Суал-жаваб
Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ?
Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго дугIа буго ТIадегIанав Аллагьас ﷻ щаклъи гьечIого къабул гьабулеб: сапаралда вугев чиясул, жинда зулму гьабурасул ва лъималазе эбел-инсул дугIа», - абун (Абу Давуд). Цогидаб хIадисалда буго: «Васасе инсуца гьабулеб дугIа, Аварагас ﷺ умматалъе гьабулелда релълъун буго», - ян.
Гьадин хIадисаздаги бугелъул, квешаб бугониги дугIа къабуллъизе рес буго.
(«Танбигьул гIавам ила дагIватил Къуръан»)
Чамабилеб соналъ Къибла хисараб ва щиб какилъ гьеб иш лъугьараб?
Гьижра гьабун Мадинаялде щвараб заманалда бусурбабаз какал Байтул Мукъадасалдехун руссун ралаан. Гьеб бихьарал жугьутIалги, жидерго динги гьабун, нижер Къиблаялде руссунел бусурбаби рихьулищин абун, гьел ралъаргъун кIалъалаан. Гьенире руссун какал ралаго КагIба-рукъ мугъалде нахъехунги кколаан. Аварагас ﷺ Аллагьасда ﷻ гьарулебги букIана къиблалъун КъагIба-рукъ гьабеян.
Гьедин, гьижрияб тарихалъул кIиабилеб соналъул шагIбан моцIалъ Къубаалъул мажгиталда къадекакил кIиабилеб ракагIаталда Аварагасухъе ﷺ ЖабрагIил малаик вачIана къиблаялде КагIбаялдехун руссаянги абун. Цинги Аварагас ﷺ ва хадур рукIарал асхIабзабаз хутIараб кIиго ракагIат КагIбаялдехун руссун бана.
Къибла хисаралдаса хадуб гьеб мажгиталда «Масжидул къиблатайн», ай кIиго къиблаялъул мажгит абун цIарги тана.
Чвердолеб мехалда паризаяб черх чуризеян ният гьабун гурони, какие чуриялъе ният гьабун букIун батичIони, гьедин чанго какги бани, гьел какал рикIкIунищ яги рецIизе кколищ?
Паризаяб черх чурулаго какие чуриялъе ният гьабичIониги, черх чурулаго гьабуралъ гIей гьабула какие чуриялъеги. Гьедин чвердолаго, какие чуриялъул лугбузда какие чурулеб къагIидаялда тартибги гьабизе кколаро. Гьел рарал какалги щола, цIигьаризеги кколаро.
(«ФатхIул мугIин»)
Тукада ричулел рукIунел гIанкIуял кваназе бегьулищ?
ШаргIалда рекъон хъураб хIайваналъул гьан кваназе бегьула. Аварагас ﷺ абуна: «Нилъеца би чвахизабулеб жоялъ хъураб, «бисмиллагьги» хъвеялда цебе бахъараб жо нужеца кванай…», - абун. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ агьлу-китабалъул чагIаз хъураб гьан бусурбабазе хIалал гьабун буго, гьел ислам бачIинегIан цебего лъугьарал китабиял ратани, амма ислам бачIун хадуб китабияллъун лъугьаразул шафигIиязда аскIор китабияллъун рикIкIунаро ва гьез хъураб жоялъул гьан кваназеги бегьуларо. ШаргIалъ бихьизабураб гуреб нухда хвезабураб хIайваналъул гьан кваназе бегьуларо, мисалалъе, ток кьабизабун хвезабураб яги бетIералда маххул алат кьабун, гьалдолеб лъелъе рехун.
Насраниял яги ягьудиял ругел шагьаразда гIемерисел хIайванал хъолел ругони, гьениса бачIараб гьан кваназе бегьула, амма гьел шагьаразда машгьурлъани хIайванал, гIанкIуял шаргIияб гуреб нухалдалъун хвезари, жакъа къоялъ Европаялъул шагьаразда бугеб гIадин, гьеб кваназе бегьуларо.
(«Фикъгьул ислами ва фатава»)
ТасбихIалъул как базе бищун хирияб гIуж щиб?
ХIадисалда буго: «Дуда хIалкIвани, дуца тасбихIалъул как бай щибаб къойил, гьедин кIвечIони – щибаб анкьида жаниб цо нухалъгIаги, гьединги кIвечIони – моцIида жаниб цо нухалъгIаги ва гьединги кIвечIони – гIумруялда жаниб цо нухалъгIаги», - ян. Къад къоялъ гьеб балев чиясе лъикIаб буго ункъабго ракагIат цадахъ базе, гьоркьоб салам кьечIого, къаси мехалъ балеб бугони, кIи-кIи ракагIат бала.
ГIалимзабазул каламалдасан бичIчIула тасбихIалъул как мутIлакъаб суннат букIин, гьединлъидал хIарамаб буго карагьатал гIужазда базе.
МутIлакъаб суннат абураб жоялъул магIна ккола жиндир бихьизабураб гIужги сабабги гьечIеб как бугилан абураб жо. Карагьатаб гIуж гуреб бокьараб заманалда базе бегьула тасбихIалъул как.
(«Бушрал карим», «Фатавал кубра»)
Сапаралдаса вуссунев чи боголил какде рокъове щолев вугони, маркIачIул как боголалде данде босун, рокъове щвараб мехалъ базе тезе бегьулищ?
Нахъбахъун как данде босиялъул шурутIаздасан ккола кIиябго как бан лъугIизегIан сапаралда вукIин. Масала, маркIачIул как боголил какде данде босун батани, сапаралда вукIаго боголил гIуж щунги бугони, жиндир росдал гIорхъодаса жаниве лъугьинегIан кIиябго как бала, цинги хадуб рокъове ина ялъуни сапаралдаго кIиябго как бачIого хутIун рокъове щвани, рокъоб бала кIиябго, амма маркIачIул как бецIун бараблъун ккола, мунагь букIунаро.
(«Аль-Анвар», «Танвирул къулуб»)
ХIеж бухьиналде цебе берцинал махIал гьаризе бегьулищ?
ХӀажичиясе лъикӀаб букӀуна хӀежалде яги гӀумраялде лъугьиналде цебе берцинаб махӀ гьабизе. Жеги лъикӀаб букӀуна гьеб гӀицӀго черхалда гьабун тезе. Щайгурелъул, ихIрамалда махӀ гьабизе хIеж бухьиналде яги гIумраялде лъугьиналде карагьатаб буго.
(«ХIашияту ибну ХIажар Гьайтами гIалал изахI», гьум. 169)
КIиго чи цоцада кIалъани жидерго мацIалда ва лъабабилесда гьеб бичIчIулеб гьечIони, мунагь букIунищ?
Имам Муслимица бицараб хIадисалда буго: «КIиго чияс цоцада балъгояб хабар бицунгейин абе, лъабабилев чи гьенив вукIаго, гьелъ гьев пашманлъизавула», - ян.
ХIарамаб буго кIиго-лъабго чи вугеб бакIалда лъабабилесда бичIчIулареб яги гьесда рагIулареб куцалда жидеего балъго хабар бицине (бокьараб мацIалда бугониги). ХIарамлъи тIаде бачIана, гьединаб къагIидаялъ гьев пашманлъизавизе рес букIиналъ яги гьесда гьеб квеш бихьизе бегьиялъ. Амма гьез гьесухъа ихтияр босани, нилъеца цебе рехсараб хIалаллъула, бегьула.
Чанго чияс цоцазе хабар бицунеб бугони яги балъго кIиго, лъабго ва цIикIкIун чагIи ругеб бакIалда гьезул мацI бичIчIуларел ялъуни рагIулеб гьечIони гьезул хабар, гьеб хIарамаб гьечIо.
(«ШархI сахIихIу Муслим», «Фатавал фикъгьия ал-кубра»)
Щиб хиралъи бугеб сабруялъул?
ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда сабру ункъоялда анцIгогIанасеб бакIалда рехсон буго. Аллагьас ﷻ гIемерисел дунял-ахираталъул лъикIлъабиги даражабиги сабруялда хурхинарун руго.
Сабруялдалъун Аллагьас ﷻ тушбабаздаса бергьинарула, сабру гьабулел гIадамазе Аллагьас ﷻ кири, хIисаб-суал гьабичIого, цIикIкIун кьола. Аллагь ﷻ сабру гьабулелгун цадахъ вукIуна. Аллагьасе ﷻ сабру гьабулел гIадамал рокьула. Сабру гьабулел гIадамазде Аллагьасул ﷻ хасал рахIматалги цIобалги рещтIуна. Сабру гьабулел гIадамал битIараб нухда ругел чагIи ккола. Сабру - иманалъул бащалъи ккола, сабру - Алжаналъул хазинабаздаса хазина ккола. Къуръан-хIадисалда бачIанщинаб сабруялъул хиралъи хъван хIалкIоларо.
(«Мавсуату ХутIабаъ»)