Аслияб гьумералде

Суал-жаваб

Суал-жаваб

Суал-жаваб

Как бан бахъиндал ратIлида тIад нажас бихьани, гьеб как рикIкIунищ?

 

Имам Нававияс «МажмугI» абураб тIехьалда хъван буго: «Салам кьун хадуб жинда тIад нажас бихьани ва ресги бугони гьеб какилъ букIине яги рес бугони как бан хадуб тIаде бачIине, гьеб мехалъ гьесул как рикIкIуна. Киниги имам ШафигIияс ва шафигIиял мазгьабалъул гIализабаз гьединаб мехалъги как бецIизе лъикIаб бугилан абуна.

Гьесда лъани какилъ нажас букIараблъи, амма как балеб мехалъ халлъичIони, гьеб бакIалда гIалимзабазул хилаф буго. КьучIаб рагIиялда рекъон, как рикIкIунаро. Гьебго хIукму буго нажас жинда тIад бугеблъи лъан, кIочон тун как бани. Щайгурелъул гьес кIарчанлъи гьабун букIиналъ. Киналниги какал рецIизе ккола гьесда якъинго лъани как балеб мехалъ нажас букIараблъи. Амма гьесул щаклъи бугони как балеб мехалъ нажас букIанадай абун, бецIизе кколаро, суннатаб буго бецIизе.

Как балеб мехалъ тIад нажас бихьани, гьесул как рикIкIунаро ва гьеб гьоркьоб къотIизабизе ккола.

Нужеда якъинго лъани как бан бахъиндал нажас ратIлида букIараблъи, гьеб как рикIкIунаро ва цIидасан базе ккола. Кин бугониги щаклъи бугони как балеб мехалъ букIанадай абун яги как бан хадуб бахун батилин абун, как рикIкIуна ва цIидасан базе кколаро. Амма лъикIаб буго бецIизе якъинго, мухIканго как бараблъун букIине.

(«МажмугI», «Мугьаззаб»)

 

 

 

 

БитIараб бугищ васият гьечIого хвани Къиямасеб къоялъ кIалъазе кIоларин абураб жо?

Васият гьечIого хварав чиясда кIалъазе кIоларин абураб жоялъе бачIараб накълу гьечIо. Амма гIалимзабаздасан бицун буго васият хъвачIев чи Къиямасеб къоялъ кIалъаларин ва гьоболлъухъ унарин абураб жо гьеб бугин тIадаб васият хъвазе ккараб мехалъ бугебилан. Васият хъвай суннатаб ва паризаяб букIуна. Масала, чиясул налъи бугони лъиданиги лъалареб, гьес гьеб лъида букIаниги лъазабизе ккола яги васият хъвазе ккола налъи бугин, бецIейин абун.

(«Бугъятул Мустаршидин»)

 

 

Яцалъе бокьун буго эбел-инсул хабада тIугьдул чIезе. ШаргIалда рекъон хабада щиб бугониги

чIезе бегьулищ?

ТIахьазда хъвалеб буго суннатаб бугин хабада гIурччинаб гIаркьел лъезе. Гьедин гьабиги бугин Аварагасда ﷺ нахърилълъинин. Щайин абуни, гьеб гIаркьалица гьабураб тасбихI сабаблъун хварасе хабал гIазаб гьаби бигьалъиялде хьул бугин абун.

Ибну ГIаббасидаса бицараб хIадисалда буго, Аварагас ﷺ, кIиго хабада аскIосан унаго абун бугин пальмаялъул гIаркьел босейин абун. Цинги гьес ﷺ гьеб кIихIиги бекун, хобалда тIад къазабунин. Гьедин гьабиялъул хIикматалдасан цIехедал, гьес ﷺ абуна: «Хьул буго гьаб гIаркьел бакъвазегIан хварасе гьабулеб гIазаб бигьа гьабилин», - абун.

Ибну ХIажарица «ТухIфатул мухIтаж» абураб тIехьалда хъван буго хабада бугеб гIурччинлъи нахъе инабизе яги къотIизе бегьуларин, щай абуни гьеб бугин хварасе жиндаса бугеб пайда къотIизабилъун. Бакъвараб бугони, бегьилин буго.

ХIасил гьабун абуни, хабада чIагоял тIугьдул чIезе бегьула. 

ГIабдуллагь ибну ХIамидица «Муснад» абураб тIехьалда рехсон буго Аварагас ﷺ пальмаялъул гIаркьел хабада лъолелъул хварасул бетIералъул рахъалда лъунин абун.

 

 

Хабалалъги вукъичIого ГIаишатил рокъов Авараг вукъиялъулъ щиб хIикмат бугеб?

Авараг ﷺ вукъун вуго Мадинаялда. Аварагзабазул хаслъиялдасан буго гьел жидер рухI босараб бакIалда рукъи. Ибну Абу-Шайбаца, Абубакар-асхIабасдасан бицун буго: «Аллагьасул ﷻ расул накълулъараб бакIалдаса гьесул ﷺ жаназа добе-гьанибе босичIо», - ян.

Имам Тирмизиясги, «Сунан» абураб тIехьалда, Абубакар-асхIабасдасан бицун буго гьадинаб хIадис: «Дида рагIана Аллагьасул ﷻ расулас абулеб, Аллагьас ﷻ цониги аварагасул рухI босичIин, гьесул жаназа жиндилъ букъизе бокьараб бакIалда гурони», - ян.

Гьеб хIикмат буго Аварагасул ﷺ жаназа хабалалъ букъичIого, жиндирго рухI босараб бакIалда, ГIаишатил рокъоб букъиялъулъ.

 

 

Рос-лъади гIагарлъулелъул цIализе рекъарал дугIаби кинал ругел?

Рос-лъадуца жинсияб хурхен гьабилалде цебе цIализе лъикIаллъун рихьизарурал дугIабаздасан руго: «Бисмиллагь, Аллагьумма жанибна шшайтIана ва жанниби шшайтIана ма разакътана».

МагIна: «Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун байбихьула, Я нижер Аллагь ﷻ, нижедаса шайтIан рикIкIад гьабе, Дуца ﷻ ризкъилъун нижее кьуралдасаги шайтIан рикIкIад гьабе», - абун. Гьаб дугIаялда хурхун Аварагас ﷺ абун буго: «Гьеб дугIа цIалун хадуб гьабураб гьоркьоблъиялдаса лъимер лъугьани, шайтIаналда кIвеларо гьелъие зарал гьабизе», - ян (Бухари).

Имам Гъазалияс хъвалеб буго рос-лъадуца гьоркьоблъи гьабун хадуб гьезие рекъараб бугин, рагIизабун гуреб, абизе:  «АлхIамду лиЛлагьи ллази халакъа минал маи башаран фажагIалагьу насабан ва сигьран ва кана раббука къадиран».

МагIна: «Щибаб рецц Аллагьасе ﷻ буго, Жинца лъедаса инсан вижарав, цинги Жинца гьевги насаблъун ва ригьин гьабилъун гьавурав. Дур бетIергьан вуго Жиндир кинабго жоялде хIалкIвей бугев», - абун.

 

 

КакикьтIамалда яги ратIлида катил расал рукIаго бараб как рикIкIунищ?

Имам Нававияс «Мингьажу ТIалибиналда» хъван буго: «ЧIагояб хIайваналдаса батIалъараб бутIа балканалда релълъун букIуна. Гьоркьоса рахъараллъун ккола гьан кваназе бегьулел хIайваназдаса ратIалъарал расал. Гьел рацIцIадаллъун рикIкIуна.

ШафигIияб мазгьабалъул гIалимчи Димятияс «ИгIанату ТIалибин» абураб тIехьалда хъван буго: «ХIайваналдасан ратIалъарал нажасал расазул цо дагьал расаздасан гьел ратIлида ва черхалда тIад рукIиналдаса гIафву гьабула, болъонил ва гьведул расаздаса хутIун. Дагьаблъунги лъабго расалдасан дагьал расал рикIкIуна», - ян.

Гьелдаса босун, как балев чиясул ратIлида, черхалда ялъуни сужда гьабулаго анкьабго лага лъолеб бакIалда лъабго ялъуни гьелдаса дагьаб рас бугони, гьелдасан гIафву гьабула ва гьедин бараб какги рикIкIуна.

 

 

 

Жаназа чурарав чиясе кьезе бихьизабураб мухь бугищ?

Жаназа чурарав чиясе чIезабураб къадар гьечIо. Жаназа чуризе ккурав чияс чIезабураб къадар гIарцул батичIони ва кьураб жоялдаги гьев рази ватани, гьесие рес рекъараб жо кьела. Амма жаназа чуризегIан цебе гьес цо хасаб къадар гIарцул чIезабидал, жаназа чурун хадуб гьес абун букIараб къадар гIарцул кьезе ккола.

ХатIибу Ширбинияс хъвалеб буго: «Фарзул кифаятлъун жал ругел жаназа къачIаялъухъ, масала, чуриялъухъ, мусру жемиялъухъ, вукъиялъухъ, гьединго, Къуръан малъиялъухъ харж босизе бегьула», - ян.

(«Мугънил МухIтаж»)

 

 

ШаргIалда рекъон шахматал хIазе бегьулищ?

Имам Нававияс «МажмугI» абураб тIехьалда хъван буго: «Жиндаса пайда гьечIеб хIай букIиналъги ва жинде хIажалъи гьечIеб хIай букIиналъги шахматал хIазе карагьатаб буго. Гьеб хIазе хIарамабги гьечIо, амма хIачIого тараб лъикIаб буго», - ян.

(«Ал-МажмугI»)

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


ХвезегIан хьитал ретIинчIев

ЦIар рагIарав гIалимчи Ибрагьим ХIарбияс бицана Бишр бин ХIарисияс абулеб рагIанин: «Нилъедаса ратIаралъарал цо-цо чагIи ракIалде щведал, ракIал чIаголъун рачIуна. Амма руго цо-цо чагIи жал рихьидал гIадамазул ракIал холел», - ян.   Гьаб макъалаялда бицен гьабизе бугевги ккола...


Аллагь ﷻ вацIцIадав вуго

Жакъа нилъеда гIемер рихьула цо-цо чагIи, гIураб динияб лъайги гьечIел, гIараб мацIги лъаларел, амма гIакъидалъул гъваридал суалал гьоркьор лъолел. Гьез цохIо жидерго пикрабазда мугъчIвай гьабула, амма церехун рукIарал ритIухъал чагIазул - салафазул бичIчIи хIисабалда бихьизарула. Цо-цо мехалъ...


НуцIби рагьун рукIаго, гIедегIе

ГIадамаз гIемер ракIалде щвезабула жидерго гIолохъанлъи. Гьел ракIалдещвеял гвангъарал ва рохалилаллъун рихьизе бегьула гIолохъанлъи нилъер къуваталъул ва чIаголъиялъул цIураб мех букIиналъ.   Амма гIолохъанлъиялъул щибаб ракIалдещвеялъ гуро рохел кьезе кколеб. ГIолохъанлъи мунагьазулъ ва...


Рагъухъабазул гIумру хвасар гьабуна

ГIадатияб гуреб ва рекIее асар гьабулеб лъугьа-бахъин ккана СВОялда. Дагъистаналдаса школлъималаз гьабураб ва гуманитарияб кумек хIисабалда битIараб гьиналъ кумек гьабуна тушманасул дроналъ гьужум гьабичIого букIине ва нилъер рагъухъабазул гIумру хвасар гьабизе.    Гьеб кумек щварав...


Инсанасул талихI

ГIужда как бай буго инсанасул бищун кIудияб талихI. Нилъ Аллагьас ﷻ рижун руго гIибадаталъе, гIибадаталъул аслияблъунги буго как. Как байги буго МухIаммадил умматалда цIакъго-цIакъ хасс гьабураб гIамал.   ТIоцебе тIадкъай гьабулелъул как бай букIана къойида жаниб кIикъоялда анцIго базе....