Аслияб гьумералде

Лъабго гьудул

Лъабго гьудул

НугIман ибну Баширица бицун буго аварагас ﷺ абунин: «Щивав чиясул, вукIа гьев бихьинчи яги чIужугIадан, вуго лъабго гьудул. Ва гьудулзабазул цояс абун буго: «Дун дуда цадахъ вукIине вуго (гьабсагIаталда), щиб бугониги щвезе бокьани дуца гьеб босизе бегьула дихъа, щиб бугониги нахъе тезе бокьани дихъ тезеги бегьула», - ян. Гьев гьудулин абурав ккола чиясул буголъи, жиндир цо бутIа чияс чIаго вукIаго хIалтIизабулеб, хутIараб цогидаб бутIа - ирсилазе нахъе толеб.

 

КIиабилев гьудулас абун буго: «Дун дуда цадахъ вукIине вуго дунялалда дур тIубараб гIумруялъ, амма (Аллагьасда ﷻ дандчIвазе) мун хвалил рагьдухъе щведал, дица мун тезе вуго», - ян. Гьев кIиабилев гьудулин абун рехсолев ккола чиясул лъимал-хъизан ва гIага-божарал. Лъабабилев гьудулас абун буго: «Дун дуда цадахъ вукIине вуго кив мун вугониги, щиб бакIалде аниги, щиб дуца гьабулеб бугониги», - ян. Гьев гьудул кколев вуго чиясул гIамалал» (ТIабарани).

Рехсараб хIадисалда аварагас ﷺ чиясул буголъи, лъимал-хъизан, гIага-божарал (лъикIаб-квешаб батIалъи гьечIого гьарурал) гIамалал релълъинарулел руго лъабго гьудуласда. Цинги баянги гьабулеб буго, инсан ахираталде индал, гьес нахъе толеблъи тIубараб гIумруялъ данде гьабураб магIишат ва гIага-божаралгун лъимал-хъизан. Гьеб сапаралъ цадахъ хутIулеблъун кколеб буго жинца гьабураб гIамал.

Дунялалъул рокъоб нилъеца магIишаталдаса лазат босила, гьединго, гIага-божаралгун хьвадила 60-70 соналъ. Гьелдаса хадуб нилъер иш ахираталъул рокъобе буссина ва Алжаналъул агьлулъунищ нилъ рахъинел яги жужахIалъул гIазабалдейищ ккелелин абураб жо гьанир ругелгIан заманалъ гьабураб лъикIаб-квешаб гIамалалъ борцина.

Цадахъ араб гIамал батани лъикIаб, гьеб букIина Алжаналъул нуцIа рагьизе кIуллъун, квешаб бугони - жужахIалде вачунеблъун. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Дунялалда нужеда кодоб бугеб жо жиб паналъулеблъун букІин хІакъаб буго. (Нужеца дунялалъул рокъоб гьабураб лъикIаб гIамалалъухъ) ахираталда кьезе Аллагьас ﷻ хIадурун бугеб нахъе хутIулеблъун буго…», - ян (Сура «ан-НахIл» 96 аят). Бичасул аварагасги ﷺ абун буго: «Чияс кIвар гьабуларо сундуе гIоло жив вижун вугевин абуралъул, гьес пикру гьабуларо жив вижарав лахIзаталдаса хадуб жиндихъ халккун вугесул (БетIергьан Аллагьасул)», - ин. Гьединлъидал, гьаб дунял, ахираталда дандеккураб мехалъ, цIакъ хехго лъугIулеб, паналъулеб жоги бугелъул, рекъараб гьечIо дагьа-макъаб жоялъе гIоло нилъер букIинесеб хвезабулелде машгъуллъи, гьелъ гуккизе чIей.

Аллагьас ﷻ бичIчIи кьеги щивасе гьеб къоялъ пайда гьабулеб гIамал ккун дунялалъул къоял тIамизе! Амин!

 

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...