Аслияб гьумералде

Суал-жаваб

Суал-жаваб

Нечезавун щвараб боцIи-мал хIалалаб букIунищ?

Нечезавун, тIадцуй гьабун щвараб жо хIарамаб буго. ГIалимзабаз гьеб релълъинабуна хIалгьабун бахъараб жоялда. Нилъеда лъалеб бугони цо чияс нечон кьолеблъи, гьеб жо босизе хIарамаб буго.

(«ТухIфатул мухIтаж»)

 

 

Налъуда кьураб гIемераб гIарац бугони, гьелдаса закагIат бахъизе кколищ?

Налъуда кьураб гIарцудаса закагIат бахъула. Амма гьединаб гIарцудаса закагIат бахъизе ккани, чанго хIалалде балагьизе ккола. Налъи тIадбуссинабизе заман щун буго, амма жеги налъулас гьеб кьун гьечIо. Мисалалъе, гьеб кьезе досул рес гьечIого яги цогидаб гIилла сабаблъун. Гьединаб хIалалда чиясда тIалъуларо гьеб гIарцудаса закагIат бахъизе, жиндихъе кьурас тIубараб налъи нахъбуссинабизегIан. Жиндаса закагIат бахъизе кколебгIанасеб гIарац налъуда кьураб мехалъ, налъи нахъбуссинабуни чанго соналдаса, гьес закагIат бахъизе ккола гьел соназул хIисабги гьабун (щибаб соналъ бахъулеб кинниги). Гьединабго хIукму буго налъи нахъбуссинабизе заман щун гьечIониги. Налъи нахъбуссинабизе бихьизабураб заман щун бугони ва гьеб нахъбуссинабизе жиндихъе кьурасул ресги бугони, гьеб хIалалдаги чияс гьелдаса закагIат бахъизе ккола, гIарац жеги кодобе щун батичIониги.

(«ТухIфатул мухIтаж»)

 

Дир гьудул-гьалмагъ яги лъалев чи вугони цоги шагьаралдеги ун операция гьабизе ккараб хIалалда ва гьев гIемер ресалдаги гьечIони, бегьулищ дица дирго магIишат-яшавалдаса закагIат бахъун гьесие кьезе?

Рехсараб хIалалда вугев чи ккола закагIат жидее щолезул кIигониги тайпаялде гъорлъе. Гьев ккола мискинги сапаралда вугевлъунги. Гьединлъидал, дуца гьесие кьезе бегьула дурго магIишаталдаса бахъун закагIат.

(«ТухIфатул мухIтаж»)

 

Тагьажудалъул как базе бегьулищ, боголил какги бачIого кьижун, рогьалил как ахIизегIан цере тIаде рахъунел ругони?

Тагьажудалъул как ккола сардилъ кьижун хадур тIаде рахъиндал балеб суннатаб как. Гьелъие бугеб шартI ккола боголил как бай ва дагьабгIаги заманалъ кьижи, цебе-хадуб кинаб ккей халгьабичIого.

Кьижиялъул заманалда бан гIалимзабазул батIи-батIияб пикру буго. Цояз абулеб буго бакъ тIерхьун хадуб дагьаб заманалъ кьижарал гIолин, цогидаз абулеб буго шартI бугин боголил какил гIуж щун хадуб кьижиян.

Гьединлъидал, боголил какги бачIого кьижарав чи вугони рогьалил как ахIизегIан цеве тIаде вахъарав, гьесие бегьула гьеб мехалъ боголил какги бан тагьажудалъул как базе.

Баян: боголил какда хадуб бецIун балеб паризаяб как батани яги витру гIадаб суннатаб как бугони, гьебги рикIкIуна тагьажудалъул каклъун.

(«ТухIфатул мухIтаж»)

 

БитIараб гIакъида букIин кин батIа бахъилеб?

ГIалимзабаз абухъе, гIакъидаялъул имам лъабго вуго, фикъгьияб мазгьабалъул ункъго вугевго гIадин. Гьел ккола имам Матуриди, имам Абул ХIасан Ашари ва Асаритал. Гьезул имамги ккола имам АхIмад. Гьел битIараб нухдаги руго ва битIараб гIакъидаги буго аварагасдасан ﷺ ва гьесул асхIабзабаздасан бачIараб. Гьелъие хIужалъун ункъабго мазгьабалъул гIалимзабаз абурал гIемерал рагIаби руго. Цо-кIигояб рехселин. МухIаммад Сафарани ХIанбалияс абуна: «Агьлу сунна вал жамагIа абураб лъабго къокъа ккола. Асаритал – гьезул имам АхIмад ибн ХIанбал ккола. АшгIариял – гьезул имам Абул ХIасан АшгIари. Матуридиял – гьезул имам Абу Мансур Матуриди вуго. Амма къосарал къокъаби гIемерал руго». Цо-цояз абизе бегьула аварагасул ﷺ ва гьесул асхIабзабазул гIакъида букIине кколин, гьел имамзабазда нахъ щай рилълъунелилан абун. Гьелъие гьадинаб жаваб буго. Гьел имамзабаз жидерго жо ургъичIо, гьез нилъехъе хIакъаб, битIараб аварагасул ﷺ гIакъида щвезабуна. Амма гьал имамзабазул заманалда къосен цIикIкIиндал, гьел имамзаби къосаразда данде рахъана, хасго Абул ХIасан АшгIари. Гьес хъвана гIемерал тIахьал гьезде данде ва гIадамазе баян гьабуна, къосине течIо аварагасул ﷺ гIакъидаялдаса. Хадур рачIарал гIалимзабазда гьесул нух ва тIахьал хъвараб гIакъида лъикI бихьидал, хъвазе байбихьана гьесго гIадин. Гьедин гьесда нахърилълъиналъ кьуна имам Абул ХIасан АшгIари яги Абу Мансур Матуриди абун гIакъидаялъе цIар. Гьебги ккола аварагасул ﷺ гIакъида жинца жаниб бачунеб. Гьеб бичIчIизе Аллагьас ﷻ нилъее тавпикъ кьеги.

(«Харидат», «ЛавамигIул анвар»)

 

 

 

Винирал лъезе ва цаби хъахI гьаризе бегьулищ?

ШафигIияб мазгьабалъул бергьараб рагIиялда рекъон, берцинлъиялъе винирал росасе арай чIужугIаданалъе лъезе бегьула, росасул ихтияр бугони. Тохтурлъиялъул гIелмуялда рекъон, винирал лъезе хIажат бугони, киназего бегьула. Цабзазе зарал кколареб батани, цаби хъахI гьаризеги бегьула.

(«Мингьаж шархI СахIихIу Муслим», «Мугьиммат»)

 

 

Лъимер гьабун хадуб эбел-инсуца ислам босидал, гьеб лъимер бусурбанаблъун лъугьунищ?

Рос лъадул жинсияб гьоркьоблъи ккун чIужу къинай яхъараб мехалъ гьезул цоялгIаги бусурбанал ругони, лъимерги бусурбанаблъун рикIкIуна.

ЧIужу къинай яхъараб мехалда эбел-эмен купруялда ругони ва гьеб лъимер гьабун хадуб балугълъиялде гьеб бахинегIан гьезул цонигияз ялъуни кIиязго исламияб дин босани, гьеб лъимерги бусурбанаблъун лъугьуна.

Эбел-эмен абураб жоялде гъорлъе ккола кIудияй эбел, кIудияв эмен, кIудияй эбелалъул эбел, кIудияв инсул эмен ва тIадехун ругел. Гьелъул магIнаги ккола, гьезул цонигиязгIаги ислам босани, гьеб балугълъиялде бахинчIеб лъимерги бусурбанаблъун лъугьунин абураб. БатIалъи гьечIо, лъимералъул эбел-эмен купруялда ялъуни хун ругони. Масала, капураб хъизамалъе лъимер гьабидал ва гьесул кIудияв инсуца ислам босани, гьеб лъимерги бусурбанаблъун лъугьуна.

(«Мугънил мухIтаж»)

 

ХIажичияс малъал ялъуни расал къунцIани, щиб гIакIа кьезе кколеб?

Цо бакIалдаги чIун лъабго ялъуни цIикIкIун рас яги малъ тIаса инабуни, хIажичиясда хадуб рехсараб лъабго гIакIаялъул цояб ккола:

- Къурбаналъе бегьулеб хIайван хъун гьелъул гьан ХIарамалъул ракьазда ругел лъабго ялъуни цIикIкIун мискин-пакъирасе бикьи.

- Лъабго къоялъ кIал кквей.

- ХIарамалъул ракьалда ругел анлъго мискин-пакъирасе лъабго сахI ролъул (ялъуни цогидаб гIемерисеб бетIербахъи гьабулеб жоялъул) бикьи, ай щивасе бащдаб сахI.

Лъабго ялъуни цIикIкIун рас, малъ батIи-батIияб заманалда яги бакIалда бортизабун батани, гIакIаги такрарлъула.

Бергьинабураб рагIиялда рекъон, тIаса инабураб цо малъалъухъ ялъуни расалъухъ хIажичияс жо хъвей тIаса бищани, цо муд ролъул (ялъуни гIемерисеб бетIербахъи гьабулеб жоялъул) гIакIа кьезе ккола, тIаса инабураб кIиго расалъухъ ва малъалъухъ – 2 муд. КIал кквей тIаса бищани, бортизабураб рас ва малъ рикIкIун кIал ккола, тIагIам кьей тIаса бищани - бортизабураб цо расалъухъ ялъуни малъалъухъ цо сахI кьела, кIиго расалъухъ ялъуни малъалъухъ - кIиго сахI кьела.

БакIал ялъуни заман такрарлъарабщинахъе гIакIаги такрарлъула. БатIалъи гьечIо, кIочон ялъуни лъачIого бортизабун батаниги.

ГIакIа тIалъуларо зарал гьабулеб бугеб, масала, гьаналъ къан бугеб малъ къунцIидал ва гьединго зарал гьабулеб бугеб рас бортизабидал. ГIакIа тIалъичIониги гьеб кьезе лъикIаб буго гьединав чиясеги. Гьебго хIукму буго тIом бахъулаго цадахъго рас ялъуни малъ бахъун бачIиндал.

(«ТухIфатул мухIтаж»)

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Килдерил гIолилазул ифтIар

Гумбет районалъул Килялъ росдал гIолохъабаз МахIачхъалаялда тIобитIана ифтIаралъул сордо. Тадбиралда гIахьаллъи гьабуна районалъул имамзабазул советалъул председатель МухIаммаднур МухIаммадов, росдал имам ГIабдула СултIанов ва цогидалги. ГIалимзабаз ва имамзабаз гIолилазул суалазе кьуна жавабал,...


ГIалимзабазул советалъул резолюция

2026 соналъул 11 февралалда тӀобитӀараб ДРялъул ГӀалимзабазул советалъул данделъиялъул хIасил гьабун, жакъа къоялъ чара гьечIел диниял, тарбия кьеялъул, хъизамалъул, жамгӀияталъул ва социялиял суалазул халги гьабун, ГӀалимзабазул советалъ, ТӀадегӀанав Аллагьасда ва жамгӀияталда цебе жидерго бугеб...


Хехдариялъ рачуна...

Хьул къотIи ккола тавакаллъи гьабиялъул тIубанго гIаксияб рахъ. Хьул къотIиялъ рухIги гIакълуги хвезабула. Напсалда хурхун абуни, гьелъ хвезабула жанисеб рахъалъул ТIадегIанав Аллагьасде ﷻ божилъи гьаби, Гьесие ﷻ мутIигIлъи, сабру гIадал муъминчиясул хасиятал.   ГIакълуялъул рахъалъ инсан...


КӀал биччаялъул байрам

Ассаламу гIалайкум ва рахIматуллагьи ва баракатугьу!   ХIурматиял диналъул вацал ва яцал! РакӀ-ракӀалъ баркула нужеда тӀаде щвараб баракатаб кӀал биччаялъул байрам: кӀал кквеялъул, как баялъул, ракӀбацӀцӀадаб тавбуялъул ва рухӀияб рахъалъ хисиялъул цӀураб хирияб рамазан моцӀ лъугӀулеб...


Суал-жаваб

Шукруялъул сужда кида гьабулеб? Щукруялъул сужда гьабизе суннатаб буго. Гьебги гьабула циндаго ракIалда букIинчIеб бакIалдаса нигIмат тIаде бачIиндал яги жиндаса балагь нахъчIвайдал. Гьединго, суннатаб буго шукруялъул сужда гьабизе квешаб унти бугев яги балагьалде ккарав чи вихьидал, Аллагьас I...