Аслияб гьумералде

ГIадамал гъапуллъараб заман

ГIадамал гъапуллъараб заман

ГIадамал гъапуллъараб заман

Аллагь ﷻ рехсей ккола муъминчи кидаго машгъуллъун вукIине кколеб гIамал. Гьелъие гIоло рижунги ругелъулха нилъ. Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Дуца гIибадат цохIо Дие ﷻ гьабе ва Дун ﷻ разилъи тIалаб гьабун какалги рай. Как балеб мехалъ Дун ﷻ ракIалдеги щва!» - ян (сурату «Тагьа», 14 аят).

Аллагь ﷻ рехсей, гьесие гIибадат гьаби буго нилъер гIумрудул магIна ва ахир талихIаблъун батиялъе сабаб. МаркIачIул ва боголил каказда гьоркьоб мехалда абула гIадамал гIибадат-гIамалалдаса гъапулъараб заман бугин абун. Гьеб гIуж буго маркIачIуда паризаяб как бан гуреб гIемерисез цогидаб гIамал гьабиялде кIвар кьолареб. ГIадада гурелъул гьеб заманалъе цIарги кьун бугеб, гIадамал Аллагьасдаса ﷻ машгъуллъараб заманалда какал ралезул гIужилан абураб.

Гьеб заманалда ралел каказда абула авабиназул какалин. Гьезул хиралъиялдаса буго ТIабараниясдаса бицараб хIадисалъулъ аварагас ﷺ абураб: «МаркIачIул как бан хадуб анлъго ракагIат суннатаб какалъул баялъ чиясул мунагьал чурула, ралъдал полопгIан гIемерал жал рукIун ратаниги», - ян. Гьединго аварагас ﷺ абун буго, гьел каказул 20 ракагIат бан щив чи вугониги, Аллагьас ﷻ гьев Алжаналда рукъ кьун вохизавилин абун. «МаркIачIул ва боголил каказда гьоркьоб, щибго каламги гьабичIого, анлъго ракагIат (суннатаб какил) барав чиясе Аллагьас ﷻ 12 соналъ гIибадат гьабураб гIадаб кири хъвала», - ян (Тирмизи).

Аль-Фашани абурав гIалимчияс бицун буго, аварагас ﷺ абунин: «Аллагьас ﷻ жиндир дин цIунизе бокьарав чияс маркIачIул какил ратибаталда хадуб кIиго ракагIат байин абе, щибаб ракагIаталъулъ, АлхIамалда хадуб, анлъго нухалъ Къулгьу ва цо-цо нухалъ кIиябго КъулагIузубиги цIалун», - ин. Гьеб как бан хадуб цIализе лъикIаб бугин абун «Аль-Маслак» абураб тIехьалда рехсолеб буго гьаб дугIаги: «Аллагьумма инни аставдигIука имани фи хIаяти ва гIинда мамати ва багIда мамати фахIфазгьу гIалайя, иннака гIала кулли шайин къадирун». Я Аллагь ﷻ!».

Авабиналъул гIужги щола маркIачIул как бан хадуб, боголил как ахIизегIан. Гьел разе лъикIаб буго маркIачIул какил ратибатал ран лъугIидал. Раялда тIадчIей гьабулев чиясе, гIуж борчIун ккани, бецIизеги суннатаб буго. Сапаралда вукIун, маркIачIул как боголиде данде босулеб батани, гьеб хIалалдаги боголидаса хадуб базе бихьизабун буго.

Авабиназул какил ракагIатазул бищун дагьаб къадар буго кIиго, гьоркьохъеб – анлъго ва бищун цIикIкIун - 20 ракагIат.

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...