Суал-жаваб

Какие чури букIаго цIидасан какие чуризе суннатаб бугищ?
ЦIидасан какие чуризе суннатаб буго цебе чурараб какие чуриялъ цогIаги паризаяб яги суннатаб как бан букIун батани. Какие чурун хадуб цониги как бан батичIони, цIидасан какие чуризе суннатаблъун бихьизабун гьечIо, тIадежоялъе, гIемерисел гIалимзабазул рагIиялда рекъон, карагьатабцин буго.
Какие чури цIигьабиялъе гIалимзабаз далиллъун аварагасул ﷺ хIадис бачана: «Какие чуриялда вукIаго тIаде какие чурарав чиясе Аллагьас ﷻ анцIго лъикIал гIамалазул кири хъвала», - ян.
(«ТухIфатул мухIтаж», «Нигьаятул мухIтаж»)
ХIайваналъулги бекьараб жоялъулги жаваб кин бетIергьанас кьолеб?
БетIергьанас жиндирго боцIул жаваб кьезе ккола. Рокъор хьихьулел ругони, бетIергьанас гьезул тIалаб гьабизе буго. Авлахъалда гIураб хер бугони, гьезие щибго кьезе кколаро, амма дагьаб хер бугони, тIадеги квен кьезе ккола.
БечIчIулеб мехалда зарал кколаредухъ бечIчIизеги ккола. БечIчIун хадуб моцIабазда жаниб дагьабгIаги рахь тезеги лъикIаб буго.
Какараб буго халатал, къунцIичIел малъалгун гIака бечIчIизе. Зарал кколеб бугони, гьедин бечIчIизе хIарамабцин буго. Гьединго хIарамаб буго хIайванал рагъизаризеги.
Бекьараб ах-хур, чIарал гъутIби ратани, лъикIаб гьечIо рес бугеб мехалъ гьезул тIалаб гьабичIого тезе. Щайгурелъул гьелда жаниб исрап гьаби букIиналъ. Амма авалалдаго ах-хур бекьичIого, гъутIби чIечIого теялъулъ щибниги къварилъи гьечIо.
(«ИгIанатул тIалибин», бутIа 4)
Пуланаб хIайван хъвезейин абун назру гьабурасе гьелъул бакIалда цогидаб хъвезе бегьулищ?
Чияс назру гьабун бугони чахъу хъвезейин абун, кинабали мухIканги гьабичIого, гьесие бегьула гьелъул бакIалда гьелдаса жеги лъикIаб хъвезе. Мисалалъе, чахъдал бакIалда чIегIерхIайван яги варани. Амма хIукму гьабуни чахъу хъвезе ва кинаб хъвезе бугебали мухIканги гьабун, гьесда тIадаб букIуна гьеб хъвезе. Щайин абуни, назру гьабуралдаса хадуб гьеб гьесул милкалдаса уна.
(«МажмугI», «Мугънил мухIтаж»)
Ижаралъул къотIи заман цIачIого гьабизе бегьулищ?
Ижараялъул шартIалдаса ккола гьабулеб къотIуе заман цIай. Ижара гьабун батани, масала, гьадин: «Дица гьаб рукъ ижаралъе дуе щибаб моцIалъ 10 азарго гъурщиде кьуна», - ян абун, ай заманги цIачIого, мисалалъе цо-кIиго соналъ, гьеб къотIи рикIкIунаро.
ШаригIаталда жаниб ижаралъе бихьизабураб заман гьечIо, кинниги ижараялъе босулев чиясе пайда щолебгIанасеб къадаралъул заман букIине ккола. Мисалалъе, ракь бегьула 100-200 соналъ ижаралъе кьезе, машина - 30 соналъ ва гь.ц.
Рукъ, машина ва гь.ц. сордо-къоялъ, сагIаталъ ижаралъе кьезе бегьула. Гьелъие шартI буго ижаралъе босулев чияс мунпагIат боси.
Амма вакъфуялъе цояс рукъ кьуни ва шартIги бугони лъагIалидаса цIикIкIун ижаралъе кьогеян, гьеб шартI цIунизе ккола.
Гьединго валияс балугълъиялдаса цIикIкIараб заманалъ гьесул боцIи-мал ижараялъе кьезе бегьуларо.
(«Мугънил мухIтаж», бутIа 3)
Машина бичун бугони дагь-дагьккун гIарац кьезелъун, ва амма босарасда гIарац бецIизе кIвечIолъиялда бан, чанго моцIидаса машина нахъбуссинабулеб бугони, бичарасе бегьулищ (машина хIалтIизабуралъухъ) гIарац гъоркь кквезе?
КIиясулго разилъиялдалъун даран биххизабун хадуб, машина бичарасда тIадаб букIуна гIарац нахъе кьолелъул гьеб къоялде щвезегIан жиндихъе кьураб кинабго гIарац нахъбуссинабизе. Щайин абуни, даран биххизегIан машина букIана жинца босарасул милклъун, гьес гьеб хIалтIизеги гьабуна жиндирго букIиналдалъун. Даран биххунин абун босарасда тIадаб букIунаро бичарасе жинца гьеб хIалтIизабуралъухъ харж кьезеги.
Амма гьеб заманалда жаниб машина босарас хIалтIизабун бугелъул, гьелъухъ баркала загьир гьабураб хIисабалда, гIарцудаса дагьа-макъаб жо гъоркь тезе бегьунгутIи гьечIо, жеги беццарабцин буго. ХIадисалда аварасги ﷺ абун бугелъул, кьураб жо нахъбуссинабулелъул нужеца гьеб берцинаб, лъикIаб къагIидаялда нахъбуссинабеян абун.
(«Аснал матIалиб»)
Лагаялда гипс лъун ялъуни бинталъ бухьун букIиналъ таямум гьабун бараб как бецIизе кколищ?
Таямум гьабун рарал какал рецIизе ккола гипс ва ялъуни бинт таямум гьабулел лугбузда лъун ругони ва цогидал лугбузда, лъезе кколелдаса цIикIкIун бакI гипсалъ ялъуни бинталъ ккун бугони.
Таямум гьабуларел лугбазда гипс ялъуни бинт лъун рарал какал рецIизе кколаро гьал хадур рехсарал шурутIал цIунун ругони:
- гипсалъ ва бинталъ лъезе тIадалдаса цIикIкIун бакIал кколел гьечIони;
- какие чуриялда ва черх чуриялда лъун рукIин;
- чорхое зарал ккеялъе хIинкъи букIун гипс ялъуни бинт бахъизе бегьунгутIи.
Какие чуриялъул лугбазда гуреб цогидаб бакIалда гипс лъун ялъуни катница къан бугони, гIемерисел гIалимзабазул рагIиялда бан, черх чуриялда гьел лъун ругони, рарал какал рецIизе кколаро. Цебе рехсараб лъабго шартIалъун цоябгIаги камун бугони, какал рецIизе тIалъула.
(«ТухIфатул мухIтаж»)
Ригьин гьабулаго кьураб гIарцул хIукму щиб бугеб?
Гьеб сайгъатлъунищ рикIкIунеб ялъуни бецIизе кколеб налъилъунищ чIолеб?
Ригьин гьабулаго бертадул бетIергьанасе кьураб гIарац сайгъатлъун рикIкIуна. Кинниги хадур рехсарал шартIалгун гьеб гIарац кьун батани къарзалъе (налъуде) кьураб гIарацлъун хIукму чIола: кьолаго «гьаб босе» ва ялъуни гьалда релълъарал рагIаби абуни; кьолесул ният батани хадуб гьеб гIарац нахъе тIалаб гьабизе; гьеб бакIалда нахъбуссинабулеб гIадат билълъанхъун батани.
Гьаб лъабабго шартI данделъун бугони, кьурас жиндирго гIарац нахъе тIалаб гьабизе бегьула ва ригьнадул бетIергьанасдаги гьеб гIарац нахъе кьезе тIалъула.
(«ИгIанату тIалибин», «ХIашияту щирвани»)
Даран-базар гьабун бичараб къайидул, гьеб босарасухъе щвезегIан, жаваб лъица кьолеб?
Даран-базар гьабун бичараб къайи босарасухъе щвезегIан цебе вичарухъанасул гIайибалдалъун, ялъуни цо балагь тIаде щун хвани, даран биххула.
Цоги, ай лъабабилев чиясул гIайибалдалъун гьеб къайи хвани, къайи босарасул ихтияр буго даран биххизе ялъуни гьеб хвезабурасда гьеб бецIизабизе. Бичун босарасухъа жиндасаго къайи хвани, даран биххуларо ва гьес вичарухъанасе гьеб къайиялъухъ тIубараб къимат бецIизе ккола.
Вичарухъанасул ялъуни цо балагь бачIун къайиялде гIайиб тIаде бачIани, бичун босарасул ихтияр буго даран биххизе ялъуни чIезабураб къиматалда бичун босизе. Лъабабилев чи сабаблъун гIайиб тIаде бачIани, бичун босулесул гьединго ихтияр букIуна даран биххизе ялъуни къайиги къабул гьабун, гьелда тIаде бачIараб гIайибалъул къимат гьев лъабабилев чиясухъа тIалаб гьабизе.
Бичун босулев сабаблъун тIаде бачIани гIайиб, чIезабун букIараб къимат кьун гьес гьеб къайи босизе ккола.
(«Мугънил мухIтаж»)
КIиабилеб ракагIаталде кватIун вачIарав чиясе суннатаб букIунищ, тIоцебесеб аттахIиятуялдаса тIаде вахъунаго кверал рорхизе, имамас гьарулел рагъа-рачариязда данде ккезелъун?
Как балаго кверал рорхизе суннатлъулеб бакI буго: какилъе лъугьиналъул «Аллагьу акбар» абиялда аскIоб, рукугIалде унаго, рукугIалдаса ворхулаго, тIоцебесеб «АттахIиятуялдаса» вахъунаго. («ТухIфатул мухIтаж»)
ЖамагIат-какде кватIун вачIарасда тIадаб букIуна имамас гьарулелго гIамалал гьаризе. Мисалалъе, кватIун вачIарав какилъе лъугьани жамагIат рукугIалда букIаго, имамасда хадув гьевги ине ккола рукугIалде, «АлхIам» цIалиги гьоркьоб биччан.
«АттахIиятуялдаса» тIаде вахъунаго кверал рорхила, ай суннатаб букIиналъ, гьеб жиндирго «АттахIият» цIалиялъул бакI букIун батичIониги.
(«ХIашияту игIанату тIалибин»)