Аслияб гьумералде

Мунапикъасул гIаламат

Мунапикъасул гIаламат

ТӀадегӀанав Аллагьас лагъзадериде амру гьабуна хасал къанунал цӀунеян.  Гьезда гьоркьоса, ай кӀвар бугел къануназдасан ккола къотIаби цIуни.

 

Нилъер диналъ щивав бусурбанчиясдаса тӀалаб гьабула кьураб рагIи кквей ва гьабураб къотIи тӀубай. Гьебги ккола Аллагьасукьа хӀинкъулев чиясул гӀаламат.

ТӀадегӀанав Аллагьас хирияб Къуръаналда абун буго (магӀна): «Я, Аллагьасда ва Гьесул Аварагасда ﷺ иман лъурал гӀадамал, Аллагьасда ва цоцазда цебе гьарурал къотӀи-къаялги тӀадал ишалги тӀуразаре». (Сура «Ал-Маидат», аят 1).

Гьеб аят хасаб буго Аллагьасда цере ругел тIадкъаяздаги ва гьединго гӀадамазда гьоркьор гьарурал къотӀи-къаяздаги. Жакъа къоялъ кьураб рагIиги гьабураб къотIи-къайги хвезабулеб буго щибго ургъел гьабичIого. Гьеб сабаблъун божилъиги холеб буго.

Щивав чияс гӀумруялда жаниб гӀемерал къотӀи-къаял гьарула ва хасал ишалги тӀаде росула. Муъминчияс кинаб къотӀи-къай гьабуниги, гьеб шаргӀалъул къануназда данде кколеб батани, тIубазабизе ккола.

Бусурбанчияс МухӀаммад аварагасдаса ﷺ мисал босизе ккола. Авараглъи кьезегIанго гьев лъалаан кьураб рагӀи кколев, божилъи бугев чи хIисабалда. Гьелъие гӀоло гьесие кьуна Амин абураб цIарги.

Авараглъиялъул байбихьуда Маккаялда рукӀарал жиндирго къавмалъ гӀемераб квалквал гьабуниги, гьезулгун гьарурал къотӀи-къаял гьес ﷺ тIуралел рукIана, кигIанго гьез тушманлъи гьабуниги. Тушбабазцин Аварагасухъе ﷺ цIунизе жо кьолаан гьес рекIкI гьабулареблъиги лъан. Аварагас ﷺ къотIи тIубазабиялде кIудияб кIвар кьолаан, жинцаго мисалги бихьизабуна.

Абу Гьурайратица бицана Аварагас ﷺ абунин: «Дуда божилъи гьабурав чиясул аманат тӀадбуссинабе, дуе хиянат гьабурав чиясе хиянатлъиги гьабуге», - ян. (Имам Тирмизи, 1264)

Нилъ хIинкъизе ккола рагIи ккунгутIи, къотIи тIубангутIи мунапикъасул гIамалалдасан кколин хIадисалда рехсон букIиналъ. Бажарулареб батани кьураб рагIи кквезе, кьечIого тезе рекъола.

Аллагьас тавпикъ кьеги гьелъул кIвар гьабизе. Амин!

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...