Аслияб гьумералде

Суал-жаваб

Суал-жаваб

КIал биххизабуларел жал щал?

  1. КIочонги тун квана-гьекъани.
  2. Чвердани (магIазукъалахъе, гIундузухъе ва щокъронибе лъим инчIони).
  3. Берцинал махIал гьари.
  4. Убачал гьари.
  5. Макьилъ гукки.
  6. Диалез гьабиялъул процедура.
  7. Регьунеб (питательнияб) укол.
  8. Инсулиналъул укол.
  9. Ччорбазда ва бидурихьазда укол.
  10. ХIал гьабичIого бачIараб лагIи.
  11. Крем бахин.
  12. КIутIбузда бахунеб бальзам.
  13. Макияж гьаби.
  14. Беразде тIинкIулеб дару.
  15. Донорлъи гьабун би кьей.
  16. ХIижама гьаби.
  17. БацIцIадаб хIацIу къулчIи.
  18. Кванил татуялъул хIалбихьи гьаби, къулчIичIого.
  19. Кьижи (сахаб къоялъ кьижаниги).
  20. ГIусал къачIай ва гIус бахъи.
  21. Цаби чури.
  22. Наркоз гьаби.
  23. Наушникал рай (гвангвараялъул ракьа бахунеб гьечIони).
  24. Лъан, бокьун батIи-батIиял махIал сунтIи.
  25. Сивак бахъи.
  26. Как бачIого тей (инкар гьечIони).
  27. КухIлу (сурьма) беразда бахин.
  28. РагIа-ракьанде щвезабичIого мегIер-кIал хули.
  29. Мазью, вадью бачIин (гIавраталдаса бачIунеб лъамалъи).

 

 

 

 

КIал биххизабулел жал щал?

  1. Хъалиян цIай.
  2. Дару жубан гьарулел инголяциял ва спреял.
  3. Цере-нахъа лъолел медицинаялъул свечаби.
  4. ХIайз, нифас. Мани бачIинаби.
  5. Жундуз кквей, гIантлъи.
  6. Куфруялде ккей.
  7. Гастроскопия (шланг къулчIи).
  8. Клизма гьаби.
  9. КIалдиса ва магIазукъалахъа мазок боси, ай гьелъул гъварилъудаса.
  10. Рос-лъадул жинсияб гьоркьоблъи (къад заманалда).
  11. ГIундузде дару тIинкIи (гвангвараялъул ракьа бахани).
  12. Дару гьекъей.
  13. ЛагIи бачIинаби.
  14. Лъан, бокьун ахту къулчIи.
  15. ЧIужугIаданалъул гIавраталъул УЗИ гьаби.

 

 

 

Рамазан моцӀалъ кӀал кквезе ният гьабизе кколищ?

Киналго мазгьабазул гӀалимзаби тӀадрекъон руго ният гьаби тӀадаб букӀиналда. ХӀанафиязул гьитӀинабго къокъаялъ гурони дагӀба баларо рамазан моцӀалъ ният тӀалаб гьабуларин абун.

 

 

КӀал кквезе ният кида гьабизе кколеб?

Имам ШафигӀиясул, Маликил, АхӀмадил мазгьабазда рекъон, ният гьабизе заман щола бакъ тӀерхьаралдаса (маркӀачӀул как базе байбихьиялдаса) рогьинегӀан (рогьалил как ахIизегIан) гьоркьоб. Имам Абу ХӀанифал мазгьабалда рекъон, метер кӀал кквезе ният гьабизе ккола къаси, амма кӀочон тани яги санагIалъи ккечIони, кӀал кколеб къоялъ къаде как базегIанги гьабизе бегьула.

 

 

 

Щибаб кIалалъейищ ният къваригIунеб ялъуни моцIалъул байбихьуда гьабунийищ гIолеб?

ШафигIиясул, Абу ХIанифал ва АхIмадил мазгьабазда щибаб кIалалъе ният букIине тIадаб буго. Имам Маликил мазгьабалда моцIалъул байбихьуда гьабуниги гIей гьабула.

 

 

 

Нилъер Аварагасе ﷺ чан соналъ кIал кквезе щвараб?

Нилъер Аварагасе ﷺ кIал кквезе рес щвана ичIго соналъ.

 

 

 

 

МаркIачIул как ахIизе цо чанго минут хутIидал, чIужугIаданалъул хIайиз бачIани, гьелъул кIал холищ?

ХIайиз бачIиналдалъун чIужугIаданалъул кIал хола ва бецIизеги тIалъула.

 

 

 

Лъималазда кIал кквезабизе тIалъулищ?

КIалкквей бегьизе ккани шартI буго гьев чи бусурбанав, гIакъилав (лъикIаб-квешаб батIабахъизе лъалев) ва гьеб кквеялдаса нахъчIвалел (чIужугIаданалъул хIайиз-нифас, кIотен, жундуз кквей гIадал) гIузрабаздасан рацIцIадал рукIин.

Лъималаз анкьго сон баралдаса гьеб кквеялдалъун амру гьабила. АнцIго соналъул гIумруялде рахиндал, как теялдаго релълъун, гьеб теялдалъунги кьабила.

(«Фикъгьул Мингьаж», 1 бутIа, 339 гьум.)

 

 

 

КIал кквеялъул камилаб ният гьабулеб куц лъазе бокьилаан?

КIал кквеялъе камилаб куцалъ ният гьабизе бокьарав чияс гьабила гьадин: «Дица ният гьабуна метер кIал кквезе гьаб соналъул рамазан моцIалдаса, фаризаяб тIобитIун ТIадегIанав Аллагьасе».

Рамазан моцIалъул тIоцебесеб сордоялъ тIубараб моцIалъе ният гьабулес гьадин гьабила: «Дица ният гьабуна имам Маликиде такълидги гьабун гьаб рамазан моцIалъул киналго къояз фаризаяб кIал кквезе, тIобитIун ТIадегIанав Аллагьасе».

Рамазан моцIалъул кIал кквезе къаси ният гьабизе кIочарас радал гьабулаго гьабила: «Дица ният гьабуна имам АбухIанифатиде такълидги гьабун жакъа кIал кквезе, гьаб соналъул рамазан моцIалдасан, фаризаяб тIобитIун ТIадегIанав Аллагьасе».

 

 

 

 

Къасиго черх чуризе тIалъунги букIаго радалалде щвезегIан чвердей нахъбахъун хутIани, кIал рикIкIунищ?

РикIкIуна, амма рогьиналде, ай кIал кквелалде цебе чвердезе лъикIаб буго. Гьебго хIукму буго цогидаб къагIида сабаблъун черх чуризе кколезе. Масала, къаси чIужугIаданалъул хIайиз къотIани, гьеб кIал рикIкIуна черх чуричIониги.

 («Мугънил МухIтаж», 2 бутIа)

 

 

 

Тохтурзабаз кIал кквезе бегьуларин абичIони, нилъецаго унти бугинги абун кIал кквечIого тезе бегьулищ?

Унтиялдалъун кIал кквечIого тезе ккани, Аллагьасукьа ﷻ  хIинкъарав кIиго бусурбанав тохтурас нугIлъи гьабизе ккола кIалкквеялдалъун гьев инсанасул чорхое зарал кколеб бугин абун. Гьединлъидал унтун вугиланги абун, жинцаго хIукмуги къотIун кIал кквечIого тезе инсанасе рес гьечIо. Гьединал гIадамаз унти тIаса индал риччарал кIалал рецIизеги ккола. КIал кквеялдалъун хвеялда ялъуни цониги лага хIалтIунгутIиялда хIинкъи бугони, кIал биччазе тIадаб буго.

 

 

 

 

ХIайизалда йигей чIужугIаданалъе рамазан моцIалъ, цогидаз кIал ккун букIаго, кваназе бегьулищ?

Кваназе бегьула, амма гIадамазда цее кваначIого чIараб лъикIаб буго.

2026-07-15 (Сафар 1448 с.) №14.


Ингердахъ - руччабазул мадраса рагьана

Гьал къоязда мадраса рагьиялда хурхун рохалилаб мажлис тIобитIана ГIахьвахъ районалъул Ингердахъ росулъ.   Мунагьал чураяв Цевехъанил вас АхIмадица, жиндирго инсул букIараб мина кьуна мадраса базе. Гьеб цIигьабун базе хIаракат бахъана гьелъул байбихьуда имамлъун вукIарав Къурбанил...


Луганскиялда тӀобитӀана диназда гьоркьосеб гӀолилазул форум

«Халкъазул цолъи - улкаялъул къуват» абураб гӀолилазул форум тӀобитӀана Луганскиялда. Гьеб гӀуцӀана Дагъистаналъул муфтияталъ исламияб культураялъул фондалъул квербакъиялдалъун. Россиялъул Федерациялъул батӀи-батӀиял регионаздаса рачӀарал гӀахьалчагӀаз, гьезда гьоркьор бусурбабазул ва...


ГIайна ХIамзатовалъе кьуна ХӀурматалъулаб грамота

Жигараб хIалтIухъ ва хасаб рагъулаб операциялъулъ гӀахьаллъаразе гьабураб кумекалъухъ ХӀурматалъулаб грамота кьуна ДРялъул ЖамгӀияб палатаялъ ДРялъул муфтиясул гӀакълучIужу  ХӀамзатова ГIайнае. Гьеб шапакъат кьуна Дагъистаналъул ЖамгӀияб палатаялъул председатель Черкесов ГӀазизбекица, хасаб...


НухIил тIупан

НухӀ аварагасул заманалда тIолабго дунялалдагойищ тIупан тIун букӀараб? ГӀемерисел гӀалимзабазул ва Къуръаналъул тафсирчагӀазул пикруялда рекъон, тӀолабго дунялалдаго тIупан тIун букӀун буго. Гьелъие далил хӀисабалда гьез рачана гьеб лъугьа-бахъиналъе сипат гьабулел аятал.   ТIадегIанав...


Сахлъиялъе зарал гьечIеб тIагIам

Инсанасул сахлъи бараб буго квана-гьекъолеб жоялда. Гьаб заманин абуни буго кванилъ химия гIемерлъараб мех. Гьединлъидал цIакъ захIмалъулеб буго экологиялъул рахъалъ рацIцIадал кванил нигIматал ралагьизе. Ленинкет поселокалда гIумру гьабун вугев Шамил районалъул Гьоориса ХIасаница рагьун буго...