Аслияб гьумералде

Аллагьас ﷻ тIаде босун буго

Аллагьас ﷻ тIаде босун буго

Щибаб чIагояб жоялъе Аллагьас ﷻ ризкъи бихьизабун буго, гьелъул хIакъалъулъ Къуръан-хIадисалда баянги гьабун буго. Гьеб хIукму хисизабизе кIолеб щибго жоги гьечIо, кигIан захIматал лъугьа-бахъинал тIаде рачIаниги.

Цо кIудияв гIалимчияс абун буго: «Дуе хъвараб цогиясе щоларо. Дуего хъвараб ризкъи, къартI ва тIадегIанлъи цIунун кваналевлъун вукIа, амма мунго гIодовегIанлъизавулеб хIалалъ кванаге», - ян. Балагье, гIакълу бугесе пикру гьабизе ругел берцинал рагIаби. Кваналеб жоялъе гIоло инсан вукIине бегьуларо пулеб гьуриялъ хъамун унеб кьишниялда релълъун. РахIаталъул къояз ризкъи кьолев Аллагьасда ﷻ , захIмалъи бачIиндалги лагъзал кIочон толаро.

Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Къалам борхун буго, тIанчалги ракъван руго. ГIадамалги киданиги хIинкъизе кколаро ризкъи камун хутIилин абураб жоялда, щайин абуни гьезие кьезе бугеб ризкъи цебего бикьун буго БетIергьанас ﷻ », - ин.

Лъугьа-бахъунелъул халгьабун, кваналеб жоялъул къача-рачай лъугьине бугин бициндал, тукаби чIорого гьарулел хъантIарал чагIилъун рукIинеги рекъараб гьечIо Аллагьасда ﷻ божулел чагIазе.

«Анисул жалис» абураб тIехьалда хъвалеб буго Аллагьасул ﷻ махлукъатазул бугин халатаб гозоги бугеб цо хIинчI. Гьеб боржунин ралъдада тIасан ва тIаде бачIун кит бихьидал, гьелда тIад чIолин. Киталъулги бугин гIусазда лъугьунеб унти, гьеб хIинчIалъ цаби-гIусазда гьоркьоб къараб жо бахъун гурони сахлъулареб. ХIинчI тIад чIараб мехалъ киталъ кIал гьакIкIалеб буго ва гьелъ гIусазда гьоркьоб къараб гьан бахъун кваналеб буго, цинги киталъул унтиги тIагIунеб буго.

Гьединаб хIалаздаги жиндир махлукъаталъе ризкъи кьолевлъун вуго БетIергьан Аллагь ﷻ . Амма цогидаб махлукъаталъе кьечIеб гIакълуги кьун, хира гьарун рижарал нилъ, тавакал лъугIун рортанхъизе кколаро. Къуръаналда буго (магIна): «Муъминзабилъун нуж ратани Аллагьасде ﷻ тавакал гьабе», - ян (суратул «Маидат» 23 аят).

Аллагьас ﷻ ризкъи кьезе Жинца тIаде босун бугин Къуръаналъул 99 бакIалда абулеб буго. Нилъеца кигIан цIакъ бахъун тIалаб гьабуниги Аллагьасул ﷻ хIукму гьечIеб жо нилъее щоларо. Хадур рортанхъичIониги, Гьес ﷻ кьезе хъвараб гьукъулебги баккуларо. Ракьалда тIад цониги хIайван гьечIо, гьелъие ризкъи кьезе Дица ﷻ тIаде босун гурониян абураб магIнаялъул цоги аят буго хирияб Къуръаналда (суратул «Гьуд» 6 аят). ХIайваназегицин ризкъи кьолес инсанасе кьей къотIизабуларо.

Амма кантIизе ккела, захIматаб хIал лъугьине бугин хабар баккидал дунявияб магIишаталъул нахърател гьабулел нилъеца, щибаб къойил имамзабаз хвалил бицунеб, гьеб тохлъукьего тIаде бачIунин абун вагIза-насихIат гьабулелъул ахираталъе гьабулеб гIамал цIикIкIинаби, гьелъул нахърателал гьари гIемерлъулищ нилъер абуралдеги. Аллагьас ﷻ бичIчIи кьеги киназего, ракъиялдасаги цIунаги БетIергьанас! Амин

МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...