Аслияб гьумералде

Суал-жаваб

Суал-жаваб

Суннатаб кIал ккун букIаго рос-лъадуца жинсияб хурхен (жимагI) гьабуни щиб букIунеб? КIиго моцIалъ тIатIала кIал кквезе кколеб кафарат бахъизе тIалъулищ?

Суннатаб кӀал биччазе бегьула, гьеб бецӀизеги тIадаб гьечIо, жинсияб гьоркьоблъиялдалъун биххун батаниги. Кин бугониги, суннатаб кIалги биххичIого тезе лъикӀаб букӀуна.

Имам ат-Тармасияс хъван буго: «Суннатаб кIал яги цогидаб паризаяб гуреб гIамал гьабизе лъугьарав чиясе ихтияр кьола шаригIаталъ гьеб къотIизабизе, хIеж яги гIумра хутIун. Гьединго кьучIаб хIадисалда буго: «Суннатаб кIал ккун вугев чи, гьев вуго жиндир напсалъул амир (бетIергьан), гьесие бокьани кквела, бокьичIони биххила», - ян.

(«ХIашияту Тармаси» 5 бутIа, 820 гьум.).

Имам Багъавияс хъван буго: «Рамазан моцӀалъул хутIараб кӀал бецӀун яги, пуланаб ишалдалъун гIакIа тIалъун, гьелъул бакIалда, кафараталъе кӀал кколеб бугони, гӀилла гьечӀого яги кинаб бугониги гӀиллаялдалъун, хIатта жинсияб гьоркьоблъиялдалъун батаниги гьеб хвезабуни, гIакIа (кафарат) гьечIо. ГIакIа бачIуна гӀицӀго Рамазан моцӀалъулъ ккун бугеб паризаяб кӀал жинсияб гьоркьоблъиялдалъун хвезабураб мехалда», - ян.

(«Ат-Тагьзиб фи фикъгьи имам ШафигIи» 3 бутIа, 183 гьум.)

 

 

Какилъ вахъун чIезе хIалкIолеб гьечIони, щиб гьабилеб?

Вахъун чIун как базе бажаричIони, къулун вукIаго бала, гьединги бажаричIони, гIодовги чIун бала, гьединги бажаричIони, кваранаб хьибилалда яги квегIаб хьибилалда вегун бала, гьединги бажаричIони, чехьатIаде, гьумерги хIатIазул жанисел рахъалги къилбаялдехунги руссинарун, бетIералъ ишараги гьабулаго бала. Гьеб хIалалъги бажаричIони, бераз ишара гьабунги бала. 

(«ИгIанатул ТIалибин»)

 

 

 

ГIагарав чи хвани, шаргIалда рекъон, чан къоялъ зигара гьабизе кколеб?

Ибн ХIажар Гьайтамияс «ТухIфатул МухIтаж» абураб тIехьалда хъван буго: «Росасе аралъеги инчIелъеги бегьула лъабго къоялъ чIегIербазе, гIагарав яги чияр чи хведал. Рос хварай гIаданалъ ункъо моцIалъгун анцIго къоялъ базе ккола чIегIер.

ХIадисалда рекъон, гьеб заманалдаса цIикIкIун чIегIер базе хIарамлъула, щайгурелъул, гьелда жаниб хIукмуялда разилъи гьечIолъи загьир гьаби букIиналъ», - абун. 

ШаригIаталда рекъон, пуланав чи хвараб мехалда, рос хварай чIужугIаданалда чIегIер базе тIадаб гьечIо, хIатта суннатабцин гьечIо, рос хведал гурони. 

(«ТухIфатул МухIтаж»)

 

 

 

Къуръан вегун цIализе бегьулищ?

Къуръаналда ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хириял чагIилъун рехсана жидеца Аллагь ﷻ рахъунчIун, гIодорчIун, регун рехсолел. Къуръан цIалиги Аллагь рехсей кколелъул, къварилъи гьечIо вегун цIаланиги.

Имам Муслимица ГIаишатидасан бицараб хIадисалда буго, Аварагас ﷺ жиндир накабаздаги ваччун Къуръан цIалулеб букIанин жий хIайизалда йикIаго. Гьелдаса босун имам Нававияс абуна, Къуръан вегун, яги цо жоялда ваччун цIализе бегьулилан.

Кинниги рекъараб ва адабалдасан буго, кIварабгIан мехалда, накабазда чIун, берцинго, Къиблаялде вуссун цIализе.

(«ШархI СахIихIу Муслим»)

 

 

 

Хабалалъ кIалгьикъи гьабиялъул гIазаб рухIалъеги черхалъегийищ гьабулеб яги цохIо рухIалъийищ?

Гьениб гIазаб гьабиялъул ва бигьалъи гьабиялъул хIакъалъулъ гIемерал хIадисалги Къуръаналъул аяталги руго. Гьелда божизе ва къабул гьабизе тIадаб буго щивав бусурбанчиясда.

ГIемерисел гIалимзабазул рагIиялда рекъон, хабалъ кIалгьикъи букIуна черхалъегун рухIалъе цадахъ. Амма цо-цо гIалимзабаз, масала, ибн ХIажар ГIаскъаланияс рикIкIунеб буго рухI черхалъул тIасияб рахъалде гурони буссунарин. Бергьараб рагIиялда рекъон, хварав чиясул кинаб мацI батаниги, гьелда рекъон гьабула кIалгьикъиги. 

Хварав чиясул хIисаб-суал гьабула гьесул жаназа хабалъ букъун бугониги гьечIониги. ХIисаб-суал гьабулеб мехалда гьесул рухI, гIакълу, ай кинабго тIадбуссинабула. Хварав чийилан нилъеца абула, гIумру гьабиялдаса гьев махIрумлъун вукIиналъ.

ХIисаб-суал гьабуларо аварагзабазе, шагьидзабазе ва, бергьараб рагIиялда бан, вализабазе.

(«Жавгьарату тавхIид»)

 

 

 

Хварасул жаназа хабалъ лъелалде, ай цоги бакIалдаса бачIунеб букIун, хварасул гIагарлъиялда зигара гьабизе бегьулищ?

Имам Нававияс хъван буго, зигара гьабиялъул пайда бугила Аллагьасдехун руссин ва гьелъухъ ажру-кириги хIасуллъи. Гьеб гьабизеги лъикIаб буго цо нухалъ, гьабизеги беццула хварасул жаназа букъун хадуб.

Хварасул гӀагарлъиялъе хвел цӀакъго рекӀелда унтун батани ва ками хӀехьезе захӀматги букIин бихьани, хварав чи вукъилалдего зигара базе рекъараб букӀуна, щайин абуни захIмалъи тIаде бачIаразе сабру кьей бищунго хӀажат бугелъул гьеб тIаде щвараб заманалда. («Азкар»)

Зигара гьабизе бихьизабураб заман буго лъабго къо. Гьелдаса хадуб зигара гьабун тагIзият халат бахъинаби шаригIаталда бихьизабун гьечIо. Цо-цо гIалимзабаз бихьизабураб кинниги, лъабго къоги рикIкIуна инсан хвараб заманалдаса хадуб. Руго гIалимзаби хварасул жаназа букъун хадуб байбихьулин гьеб лъабго къойин абуралги.

Хварасул агьлуялъе зигара гьабун ракI-макI гьаби цӀакъ кӀвар бугеб иш ккола. Зигара гьабизеги бегьула хварасул жаназа букъилалде, букъун хадуб, рокъоб яги хабада, хъван кагъат битIунги: инсан хваралдаса лъабго къоялда жаниб. БатIияб бакIалдаса вачIарасе бегьула лъабго къо ун хадубги гьабизе. («ФатхIул жавад», «Нигьаят»).

ТагIзият гьабулеб заманалда рекъараб буго сабруялде кантIизарулеб калам гьабизе, хвел щивасде бачIунеб хIакъаб жо букIиналъул бицине, Къуръаналдаса сураби цIалун, гьелъул кири хварасе кьун дугIа гьабизе.

ГӀагарав чи хвей ккола кӀудияб хӀалбихьи, захIмалъи. Бугониги, гьеб заманалда чияс цIунизе ккола шаргIияб нух, бегьуларо сабру тIагIун, чIвачIвадун, иманалдаса рахъарал жал гьаризе ва абизе.  ГӀумруялъул захӀматал къояз щивав чияс ракӀалда чӀезабизе ккола жиндирго иман, цIунизе ккола бусурбабазул хасият.

ГIемер такрар гьабизе рекъола «Бакъарат» сураялъул 156 аят. Гьениб ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абун буго жинца хIалбихьи гьабизе бугин. Цинги жидеца «Инна лиЛлагьи ва инна илайгьи рражигIун» (киназулго рачIин Аллагьасдасан ﷻ буго ва ахир руссинги Гьесдего буго) абурал рагIабиги такрар гьарун, сабру гьабуразда «Гьел руго жидее БетIергьанасул салават ва рахIмат бугел ва гьел руго битIараб нухда ритIун ккарал», - абун рохел бицунеб буго.

ХIадисалда буго, Аварагас ﷺ жиндирго ясалда зигара гьабунин гьелъул лъимер хвараб мехалда: «Унгоги, Аллагьасе ﷻ буго Гьес нахъе босараб, Гьес кьураб ва щибалъе Гьес бихьизабураб заманги буго…, гьелъ (дуца) сабру гьабе ва Аллагьасдаса ﷻ ажру-кири щвеялде хьулги букIа», - ян. (Бухари Муслим)

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Рокъоб мавлид гьабиялъул даража

Абубакр Сидикъас абуна: «Мавлидалъе цо диргьам жинца кьурав чи Алжаналъув дир гьалмагъ вуго», - абун.   ГIумарица абуна: «Аварагасул ﷻ мавлид жинца кIодо гьабурав чи, ислам чIаго гьабурав чи вуго», - ян. ГIусманица абуна: «Мавлид цIализе цо диргьам жинца кьурав...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Лъимер хьихьизе бачине бокьун буго     Дир йикIана яс. Гьей унтана ва къадаралда щвана. Гьеб ками цIакъго захIмалъана. Лъимер гьабулеб ригьалда гьанже дун гьечIо, амма лъимер хьихьизе бачине бокьун буго. Аллагьасда ﷻ цебе гьеб лъимер дирлъун лъугьунищ?   Ш.,...


Мавлидазул моцI

ТIадегIанав Аллагьас нилъер умматалъе кьураб кIудияб рахIматалдасан ккола нилъ МухIаммад аварагасул ﷺ умматалдаса гьари. Нилъ гьесул умматалдаса Аллагьас ﷻ гьариялдалъун гьевги кIодо гьавун, нилъее кьуна гIемерал бигьалъаби, цересел умматазе рукIинчIел.   Масала, Муса аварагасул шаргIалда...


ЦIар кинаб лъелеб?

Гьабун анкьабилеб къоялъ лъимералда цIар тезе суннатаб буго. Реххараб лъимералда рухI лъун букIун батани, гьелдаги цIар тезе суннатаб буго. Реххараб лъимер васищ яги ясищали батIа бахъизе лъачIони, кIиязего бегьулеб цIар лъела, масала, ТIалхIат, ХIамзат, Майсарат гIадал. Реххараб лъимералда...


Пашманлъи тIаса инабулеб

ТIадегIанав Аллагьас инсанияталъе гIемерал нигIматал рижун руго. Хирияб Къуръаналда хъван буго (магIна): «Гьев инсан кин валагьуларев Аллагьас ﷻ жиндие ризкъилъун кьун бугеб батIи-батIияб тIагIамалде». (Сура «ГIабаса», 24 аят).   Гьел нигIматазул цояб ккола хъабахъ....