Суал-жаваб
Суал-жаваб
ГIакъикъа хъвейдал, лъимадул бетIерги кIкIвазе кколин абураб жо битIараб бугищ?
Лъимералдаса гIакъикъа хъвей Аварагас ﷺ кIвар кьолеб букIараб суннатаб гIамал буго. ГIакъикъа хъвеялъулъ буго лъимер гьабиялдалъун рохел БетIергьанасе ﷻ шукру загьир гьаби, мадугьалъиялъе, мискин-пакъирзабазе садакъа кьей. ГIакъикъа хъвезе ккола, васасдаса кIиго гIиялъажо, ясалдаса - цо. Васасдаса кIиго хъвеялъе гIилла - гьев гьавиялдалъун рохел цIикIкIараб букIин. Амма цо хъуниги бегьула, суннат тIубараблъун букIуна.
ГIакъикъ хъвеялъул заман байбихьула лъимер эбелалдаса батIалъаралдаса балугълъиялде бахинегIан. Суннатаб буго анкьабилеб къоялъ хъвезе. ГIаишатица бицун буго ХIасангун ХIусенидаса аварагас ﷺ гIакъикъ анкьабилеб къоялъ хъунин, цIарги гьеб къоялъ лъунин абун. Хадуб амруги гьабунила гьезул бетIералдаса зарал гьабулеб жо тIаса инабеян абун (Байгьакъи). Зарал гьабулеб жойин абуралъул магIна гьабулаго, хIадис-гIелмуялъул гIалимзабаз хъвалеб буго, гьеб заманалда бетIералда бугеб расин абун. Щайин абуни, гьеб буго загIипаб рас. Гьединлъидал, вас-яс батIалъи гьечIого, суннатаб буго анкьабилеб къоялъ гIакъикъа хъвезе ва хадуб расги кIкIвазе. Гьединго суннатаб буго гьеб расги цIан, гьелъул цIайиялъул къадарги халгьабун, месед яги гIарац садакъаде кьезе. Жеги суннатаб буго кIкIван хадуб бетIералда загIфаран яги цоги махI лъикIаб миск бахине. Амма хъураб жоялъул би бахине карагьатаб буго.
(«МугIтамад»)
Паризаяб гуреб цоги как жамагIат гьабун балеб бугони, гьелъие как ахIизе яги къамат
гьабизе кколищ?
Паризаял каказе как ахIи ва къамат гьаби буго суннатун муакадат, ай кIвар гьабизе кколеб суннат. Амма жиделъ жамагIат гьаби суннатал, ай кIиябго гIид, бакъ-моцI кквей, цIад гьари, таравихI, витруялъул гIадал суннатал каказе как ахIизе ва къамат гьабизе шаргIалъ бихьизабун гьечIо. Гьел какал разелъун имамас яги будунас ахIула «Ас-салата жамигIагь» абун.
(«МугIтамад»)
ГIадамал гIемераб бакIалда лъида квер хъварабали лъалеб гьечIони, какие чури биххулищ?
Какие чури бихханадайин абураб шакдариялъ гьеб биххуларо. Гьединлъидал, гIемерал гIадамал ругеб бакIалда квер хъвараблъи лъалеб бугони, амма хъварав чи бихьинчийищ ялъуни чIужу-гIаданищали лъалеб гьечIони, какие чури биххуларо. Амма гIадилав чияс нугIлъи гьабуни квер хъварав чи жинс батIияв вукIанин абун, гьеб мехалда биххула.
Гьединго какие чури биххуларо жинс батIиязда хъвараблъи лъалеб бугони, амма лъалеб гьечIони тIомодайищ, расалдайищ, малъаздайищ хъварабали.
Какие чури биххуларо жинс батIиязда хъвараблъи якъинго лъалеб бугони, амма щаклъи бугони махIрамиясдайищ ялъуни махIрамияв гуресдайищ хъварабали.
(«ИгIанату ТIалибин»)
Хабзалазда ругел гъутIбуздаса пихъ кваназе бегьулищ?
Хабзалазда ругел гъутIби жалго рижарал ратани, гьезул пихъ кваназе бегьула. Кинниги хабзалазул хIажаталъе хIалтIизабизе рекъараб буго. Хабзалазул хIажаталъе чIарал гъутIби гьел ратани, гьелъул пихъ бичун босичIого кваназе хIарамаб буго.
Хабзалазул ракь ижараялъе кьун ялъуни кин бугониги щвараб гIарац хабзалазул хIажаталъе гурони хIалтIизабизе бегьуларо. Хабзалазул хIажалъи батичIониги, гьеб мал нахъе лъун тезе ккола хIажалъи тIаде бачIинегIан.
(«Аснал МатIалиб», «Алфатал Фикъгьиял Кубра»)
Кьижун вукIаго кIалдиса бачIараб хIацIу нажасаблъун кколищ?
Кьижун вукIаго бачIараб хIацIу кIалдиса букIин лъалеб бугони, гьеб нажасаблъун рикIкIунаро. Гьединго бацIцIадаблъун рикIкIуна кIалдиса ялъуни кванирукъалдаса бачIараб батилин абун щаклъи бугони. Амма гьеб мехалда хIацIу бугеб бакI чурараб лъикIаб буго.
Кванирукъалдаса бачIараб букIин якъинго лъалеб бугони, гьеб нажасаблъун рикIкIуна. Гьебги лъазе рес букIуна хIацIуялъул махIалдасан ва кьералдасан. Кинниги, хIацIу гIемер бачIиналдалъун инсан унтун вугони, гьеб мехалъ гIафву (тIаса лъугьун тола) гьабула, кигIан гIемер хIацIу бачIун батаниги ва кванирукъалдасан бачIунеблъи лъалеб бугони. Гьелдаса цIунизе захIмат букIиналъ. Лъазе ккараб жо буго, гьесие гIафву гьабуниги, цогидазе гьеб нажасаблъун букIуна, ай лъачIого гьеб хIацIуялда хъвани, гьел бакIал чуризе ккола.
(«Аснал МатIалиб», «Нигьаятул МухIтаж», «ТухIфатул МухIтаж»)
ГIодор чIараб мажлисалдаса вахъун унев чиясе салам кьезе суннатаб бугищ?
Нахъе вахъун унев чиясе салам кьезе суннатаб буго. Гьелъул хIакъалъулъ Абу Гьурайратидасан бицараб хIадисалда буго: «Мажлисалде нужер цояв вачIиндал салам кье, гьединго мажлисалдаса нахъе вахъун унагоги салам кье», - ян (имам Тирмизи).
(«Фатава Имаму Навави»)
Какилъ хIузур бачIинчIого квешалщинал пикраби рачIани ва цIалулеб жоялъулги пикру гьабичIони, как биххулищ?
Как биххуларо, амма карагьатаб буго гьедин базе. ГIалимзабазул хилаф ккана какилъ хушугIалда тIасан. Суннатаб бугин абуразда рекъон, квешалщинал пикрабигун бараб как рикIкIуна, парз тIаса ккола, ай бараблъун букIуна, тамихIги букIунаро. Амма гьесие гьедин бараб какалъул кири щоларо.
Гьеб релълъуна хIарамаб гIарцудалъун хIерж борхиялда. Гьесие гьеб хIежалъул кири щоларо парз тIубаниги, шурутIал дандеккун ратани.
ХушугI какилъ паризаяб бугин абуразда рекъон, кири щола хушугI бугеб мехалъ, гьечIони – щибго щоларо. Гьез абула хушугI какил рухI кколин, цIалулеб жоялъулги пикру гьабизе тIадаб бугин абун. Гьелда тIад рекъон руго тасаввуфалъул агьлуги.
(«Фатава Имаму Навави», гьум. 97)
Какда хадуб, хасго рогьалил ва бакъанил какда хадуб, кверал рачиналъул магIна бугищ?
ДандчIвайдал кверал рачин суннатаб буго. ГIадамаз гьеб кIиябго какда хадуб хас гьаби беццараб бидгIаялдаса ккола. Какда цере дандчIван рукIун ратани, беццараб бидгIаялдаса ккола, дандчIван ратичIони - суннатаблъун ккола.
Имам Нававиясдасан бачIана, гIадамаз гьабулеб жоялъул аслу гьечIониги, гьелъул къварилъи гьечIин абун.
(«Фатава Имаму Навави», гьум. 106)
Какие чуриялъул как карагьатаб гIужалъ базе бегьулищ?
Бегьула, карагьалъиги гьечIо. Щайин абуни, жиндир сабаб бугеб как карагьатаб гIужалъ базе карагьалъуларо.
(«Фатава Имаму Навави»)