Аслияб гьумералде

Цогидасе кьезе гурин

Цогидасе кьезе гурин

Цогидасе кьезе гурин

Какараб пишаялдасанги кколеб, кколеблъи лъалеб бугониги жиндаса цIунизе киназухъаго бажарулареб жо ккола хIасад.

 

Аллагь ﷻ разилъаяв ХIасаница абун буго: «Жинда зулму гьабуразда релълъунги ккарав, жинца цогидаздехун хIасад гьабулев чиясдаса кIудияв зулмучи дида вихьичIо (зулмучиги гьев цогидасдехун жинца гьеб гьабиялдалъун, жинда зулму гьабуравлъунги, ахираталда хIасадалъул зарал жиндего буссиналъ)».

ГIабдуллагь ибну МасгIудица абун буго: «Нужеца Аллагьасул ﷻ нигIматазде тушманлъи гьабуге», - ян.

Лъица Гьесул ﷻ нигIматазде тушманлъи гьабулебин аскIор рукIараз гьикъидал, гьес абун буго: «Аллагьас ﷻ Жиндир цIобалдаса гIадамазе кьуралде хIасад гьабулел чагIаз», - илан. Аллагьасул ﷻ Каламалда буго: «ХIусудчагIи Дир ﷻ нигIматазул тушбаби руго, Дир ﷻ хIукмуялде ццим бахъаралги руго, Дица ﷻ бихьизабураб къисматалдаса разиял гуреллъунги руго», - ян.

Имам КъуртIубияс хIасадалъе баян гьабулаго абун буго: «ХIасадалъул магIна буго, чияс жиндехун хIасад гьабулесдаса Аллагьас ﷻ кьураб нигIмат тIаса ине хьул гьаби», - ян.

Имам Гъазалияс «ИхIяалда» рехсараб Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Муъминчияс ракIбахиллъи гьабула, амма мунапикъас хIасад гьабула», - ян.

ХIасадги букIуна кIиго батIияб - цо какараб, цогияб беццараб. Какараб буго цогиясе кьураб нигIмат тIаса ине хьул гьаби, гьелдалъун жиндиего гьеб щвезе анищ гьабуниги гьабичIониги. Аллагьас ﷻ гьеб Къуръаналда какарабги буго.

Беццараб хIасадалъул хIакъалъулъ Аварагас ﷺ абун буго: «ХIасад гьабизе бегьи кIигоясдехун гурони гьечIо. ТIоцевесев ккола, жиндие Аллагьас ﷻ Къуръаналъул гIелму кьурав, жинцаги гьеб къасиги къадги цIалулев. КIиабилев вуго, БетIергьанас ﷻ жиндие боцIи-мал кьурав, живги гьеб къаси-къад напакъаде кьун хвезабулевлъун вукIунев», - ин.

ХIасад гьабиялдаса рахъун ккезе бигьалъизе «Макаримул ахлакъ» абураб тIехьалда рехсон буго: «Дуда лъай, рекIелъа хIасад бахъиялъе дарулъун буго, гьеб гьабулев чиясда бичIчIи жинца гьеб гьабиялдалъун дандиясул я диналъе яги дунялалъе зарал лъугьунгутIи. Амма живго тушманлъи гьабулевлъун хутIизе вукIин. Гьелъул балагьги жинда тIад кIиябго рокъоб хутIизе бугеб. Щайин абуни, хIасад гьабиялдалъун киданиги нигIмат тIаса унаро. Гуребани, цонигиясда Аллагьасул ﷻ нигIматго хутIилароан, хIатта имангицин. Капурзабазеги бокьун букIунелъул гьеб муъминзабазда тIаса ине», - ян.

Аллагьас ﷻ бичIчIи кьеги щивасе, Гьесул ﷻ нигIматазд щукру гьабизе ва бугелда гIей гьабун чIезе.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Тохав чиясул нух

Абу-Гьурайратидасан Бухарияс бицараб хIадисалда аварагас ﷺ абулеб буго: «Аллагьас ﷻ абуна, щив чи вугониги дир валиясе зарал гьабун (жинца гьев тушманлъун ккун, гьесда ццим бахъун), дица гьев чиясда рагъ лъазабула», - ян. Жинда Аллагь ﷻ гурхIаяв Факигьанияс абуна: «Щив чи вугониги...


Сахаватав инсан

Нижер росулъа сахаватав инсан Чарандал вас ГIамиргIалица жиндирго инсул букIараб мина къачIазеги къачIан кьуна росдал мадрасалъе. Киналго росдал гIадамал кутакалда рохун ва разиго руго ГIамиргIалица гьабураб гьеб баракат цIикIкIараб ишалдаса. Гьанже рес рекъана мадрасаялда лъимал ва чIахIиял...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

Сапар буго инсанасул гIумруялъул цо бутIа. Муъминзабазе гьеб ккола Аварагасдаса ﷺ мисал босун ТIадегIанав БетIергьанасде ﷻ гIагарлъизе рес щвейги. Нилъер Аварагас ﷺ нухда кинаб хьвада-чIвади букIине кколебали малъа-хъваял гьари гуребги, жиндирго мисалалдалъунги бихьизабуна сапаралда ругелъул...


КIудиял мунагьал

МацIихъанлъи гьаби ккола цо чияс абураб жо цогидасда бицин, гьелъ жинда бицарав чиясул жиндаса бицарав чиясдехун дагьабниги рокьукълъи, ракIхвей бижизабулеб бугони. Къуръаналда мацIихъан какун вуго. ХIадисалдаги буго мацIихъан Алжаналде лъугьинарин абун.   Гьел ккола Аллагьасул бищун ццим...


Гъваридаб лъай

Гьале тIаде щвана цIалул заман. Киналго лъимал школаздеги, студентал цIалул идарабаздеги хьвадун байбихьула жидерго лъай цIикIкIинабизе. Исламалда лъай тIалаб гьабиялде кьола бищун цIикIкIун кIвар. Гьелде тIоритIел гьабулел аяталгун хIадисал гIемерал руго. Цересел номеразда гьелъул хIакъалъулъ...