Суалазе жавабал кьуна имам ШафигIил мазгьабалда рекъон
Суалазе жавабал кьуна имам ШафигIил мазгьабалда рекъон

КIиабилеб ракагIаталде кватIани, рузманалъул как щолищ?
Рузаманалъул как рикIкIуна кIиабилеб ракагIаталъул рукугI щвани. Имамас как бан лъугIидал, кватIарас тIадеги вахъун, кIиабилеб ракагIат бала. Аварагасул хIадисалда буго: «Цо ракагIат рузманалъул щварасе, рузманги щола», - ян. КIиабилеб ракагIаталъул рукугIалде щвечIони, гьесда тIадаб буго къаде каклъун сверизабун ункъо ракагIат базе. Гьесие рузман щоларо, щайгурелъул, кIиабилеб ракагIаталъул рукугIалде кватIун вукIун. КватIарас ният гьабула рузманалъул абун, амма къадекак гIадин ункъо ракагIат бан лъугIизабула. («Мугънил МухIтаж»)
Ислам босарав чиясда тIадаб бугищ цере рачIого рукIарал какалги кIалалги рецIизе? Ислам босизегIан цебе гьарурал лъикIал гIамалазухъ кири щолищ?
Исламалде вачIарасда тIадаб гьечIо купруялда вукIараб заманалда рачIел какалги кквечIел кIалалги рецIизе, гьесул исламалде рокьи цIикIкIинелъун. Гьединго гьесие цере гьарурал лъикIал гIамалазухъ кириги щола. Гьебги ккола ният къваригIунарел гIамалал, масала, садакъа, гIагарлъиялъулгун хурхен гьаби ва цогидабги. Амма исламги босичIого хвани, гьезухъги гьесие кири щоларо. («ТухIфатул МухIтаж»)
ХIайваназул хIундул рахъизе бегьулищ?
Кваназе хIарамал хIайваназул бегьуларо. Кваназе бегьулел хIайваназул бегьула гьитIинго, амма кIудиял гIедал бегьуларо. («Фатава Навави»)
Паризаял каказда церехадур ралел суннатал ратибатал ункъо ракагIат гьабун кидаго разе назру гьабун ругони, сапаралда вугеб мехалъ гьел къокъ гьаризе бегьулищ?
Имам Гъазалияс «ИхIъалда» хъвалеб буго: «Сапаралда вукIунин абун дуца суннатал какал рай къотIизе тоге. Жибго сапаралъул пайдаялдасаги гьел рачIого теялъул зарал дуе кIудияб буго», - ян. Сапаралда къокъ гьаризе бегьула ункъо ракагIаталда ругел паризаял какал. Суннатал какал къокъ гьариялъул хIакъалъулъ «МугIтамад» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Ункъо ракагIатлъун базе назру гьабураб как къокъ гьаби гьечIо, сапаралдаги гьел кIиго ракагIатлъун бан къокъ гьариларо. Къалъул яги бакъанил каказда цере ралел ункъо ракагIаталъул ратибатал гIадал суннатал какалги къокъ гьарун рай гьечIо, гьедин рай шаригIаталда бачIун гьечIолъиялъе гIоло», - ян. («ИтхIаф», «МугIтамад»)
Какилъ, АлхIамалда хадуб, Къуръаналъул сураби кинаб тартибалда цIалилел?
Как балев чиясе суннатаб буго рогьалил ва къалъул какда хадуб Къуръаналъул ахирисеб жузалдаса халатал сураби цIализе, бакъанил ва боголил каказда хадуб гьоркьохъел сураби цIализе, маркIачIулалда - къокъал («Ва аз-зухIа» сураялдаса хадусел) сураби цIализе. Суннатаб буго тартибалда цIализе, ай тIоцебесеб ракагIаталда «ал-Фалакъ» сура цIалани, кIиабилелда «ан-Нас» цIалун.
Гьединго, бегьула кIиго сурагицин цо ракагIаталда цIализе, тIоцебесеб ракагIаталъулъ цIалараб кIиабилелъулъги цIализе, сурабазда жаниса аятал цIалун къокълъизегицин. Цо аят цIалун чIаниги суннат хIасуллъула. Амма рекъараб буго лъабгогIаги цIализе. Халатаб сураялъул бащдаб цIалиялдаса къокъаб сура тIубанго цIалиги хирияб буго. ЖамагIат гьабун балаго, рагIизабун АлхIам цIалулел каказулъ, имамас цIалулелъухъ гIенеккизе суннатаб буго хадуб балесе. Гьес цIалулеб рагIулеб гьечIони, жинцаго цIалила.
Лъабабилеб ва ункъабилеб ракагIаталда сура цIализе гьечIо. Амма имамасе сура, аятал цIаланиги, цIакъго халат гьабунгутIизе суннатаб буго как (Бухари, Муслим). Жеги суннатаб буго кIиабилеб ракагIаталда цIалулелдаса тIоцебесеб ракагIаталда цIалулеб халат гьабизе (гьелъул хIикмат бугинги буго, кватIун вачIунев тIоцебесеб ракагIаталда хадув гъезеян, хасго рогьалил какилъ). Паризаял гурел каказулъ сураби къокъал рукIине суннатаб буго. («МажмугI» «Мугьаззаб» «МугIтамад»)
Мачуязда масхIу чан къоялъ гьабизе бегьулеб?
Рокъов вугев чиясе мачуязда масхIу гьабизе бегьулеб заман цо сордо-къо буго. Сапаралда вугесе лъабго сордо-къо буго. МасхIу гьабулеб заманги байбихьула, гьел ретIун хадуб какичури биххаралдаса. («МугIтамад»)
Ункъго ракагIаталъул паризаяб къалъул как балаго, имам тIоцебесеб АтахIияталъе гIодов чIедал, гьесда нахъа как балев вугев маъмум лъачIого эхеде вахъана ва цинги хех гьабун имамасда нахъвилълъун АтахIияту цIализе гIодов чIана. Дида рагIун букIана тIоцебесеб АтахIияту цIализе какилъ суннатаб бугин ва суннатаб жоялъе нахъвуссинеги бегьуларин. Гьев маъмумасул как бихханищ?
Имам, тIоцебесеб АтахIияту цIализе гIодов чIедал, маъмум гьеб лъачIого сагьвилъун эхедеги вахъун витIун чIани, гьесда нахъвуссун АтахIияту цIализе гIодов чIезе тIалъула, имамасда нахъвилълъиналъе гIоло. Гьев сагьвиллъун гьечIого, гьебги лъалаго, бокьун вахъун ватани, нахъвуссине гьесда тIалъуларо, суннатаб буго. Гьединго буго Магьдинаялъул хIукмуги, ай имам Магьдина цIализе вахъун чIараблъи лъачIого сагьвилъун маъмум суждаялде ани, гьесда эхеде вахъине тIалъула, бокьун, лъан суждаялде ун ватани, нахъвуссине гьесие суннатлъула. («ТухIфат»)
Имам щуабилеб ракагIаталде вахъана ва гьесда хадур ругел киналгоги рахъана, цинги ахиралда имамас сагьвиллъиялъул сужда гьабидал цо-цояз сужда гьабичIого салам кьуна. Гьезул какалъул хIукму щиб?
Имам щуабилеб ракагIаталъе вахъунеб мехалъ, маъмум гьесда хадув вахъине хIарамаб буго, гьесда имам ракагIаталъе вахъунев вукIин мухIканго лъалеб бугони. Гьеб хIалалъулъ гьесда нахъвилълъун, бокьун ва гьеб хIарамаб букIин лъалаго вахъун ватани, гьесул как биххула. Имам тIокIаб ракагIаталде вахъараб мехалъ маъмумас гьесдаса ватIалъизе ният гьабила яги гьев хадув гъезегIан дугIаби цIалулаго чIела, гьедин чIезе ва имамасда хадуб салам кьезе хириябги буго.
Амма имамасда хадув, вахъине бегьулареблъиги лъачIого, маъмум вахъани, гьесул как биххуларо. Цинги ахиралда имамас сужда гьабидал, маъмумасда тIадаб буго нахъвилълъине. Нахъвилълъине тIадаб букIинги лъан, бокьун сужда гьабичIев маъмумасул как батIуллъула. Гьеб хIукму лъачIого нахъвилълъинчIесул как батIуллъуларо. Аллагьасда лъикI лъала. («ИгIанату ТIалибин»)