Аслияб гьумералде

ТIаса лъугьайин гьарилищ?

ТIаса лъугьайин гьарилищ?

Гъибат-бугьтан гьаби ккола мацIалъ гьарулел мунагьазул бищунго гIемеразул цояб. ГIемерисеб мехалъ инсанас бигьаго абула диналъул вацасул яги яцалъул хIакъалъулъ рагIаби, ТIадегIанав Аллагьасда цебе гьеб мунагь кигIан кIудияб букIине бегьулебали хIисаб гьабичIого.

 

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Нужер цояз цогидазда нахъаса гъибат гьабуге. Гьев чи цеве гьечIеб мехалъ гьесие бокьулареб жо бицун, гьесул нафс ва къадру гIодобегIанлъулеб жо бицун кIалъаге. Гьеб цIакъ кIудияб мунагь буго. Нужер цонигиясе бокьилищ диналъул вац хведал, гьесул гьан кваназе? Гьеб нужее цIакъ бокьизе гьечIо. Гьеб цIакъ ракI къалеб, къабихIаб гIамал буго» (сура «Ал-ХIужурат», аят 12).

Гьединго Аварагас ﷺ баян гьабуна гъибат кколин инсанасе бокьулареб жоялдалъун гьев гьечIеб бакIалда рехсей.

Бугьтан гьабиялъ Аллагьасул ва инсанасул хIакъаздеги асар гьабулеб букIиналъ, гьеб мунагьалъухъ тавбу гьабиялде хасаб кIвар кьезе ккола. ГIалимзабаз бихьизабуна ракIбацIцIадго тавбу гьабиялда гъорлъ букIин гьабураб ишалдаса пашманлъи, мунагьалдаса инкар гьаби, гьелде тIадвуссунгутIизе ракIчIараб хIукму гьаби ва Аллагьасда тIаса лъугьаян гьари.

Амма тIадаб бугищха чиясда жинца гъибат-бугьтан лъурасда тIаса лъугьаян гьарун аскIове ине?

ШафигIил мазгьабалда рекъон, жинда тIасан гъибат-бугьтан гьабурав чиясда лъалеб гьечIони, гьесда гьеб лъазабизе хIажалъи гьечIо. Гьединаб хIалалда ракI-ракIалъ тавбуги гьабуни, мунагьал чуриги тIалаб гьабун, дугIаги гьабуни, гIола.

Шейхул Ислам Закария ал-Ансарияс хъвалеб буго, гъибат гьабурасухъе гьеб щун батичIони, истигъфарги тавбу гьабиги гIолин абун. Амма гьесда лъан батани ва гьелъ гьев къваридги гьавун ватани, тIаса лъугьаян гьаризеги лъикIал гьоркьорлъаби рукIинаризеги хIаракат бахъизе ккола.

Имам Нававияс хъвалеб буго, гъибат чиясухъе щвечIони, тавбу гьабиги, Аллагьасда тIаса лъугьаян гьариги гIолин абун. Гьеб пикруялъул рахъ кколеб буго ШафигIияб мазгьабалъул гIемерисел гIалимзабазги.

Гьединлъидал бусурбанчияс мухIканго халкквезе ккола кIалдиса бачIунеб щибаб рагIуда хадуб. Цогидазул гIунгутIабазул бициналдаса рикIкIалъизе ва щибаб рагIи малаикзабаз хъвалеблъи ракIалда чIезабизе ккола. Тохлъун, мунагь гьабуни, хехго тавбу гьабила, Аллагьасда тIаса лъугьаян гьарила, гъибат гьабурасе дугIа гьабила.

ТIадегIанав Аллагьас нилъер мацIал рацIцIад гьареги гъибат-бугьтаналдаса.

 

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...