-асхIаб исламалде вачIун хадуб, бусурбабазда бугеб хIал бихьун гьесул ракI хIалхьун букIинчIо. Бусурбабаз ислам боси балъго гьабулеб букIараб заманалда ГIумар-асхIаб Аварагасухъе ﷺ вачIана ва абуна: «Я, Бичасул Авараг ﷺ, нилъ битIараб нухда гьечIищ, хваниги чIаго...