Аслияб гьумералде

Тавбуялъул как

Тавбуялъул как

Тавбуялъул как

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъер умматалда гурхIун, тавбу къабуллъиялъе сабаблъун гьабун буго тавбуялъул как. Анасица бицана, хирияв Аварагас ﷺ абунилан: «Адамил лъимал мунагьалде ккола. Мунагьалде ккаразул бищун лъикIалги тавбу гьабулел руго», - ян. (Ибн Мажагь)

 

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ аварагзаби хутIун, хутIарал гIадамал, мунагьазде кколеллъун, загIипаллъун рижун руго. Гьес ﷻ тIадкъараб гьабичIого тун ва гьабугейин абураб гьабиялдалъун мунагьалде ккола инсан. Кинниги, кигIан мунагьал гьаруниги, тавбуялъул каваби нилъее рагьун руго.

Тавбуялъул как ккола жамагIат жиндилъ бихьизабичIеб кIиго ракагIаталъул суннатаб как. Гьебги базе лъикIаб буго тавбу гьабилалде цебе. Гьеб баялъе далиллъунги гIалимзабаз гьаб хIадис бачуна: «Аллагьасул ﷻ лагъзадерил цонигияс мунагь гьабидал, цинги какиеги чурун кIиго ракагIаталъул суннатаб какги бан, Алагьасда ﷻ тIаса лъугьин гьаридал, Аллагь ﷻ гьесдаса тIаса лъугьина», - ян. (Тирмизи)

Гьелъул тIоцебесеб ракагIаталда «Суратул Кафирун» ва кIиабилеб ракагIаталда «Ихлас» цIализе лъикIаблъун бихьизабун буго. Гьелъие ниятги гьадин гьабила: «Дица ният гьабуна кIиго ракагIаталъул тавбуялъул как базе», - ян.

Имам Гъазалияс «ИхIяалда», мунагь чуризелъун гьарулел пишаби рехсон хъвалеб буго: «Мунагьалде ккедал кIиго ракагIаталъул как бала, цинги 70 азарго Астагъфируллагьги бачина, нусго нухалъ «СубхIаналлагьил ГIазым ва бихIамдигьи» абила, хадуб садакъаги бикьила ва цо къоялъ кIалги кквела», - ян. Тавбу гьабун хадубги лъикIал гIамалал гьаризе бихьизабун буго ва лъикIал гIамалазул бищун лъикIабги ккола как.

Тавбуялъул какда хурхун бачIараб хIадис баян гьабун имам ибн ГIарабияс абун буго: «Гьеб какалъ киналниги тIагIатазул рахъал жанире рачуна. Гьабуралдаса ракI бухIана, цинги батIин бацIцIад гьабуна, какиеги чурун, какги бан, Аллагьасе ﷻ тавбу гьабуна», - ян.

ГIемерисел гIалимзабаз абуна тавбуялъул как тавбу гьабилалде цебе ккезабураб лъикIаб бугин абун. Руго гIалимзаби, тавбуги гьабун, хадуб базе лъикIаб бугин абулелги. Имам Рамалияс абуна: «Тавбуялда цебеги хадубги кIиго ракагIат какил базе лъикIаб буго», - ян. Амма тавбуялъул как ккола цебехун бараб. Хадуб бараб кIиго ракагIатги щукруялъул кколин.

 

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...