Аслияб гьумералде

КIванагIан хех гьабе

КIванагIан хех гьабе

Жакъа унтараб суал буго гьабураб къотIи-къай тIубангутIи ва кьураб рагIи ккунгутIи. Гьеб сабаблъун цоцада гьоркьоб гьуинлъи ва цолъи хола. Инсанас, Аллагьас ﷻ абухъе, цогидасул хIакъ тIубани ва Аварагас ﷺ хIадисалда абухъе жидиего гьабизе бокьулеб гIадин цогидасеги гьабуни, букIинищ гьениб рагъ-кьал? ГIалимзабаз абула Аварагасул ﷺ гьаб хIадисалда гIадамаз гIамал гьабулеб букIарабани, киса-кибего рекъел букIинаанин абун.  

 

ГIумар ибну ХатIабица абуна: «Щибаб жоялъул жиндир жиндир аслу буго, амма лъикIлъиялъул аслу ккола кIванагIан гьеб хехго кьей». Масала, чияс абун букIун батани гIарац яги цогидаб жо кьелин абун, гьеб кьезе ккола кIванагIан хехго. Щайгурелъул, тIоцебе иргаялда, гьедин гьаби ккола жинца гьабулеб лъикIлъиялъул ихласалъул гIаламат. Нахъбахъиялъ чиясда ракIалда ккезабула хIалица гьарун кьезабигIадинаб жо. Хехго кьеялъ хIажатав чиясул рекIелъе рохел бачIинабула. 

Ибну МасгIудица къотIи гьабулароан «ИншааЛлагь» абун гурони. Гьедин абизе рекъола, амма чIванкъотIун къасд букIине ккола гьеб тIубазе. Амма унго-унгояб гIузру бугони, бичIчIизе бегьула. КъотIи гьабулеб мехалъ инсанасул рекIелъ ният бугони тIубазабиларин абун, гьеб унго-унгояб мунапикълъи ккола.

Имам МухIаммад Равасияс абуна, къотIи тIубазаби кколин чиясул иманалдасан. Гьединго гьеб кколин гIаданлъи, цогидав чиясул хIурмат гьаби. Амма къотIи тIузабуларев чи кколин кутакалда иман загIипав чи. Гьелъ жеги бугеб иманги загIиплъизе гьабулин абун. 

Гьабураб къотIи тIубазабулев чи ккола къимат тIадегIанав. Гьединав чи гIадамазда гьоркьовги къиматавлъун вукIуна. Гьудул лъала тIаде къо ккараб мехалъ, гьединго, аманат, ай жинда божизе бегьулев вугищали лъала кьолеб ва босулеб мехалъ. Нилъеца рехсана гIадамазулгун гьабураб къотIи-къаялъул. Аллагьасул ﷻ къотIи-къай тIубай ккола Гьесул амруги нагьюги тIубай. Гьесул диналъул аслаби ва жибго дин кIодо гьаби. Гьединго Аварагасда ﷺ хурахарабщинаб жо кIодо гьаби ва гьесул суннат кквей. Черхалъ, боцIиялъ ва мацIалъ Аварагасул ﷺ диналъе квербакъи гьаби ккола Аллагьасулгун ﷻ къотIи тIубай ва гьесда хадур рачIарал диналъул ишал рачунезеги кумек гьаби ккола Аллагьасулгун къотIи-тIубай ва Аллагьасул ﷻ каламги Аварагасул ﷺ ишги кIодо гьаби.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...