Аслияб гьумералде

Суал-жаваб

Суал-жаваб

Суал-жаваб

Бихьиназе яги чIужугIаданалъе чIегIераб ретIел ретIине суннатаб бугищ?

ЧIегIераб ретIел ретIи суннатаб пишаялдасан кколаро, гьеб ретIине бегьула цогидал кьерал ретIине бегьулебгIадин, хъахIаб ретIел хутIизегIан, гьеб сунатаб буго Аварагасул ﷺ хIадисалда рекъон. ГIалимзабаз абухъе, кидаго чIегIераб ретIел ретIун хьвадизе беццараб гьечIо. Бегьула хъахIал, багIарал, тIогьилал, гIурччинал мухъал ругел, гьединго батIиял кьералги. Гьелъулъ хилаф гьечIо гIалимзабазда гьоркьоб. Нилъеца рехсарал кьеразулъ карагьалъиги гьечIо. Имам ШафигIияс ва гьесул цIалдохъабаз абуна бищун лъикIаб бугин хъахIаб кьералъул ретIелилан, ибну ГIаббасидасан бицараб хIадисалда рекъон.

«ХIашияту Къайлуби» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Кидаго чIегIераб ретIел ретIун хьвадизе, хIатта хьиталцин, лъикIаб пишаялдасан кколаро», - ян. 

(«МажмугI», «ХIашияту Къайлуби»)

 

 

Насвай хIалтIизабун хадуб кIалги ххуличIого ялъуни гьебги чвантиниб лъун бараб как рикIкIунищ?

Лъалеб жо буго хъалияналъги, насваялъги ва гьелда релълъарал цогидал жалазги чорхое зарал гьабулеблъи. Гьел жал хIалтIизариги шаригIаталда мунагьлъун рикIкIуна. Пуланав чи ватани гьединал жалаздаса ватIалъизе кIоларев, гьеб хIалтIизабун хадуб как базегIан цебе гьес кIал ххулизе ккола. Щайин абуни, гьел жалазда гъорлъ буго гIанкIуязул, варанабазул, макказул гIадаб рак, жиб нажаслъилъун рикIкIунеб.

Как балелъул гьел жал цадахъ ругони как рикIкIунаро, как бегьизе ккани шартI буго черх, бакI ва ретIел нажаслъиялдаса бацIцIадаб букIин.

(«Мугънил мухIтаж»)

 

 

Сура «Кафирун» цIализе бегьуларин абулеб рагIула. БитIараб бугищ гьеб?

Сура «Кафирун» ккола Къуръаналъул цогидал сурабиго гIадаб. Гьеб цо-цо какилъ цIализе бихьизабун буго. Кинниги гьеб сура цIализе ккола гъалатI биччачIого. 

(«ТухIфатул МухIтаж», «ХIашияту Ширвани»)

 

 

РатIлиде гIаракъи гIадинаб гьекъолеб жо тIуни, как базе бегьулищ?

Гьеб ретIелгун как базе бегьула тIураб ва аскIоб бакI чурани. Щайгурелъул, гьеб мехалъ тIагIам, махI, кьер хутIуларелъул гьекъолеб жоялъул.

(«ТухIфатул МухIтаж», «ХIашияту Ширвани»)

 

 

Кепалъе гIоло парашюталдаса кIанцIизе ва гьелда релълъарал хIинкъи бугеб жал гьаризе

бегьулищ?

ШафигIияб мазгьабалъул гIалим ибну ХIажар Гьайтамияс «ТухIфатул МухIтаж» абураб тIехьалда хъван буго: «Кваралда тIасан хьвадизе ва борхьалгун расандизе бегьулищ? Бергьараб рагIиялда рекъон бегьула, сах-саламалъи бугони ва цIодорлъиги гьабуни. Гьедин бегьараб мехалда, гьеб гьабулезухъ балагьизеги бегьула.

Закариял Ансарияс «Аснал МатIалиб» абураб тIехьалда хъван буго: «Биххиялда хIинкъи бугеб къадада гъоркьан хьвадизе бегьула зарал гьечIони, ай тIаде бортиялда хIинкъи гьечIони. ГIемерисеб мехалда гамида рекIун хьвадизе хIинкъи гьечIони, гьелда рекIун ине кин гьукъизе бегьулеб?»

Цебе бицаралда рекъон, бегьула хIинкъи ва зарал гьечIони. Гьединго нилъеца зарал ккеялдаса цIодорлъи гьабизе ккола. Щайгурелъул, диналъ гьукъана нилъго балагьалде ккезариялдаса.

(«ТухIфатул МухIтаж», «Аснал МатIалиб»)

 

 

ТIоцебесеб «АттахIият» цIализе кIочон тун тIаде вахъани, как биххулищ?

Какилъ кIиабилеб ракагIаталда «АттахIият» цIализе кIочон тун, лъабабилеб ракагIаталде вахъани яги Магьдина цIализе кIочон тун суждаялде ани, тIадвуссине бегьуларо. Лъан, бокьун тIадвуссани, как биххула.

ЛъачIого яги жагьиллъиялдалъун тIадвуссани, как биххуларо, амма ракIалде щун хадуб «АттахIиятуялдаса» тIаде вахъине яги Магьдина цIализе тIадвуссани, суждаялде ине ккола.

(«ИгIанатул ТIалибин»)

 

 

Иманалъул ункъабилеб рукну щиб?

Иманалъул ункъабилеб рукну ккола Аллагьасул русулазда (илчизаби-аварагзаби) иман лъей.

 

 

Аллагьасул русулазда (аварагзабазда) иман кин лъолеб?

Аллагьасул илчизабазда иман лъола, ай ракI чIезабула, гьел Аллагьас гIадамазда гьоркьоса тIасаги рищун, Жиндир халкъалъухъе дин щвезабизе ритIарал бищунго хириял лагъзал ругин абун.

 

 

Русулал-аварагзабилъун ритIулел гIадамазул шартI щиб кколеб?

Русулал-аварагзабилъун ритIулел гIадамазул шартI ккола, инсаздаса рукIин, узденал рукIин, бихьиназдасан рукIин, жиндир заманалъул, жиндир халкъалъул бищунго хириял, камилал рукIин.

 

 

Илчиясдаги аварагасдаги гьоркьоб щиб батIалъи бугеб?

Аллагьасул   рахъалдасан жиндихъе вахIюги рещтIунев, гьеб халкъалъухъе щвезабеян тIадги къарав вугони, гьев илчи ккола, вахIюги рещтIунев, гьеб вахIю халкъалъухъе щвезабизе тIадги къачIев авараг ккола.

 

 

Авараглъун гьечIев чи илчилъун вукIунищ?

Авараглъун гьечIев чи илчилъун вукIунаро, ай илчизаби аварагзабаздаса тIаса рищун ритIула. Гьединлъидал кинавниги илчи авараг ккола, кинавниги авараг илчи кколаро. Русулал ккола илчизаби, анбияал ккола аварагзаби.

 

 

Аллагьас халкъалъухъе чан русулал (илчизаби) ритIарал?

Цо-цо гIалимзабаз абулеб буго Аллагьас халкъалъухъе ритIарал аварагзабазул рикIкIен 124000 букIанилан, цIикIкIарасел гIалимзабаз гьезул къадар живго Аллагьасда гурони лъалариланги абула. Гьел аварагзабазда гьоркьосаги 313 илчи (русулал) тIаса рищана. Гьединлъидал илчизаби аварагзабаздасаги хириял руго. Илчизабаздаги тIаса рищарал ккола «улул гIазми». Гьелги - МухIаммад, Ибрагьим, ГIиса, Муса, НухI - гьал щуялго аварагзаби руго, Аллагьас киназдаго свалатги саламги лъеги. 

 

 

Авараглъи тIагIат-гIибадат гьабиялдалъун щолеб жойищ?

КигIан тIагIат-гIибадат гьабуниги, яхI бахъун хIалтIаниги щолеб жо гуро авараглъи. ТIадегIанав Аллагьас гьелъие тIаса рищарал хасал гIадамал руго.

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


ХIузуралъул нух

БетIергьанас щивав бусурбанчиясда тIадаблъун гьабун буго сордо-къоялда жаниб щуго как бай. Гьебги ккола диналда жаниб чара гьечIого лъалеб жо. Лъимералъ анкьго сон байгун гьелда как базе малъейин, анцIго сон байдал, кIарчанлъи гьабуни тамихI гьабейинги абун буго Бичасул аварагас ﷺ.   Цоги...


Щал кколелали бихьизабуна

Нилъер диналда жаниб кутакаб бакI кколеблъун буго аманат, божилъи гьабураб тIубазаби, ритIухълъи цIуни абураб иш. Гьебги гIицIго гьабулеб гIадатияб ишалда хурхин гуреб, муъминчиясул гIумруялъул Аллагьасулгун ﷻ жиндир бугеб гьоркьоблъиялдаса байбихьун ва хIатта хIайваназул ургъел гьабиялде щвезегIан...


ЦIар кинаб лъелеб?

Гьабун анкьабилеб къоялъ лъимералда цIар тезе суннатаб буго. Реххараб лъимералда рухI лъун букIун батани, гьелдаги цIар тезе суннатаб буго. Реххараб лъимер васищ яги ясищали батIа бахъизе лъачIони, кIиязего бегьулеб цIар лъела, масала, ТIалхIат, ХIамзат, Майсарат гIадал. Реххараб лъимералда...


ХIасил щиб ккараб?

АлахIамдулиллагь, щибаб рецц Аллагьасе ﷻ, ракI бохулеб, черхалъе гьайбатаб асар гьабулеблъун букIана риидалил гIодоркъоязда Къуръан цIализе, как базе, тIабигIат берцин гьабизе, дарсазде хьвадун, лъималаз мажгитал цIун рукIараб заман.   Лъимал руго нилъер берзул канлъаби, рухI кьунги гьезие...


РабигIул аввалалъул хIурматалда

ЦӀунтӀа районалъул Гьинухъ росулъ тӀобитӀана баракатаб рабигӀул аввал моцӀ тӀаде щвеялда бан мажлис. Дунялалъул бусурбабазе гьеб моцӀ ккола хасаб рухӀияб цӀилъиялъул заманлъун. Муъминзаби мажгитазда ва рокъор данделъула Аллагьасе рецц гьабизе, Аварагасде ﷺ салават битIизе, гьесул гӀумруялъул...