Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ махсара

Аварагасул ﷺ махсара

Аварагасул ﷺ махсара

Махсара гIемер гьаби беццараб иш гуро. Гьеб гIемер гьабиялъ инсан вачуна бичIчIунгутIиялде ва гIадамаздаги гьеб рихуна. Гьелъин Аварагасул ﷺ махсара букIараб гьоркьохъеб хIал цIунараб.

 

ГIемер махсараби гьарулев чи гIадамаз рикIкIунаро ва гьелъ ракIги чIунтизабула. Гьединго махсара гьабулеб мехалъ битIараб бицинеги ккола. Нилъеца халгьабуни гIемерисеб махсараялъулъ батула мекъаб, гьересияб жо. Гьединаб махсара исламалъ гьукъана.

Аварагас ﷺ махсара гьабулеб мехалъ битIараб гурони бицунароан. Аварагги ﷺ нилъее мисал босизе бищун рекъав вуго.

МухIаммад ибну Гъайланица бицана Абу Усаматидасан, гьесги Шарикидасан, гьесги ГIасим АхIвалиясдасан, гьесги Анас ибну Маликидасан, Аварагас ﷺ абунин: «Дида Аварагас ﷺ абуна кIиго гIиналъул бетIергьанилан, ай махсара гьабун, кIиго гIин бугев чийилан». 

Аварагас ﷺ гьесда гьедин абуна гьев цIакъ мухIканго Аварагасухъ ﷺ гIенеккулев вукIиналъ. Гьеб махсараги гьабуна гьев веццун.

Бегьулеб махсара ккола шаригIаталъул гIурхъи бахунареб, жинца чиясе квешлъи ва зарал гьабулареб, гьесда хIунсулареб. Рес буго махсара гьабулеб мехалъ бокьулареб жо абизе. Гьебги кIочон тезе бегьуларо.

Цо-цояз абула гьесие бокьичIониги жиндие ургъел гьечIин. Амма гьеб мекъаб пикру буго. Исламалъ гьукъана чиясе бокьулареб жо абизе. 

Абу Гьурайратидасан бицараб хIадисалда буго: «АсхIабзабаз Аварагасда абидал, дуца нижее махсарайищ гьабулебин абун, Аварагас ﷺ абула: «У, амма дица битIараб ва хIакъаб гурони бицунаро», - ян.

АсхIабзабаз гьеб суал кьеялъе чанго гIиллаги букIана. Цо-цоязда ккола аварагзабаз махсара гьабизего бегьулеб батиларилан абун.  Гьелъ Аварагас ﷺ баян гьабуна махсара гьабизе бегьулеблъи, амма битIараб бицун.

Цогидаб хIадисалда буго диналъул вацгун къацандугеян, махсара гьабугеян ва къотIи хвезабулеб жоги кьогеян. Гьеб хIадисалъул магIна ккола кидаго гьабулеб махсара. ГIемер махсара гьабиялъ лъикIалде рачунаро.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...