Аслияб гьумералде

Кидаго цадахъ букIуна

Кидаго цадахъ букIуна

«Къиямасеб къоялъ нужер ва нужер умумузул цIараздалъун ахIизе руго, гьединлъидал нужерго лъималазе лъикIал цIарал кье». (Абу Давуд)

 

Лъимералда цIар лъей ккола баракатал гIамалазул цояб. Гьеб гIадат ккола эбел-инсуца Аллагьасе ﷻ цIияб гIумру сайгъат гьабуралъухъ ва лъимадул рухIияб сапар байбихьиялъе баркала загьир гьаби. Исламалда цIар кколаро гIицIго гIадамал ратIа рахъизе хIалтIизабулеб рагIи – гьелъулъ бугеб гъваридаб магIнагун гьеб цIар инсанасул хасияталъул ва рухIалъул бутIалъун лъугьуна. ЦIаралдалъун эбел-инсуца лъимералъе дугIа гьабула, гьелъие ритIухълъиги, рацIцIалъиги, баракатги гьарун.

Лъимералда цIар лъезе бищунго лъикIаб заман ккола гьабуралдаса хадуб анкьабилеб къо. Гьелъул хIакъалъулъ бицунеб буго хIадисалда: «Аварагас ﷺ амру гьабуна лъимералда цIар лъезе, гьелъул расал кIкIвазе ва гьабун хадуб анкьабилеб къоялъ гIакъикъ хъвезе», - ян (Тирмизи). Амма лъимер гьабураб къоялъги цIар лъезе бегьула, Аллагьасул Аварагас ﷺ васасда Ибрагьим абураб цIар лъурабго гIадин. Гьел ишаз лъимадул гIумруялъул тIоцересел къоял Аллагьасул ﷻ баракаталдалъун ва рахIматалдалъун цIезабула.

ЦIар букIине ккола магIнаялъул рахъалъ лъикIаб ва абизе  бигьаяб. Киниялдаса бахъараб хабалъе щвезегIан инсанасда цадахъ букIуна цIар. Бищунго лъикIал цIарал ккола Аллагьасе ﷻ гьабулеб гIибадат загьир гьабулел. Масала, ГIабдуллагь, ГIабдуррахIман, ГIабдуррахIим. Хасго хIурмат гьабула Аварагасда ﷺ хурхарал цIаразул - МухIаммад, АхIмад, МустIафа, ТIагьа ва цогидал. Гьединго цогидал аварагзабазул, асхIабзабазул ва ритIухъал гIадамазул цIарал: Ибрагьим, Муса, Юсуф, ГIиса ва цогидал. Руччабазул цIаразул абуни, лъикIаб буго Аварагасул ﷺ рукIарал руччабазул, ясазул цIарал лъезе. Гьезда жанир руго иманалъул, рацIцIалъиялъул ва къадру-къимат ракIалде щвезарулел жал. Гьелдаго цадахъ ритIухълъиялъул мисалги буго гьел цIаразулъ.

Аллагь ﷻ гурев цогидасе гIибадат гьаби бихьизабулел цIарал лъезе хIарамаб буго. Масала, ГIабдул-ХIусайн, ГIабдул-Манап ва цогидал, гьединго, квешаб магIнаялъул цIарал лъезеги. ХIарамаб буго Аллагьасул ﷻ цIарал цохIо «ГIабд» абураб цебесеб рагIи гьечIого лъезе. Масала, Ар-РахIман яги Ал-Халикъ. ЦIар тIаса бищи гIицIго берцинлъиялъул суал гуро кколеб, гьеб ккола такъва ва Аварагасул ﷺ суннат цIуниялъул мисал.

Аллагьас ﷻ щивасе кьеги иман бугеб наслу. Амин.

 

 

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...