Аслияб гьумералде

Суал-жаваб

Суал-жаваб

Суал-жаваб

ХIежалъ гIисинал ва чIахIиял мунагьал чурулищ?

ГIемерисел гIалимзабазда аскIоб хIежалъ гIисинал мунагьал чурула, амма кIудиял мунагьал ва гIадамазул хIукъукъал чуруларо.

Бухари ва АхIмадица бицараб хIадисалда буго: «ХIеж гьабураб мехалда жинца абичIони квешаб рагIи ва гьаричIони фискъуялде кколел жал, гьев чи вацIцIалъула мунагьаздаса эбелалъ гьавурав гIадин», - ян.

Къази ГIиязица абуна: «Агьлу-суннат тIад рекъон буго чIахIиял мунагьал чурулин цохIо тавбуялъин абураб каламалда. Гьел чуризе ккани, тавбуги гьабизе ккола шурутIалги тIуран».

(«Фатава МугIасират»)

 

 

Къурбаналъе хъураб жо цо бакIалдаса цогидаб бакIалде кьезе бегьулищ?

«Нигьаятул МухIтажалда» хъван буго хъураб бакIалдаса цогидаб росулъе яги шагьаралде босизе, ай кьезе бегьуларин, закагIат бегьуларебго гIадин. «ХIашияту гIала Нигьаятил МухIтажалда» Шибрамаласияс абун буго: «Гьеб мутIлакъго нахъчIвала цогидаб бакIалде кьезе. Суннатаб яги тIадаб букIа», - ян.

Суннаталдасан бугеб мурад буго, садакъаде кьезе кколеб жо накълу гьабичIого тей. Гьелдаса бичIчIула садакъаде кьолеб жоги кьун, хутIараб бокьараб бакIалде босизе бегьулеблъи.

(«Нигьаятул МухIтаж»)

 

 

 

Къурбан хъвеялъе ният кин гьабилеб?

Къурбан хъолеб мехалъ ният гьабила: «Дица ният гьабула дирго черхалдаса яги дун вакил гьавурав пуланав чиясдаса суннатаб къурбан хъвезе, Аллагьасе гIоло, Аллагьу акбар», - абун.

Назру гьабун бугони, абила: «Дица ният гьабула дида назру гьабураб къурбан хъвезе (пуланасдаса яги жиндасаго) Аллагьасе гIоло, Аллагьу акбар», - абун.

Ниятги гьабизе ккола къурбан хъолеб гIужалъ.

 

 

 

Къурбан хъвезе тIадабищ бугеб яги суннатабищ?

Къурбан хъвей ШафигIиясдаги, АхIмадидаги, Маликидаги аскIоб муаккадаб суннат ккола, ай кIвар кьун тIадчIей гьабизе кколеб суннат. АбухIанифада аскIоб къурбан хъвей шагьаразда, росабалъ гIумру гьабун ругел гIадамазда тIадаб буго («РахIматул уммат», гь. 84). Амма АбухIанифада аскIоб гьеб тIалъизе ккани, закагIат бахъизе гIураб бечелъи букIине ккола. ГьечIони, суннатлъула гьесул мазгьабалдаги. Гьединго, гьесда аскIоб къурбан хъвей суннатлъула сапаралда вугев чиясеги.

(«Фикъгьул ислами ва адиллатугь»)

 

 

Рукъалъул щивав чиясищ къурбан хъвезе кколеб яги цояс хъуни тIаса кколищ цогидаздаса?

ШафигIил мазгьабалда цо чияс жиндирго рукъалъул агьлуялъул, ай жинца хьихьизе кколел чагIазул цоясдаса къурбан хъуни, киназдасаго суннат тIубараблъун рикIкIуна. Цо чи гурони рукъалъул ватичIони, гьесие жиндиегоги суннатлъула къурбан хъвезе. Масала, цо чиясул рукъалъул агьлуялда анцIго чи ватани, гьез гIиялъажоги хъуни, гьел киназулго суннат тIубала. Цоги, анцIго рукъ бугони, щибаб рокъов цо-цо чиги вугони, ай жидер агьлу гьечIел, гьезул суннат тIубазе ккани, гьез анцIго гIиялъажо хъвезе ккола.

Рукъалъул киназулго суннат тIубалилан абураб рагIул магIна кколаро рукъалъул щивав чияс цо-цо гIиялъажо къурбаналъе хъураб гIадин гьезие кири щолин абураб. Нужеца щай суннат тIубачIебин гьезда кIал гьикъизе гьечIин абураб магIна ккола гьелъул, ай къурбан хъвечIого теялъул карагьалъиялдаса гьел рорчIула. Щай абуни, гьеб рукъалъул агьлуялъ исламалъул гIаламат загьирлъулеб жо гьабун бугелъул. Гьединлъидал, рукъалъул агьлуялъул щивав чиясдаса къурбан хъвезе рес бугони, щивасдаса цо-цо гIиялъажо хъвезе суннатаб буго. Рукъалъул агьлуялъ цо гIиялъажо хъолеб бугони, ният цоясдаса хъвезеян гьабизе ккола, амма кириялъулъ киналго гIахьал гьаризе бегьула. Гьаб суалалъулъ цо рукъалъул агьлуйилан абураб жоялдаса мурад буго, масала, цо чиясул чIужу, гIисинал лъимал, гIажизал эбел-эмен, балугълъарал, амма гIажизал, гIантал лъимал, ай гьев чиясда шаригIаталъ хьихьизе тIадаллъун гьарунщинал гIадамалин абураб.

 

 

 

Чан сон бараб букIине кколеб къурбаналъе хъолеб хIайван?

Къурбаналъе бегьизе ккани, варанидул щуго сон тIубараб букIине ккола. ЧIегIерхIайваназулги цIцIаназулги кIиго сон тIубараб букIине ккола. ГIиялъажоялъул цо сон тIубараб букIине ккола ялъуни анлъго моцIги тIубараб, цереса цабиги рортараб букIине ккола. Къурбаналъе хъолеб хIайван гьаналъе мукъсанлъи гьабулел гIайибаздаса бацIцIадаб букIине ккола. Масала, цIакъго хIалакъабги бегьуларо, цIакъго рекъабги, цIакъго беццабги, цIакъго унтарабги бегьуларо, гIинзул цо бутIа къотIарабги бегьуларо, хъвалхьараб бегьула. Имам АбухIанифалги имам Маликилги мазгьабалда гIиналъул лъабго бутIа гьабун цо бутIагIанасеб къадар къотIараб бугониги, гьебги бегьула. ГIундузул цо бутIа къотIараб гурони щолеб гьечIони, кIиявго имамасда нахъги рилълъун, гьебги хъвезе бегьула Къурбаналъе. ГIундул рорлъарабги, лълъурдул гьечIебги бегьула, балъ (суй) гьабурабги бегьула. ГIантаб, хъирис бараб бегьуларо, къинаб бегьулариланги абула.

 

 

Къурбан хъвеялъул гIуж щиб?

Къурбан хъолеб гIуж байбихьула ГIидалъул къоялъ, хочол къадаралъ тIаде бакъ бахун хадуб, гьеб ккола бакъул тIогьиллъиги ун, бакъ хъахIлъараб заман, гьелдаса байбихьун ГIидалъул къоялъги хадусеб лъабабго къоялъги къурбан хъвезе бегьула.

Ахирисеб къоялъул маркIачIул гIужалда къурбан хъвеялъул заман лъугIула.

 

 

Къурбаналъул гьанада щиб гьабизе кколеб?

Хъураб къурбан назру гьабураб бугони, гьеб хъурасги, гьес хьихьизе кколел чагIазги кваназе хIарамаб буго, кванараб жоги мискинзабазе бецIизе ккола, къимат кьунги, кванараб къадар кьунги. Амма суннатаб къурбаналъул цо бутIа яги гьанал кесек мискинзабазе гIатIгояб хIалалда кьезе тIадаб буго, хутIараб гьан хъурасги, гьесул агьлуялъги кваназе бегьула, бакъвазе базеги бегьула. Лъабил цо бутIа мискинзабазеги кьун, цоги лъабил бутIа жинцагоги кванан, цоги лъабил бутIа сайгъат гьабуни, гьебги хирияб буго. ТIулалдаса кIиго-лъабго лукъмаги кванан, хутIараб кинабго садакъаде кьезе суннатаб буго. Сайгъат гьабун бечедазе кьураб гьан гьез бичизеги хIарамаб буго, мискинзабазе садакъа гьабураб гьан бичизе гьезие ихтияр буго. Белъун гьангун, гьеб кваназе гIадамал ахIизеги бегьула. Хъураб жоялъул тIом, квас садакъаде кьезеги бегьула, сайгъат гьабизеги бегьула, жинцаго какикь тIамун пайда босизеги бегьула, амма бичизе хIарамаб буго.

 

 

 

Къурбан жинцагойищ хъвезе кколеб яги цоги чиясде тIамун тезе бегьулищ?

Къурбан жиндасаго хъолеб бугони, жиндирго квералъ хъвезе суннатаб буго, жинца хъвечIони, хъолеб гIужалда аскIов вахъун чIезе суннатаб буго. Нилъер хирияв аварагас ﷺ Аллагь ﷻ разилъаяй жиндирго яс ФатIиматида абуна:

 «Мун тIаде яхъа, дурго къурбаналда аскIой яхъун чIа, гьелъул тIоцебесеб бидул тlири тIинкIараб мехалъ дур церехун арал мунагьал чурула», - ян. ХIадис бицана ХIакимица кьучIаб иснадалдалъун.

Хъвезе цоги чи вакил гьавулев вугони, ният гьаби вакиласде тIамизеги бегьула. ГIиялъажо хъолеб бугони, ният цо чиясдасан гурони гьабуларо. ЧIагояв чиясдаса къурбан хъвезе бокьани, гьесул изну къваригIуна, изнуго гьечIого чIагояв чиясдаса хъураб къурбан къурбанлъун букIунаро.

 

 

 

Кинаб хIайван хъвезе бищунго хирияб бугеб?

Къурбаналъе бищунго хъвезе хирияб варани буго, хадуб – чIегIерхIайван ва хадуб - гIиялъажо. Варанидулги чIегIерхIайваналъулги анкьил бутIаялда гIахьаллъиялдаса цо гIиялъажо хъураб хирияб буго. ЦIцIе хъвеялдаса квасул жо хъураб хирияб буго, квасул жоялъулги куй хъураб хирияб буго, куйдузда гьоркьосаги хъахIаб, лълъурдулги чIахIияб хирияб буго. Киналго хIайваназда гьоркьосаги чIахIиял, кьариял хъуни, хирияб буго.

2026-04-01 (Шаввал 1447 с.) №7.


Аварагасул ﷺ кванай

Абу Давудица бицана ГӀаишатида гьикъанин Аварагас ﷺ пер кванаялъул хӀакъалъулъ. Гьелъ жаваб кьун буго: «Нилъер Аварагас ﷺ ахирисеб кванараб квен жинда жаниб пер бугеб букӀана», - ян. Тафсир гьабулез абулеб буго гьеб батулин белъун кванараб пер, махI букIинчIо букIине.   «Ахирисеб кванараб квен...


ХIежалъул бицине данделъила

ХIежалъул бицине данделъила  «Марва-Тур» компаниялда тIобитIана регионалда хIежалъул ишал гIуцIиялъул жавабиявлъун кколев Шамил МухIаммадовасулги ДРялъул миллияб политикаялъул ва диниял ишазул министерствоялъул вакилзабазулги данделъи. Аслияб суал букIана исана хIежалде дагъистаниял ритIулеб...


ГIумраялъул хIакъалъулъ

«Мавра-Тур» компаниялъул гьариялда рекъон, ДРялъул муфтияталъул гIелмияб отделалъул хIалтIухъабаз хIадур гьабуна ва къватIибе биччана «Умра: малое паломничество» абураб тIехь. Гьениб мухIканго ва щивав бусурбанчиясда бичIчIуледухъ хъван буго гIумра гьабулелъул лъазе...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIудиявго гIолев гьечIо       Дир вас кIудиявго гIолев гьечIо. Университет лъугIизабуниги маркаби ракIарулев вукIуна. Гьесул гьалмагълъи хIалтIул ва хъизам гьабиялъул пикрабазда ругониги, дир вас гIисинал лъималаз гьабулеб гьабулев вукIуна. Гьесда кIола маркаби хIалаго тIубараб къо инабизеги....


Нужее баяналъе

  Зубайр бин ГIаввамил чан сон букIараб ислам босидал? – 16 сон. ТIоцеве къазилъун щив вукIарав? – ГIумар бин ХатIаб. Алжаналъул мацI щиб? – ГIараб мацI. Ансаразул сайидилан лъида абулеб? – СагIд бин МугIазида. ЧIвалелде цебе балеб суннатаб как тIоцебе лъица бараб? –...