Аслияб гьумералде

Суал-жаваб

Суал-жаваб

 

Мажгиталде лъугьарав чияс имамасда хадув гъезе абун гIедегӀил гьабизе кколищ?

Имамасда нахърегIун как щвезе абун хехлъизе яги векеризе кколаро какде вачIунев. ЖамагIат гьабун какде вачIин хехлъизабизе бихьизабун (суннатаб) гьечIо, жамагIатгун как борчIизехъин бугоницин.

Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Какде ахIун къамат гьабулелъул нуж гIедегIун рилъунге, гьелъул гIаксалда, гIодоре риччан, гIадатияб къагIидаялда рилъа. Кинаб рукнуялде щиб ракагIаталде щваниги, гьеб щвараб къадар бай жамагIаталда цадахъ, хутIараб (имамас салам кьедал тIадеги рахъун) хадуб гъезабе», - абун (Бухари).

Имам Шигьабудин Рамлияс хъван буго: «Какил заман лъугIулеб ва гьеб жиндир гIужда базе мех хутIиларин абун хIинкъи бугони, чиясда тIадаб букIуна, рузманалъул какде кватIулеб мехалъ кинниги гIедегIил гьабизе…», «…хIинкъи бугони жамагIаталда нахърегIиларин абун, амма какил гIуж лъугIулеб гьечIони, гьеб хIалалъулъги гIедегIил гьабизе бихьизабун (суннатаб) гьечIо», - ян.

(«Нигьаятул мухIтаж»)

 

 

ГIакъикъалъе кIиго гIиялъажо хъун бугони, гьезул цоялдаса садакъаде гьан кьун тани, гIолищ?

ГIакъикъа ккола гьабураб лъимералдаса хIайван хъвей, Аварагас ﷺ цIакъ кIвар кьолеб букIараб суннатаб гIамал.

Цо лъимералдаса кIиго хIайван хъун бугони, садакъаде кьезе кколеб къадар цояб хIайваналдаса кьун таниги гIей гьабула. Щайин абуни, кIиябго хъвей рикIкIунелъул цо тӀубараб гIакъикъ хъвейлъун.

 («ХIашиятул жамал»)

 

 

Инсан хведал гьабулеб гIазаб хвараб мехалъищ байбихьулеб яги вукъараб мехалъищ?

Имам ШафигIил мазгьабалъул гIалим МухIаммад Амин Курдияс жиндирго «Танвирул Къулуб» абураб тIехьалда хъван буго: «ХIакъикъаталдаги, ахираталъул гIазаб-гIакъуба ва талихI хурхинабула хабалазда, щайгурелъул гIемерисеб мехалъ хварал гIадамал хабалазда рукъулел рукIиналъ. Амма гIакъуба яги талихI кьезе бокьидал, вукъун вугониги гьечIониги гьесие щола. Цо-цо гIалимзабаз абуна: «Щивав чиясул хоб жаназа бугеб бакIалда буго», - ян.

(«Танвирул Къулуб», гьум. 85)

 

 

 

АсхIабзабазул къадар мухIканго лъалищ?

АсхIаб ккола Авараггун цадахъ вукIарав чи  яги гьев вихьарав ва гьесда иман лъурал, гьедин хвезеги хварал чагIи. Цо лахIзаталъ Авараг ﷺ вихьаниги гIола асхIаблъун лъугьине иман лъуни аварагасда. Цере рукIарал ва хадур рачIарал гIемерисел гIалимзаби тIадрекъана аварагзабазда хадур ва Аллагьасде ﷻ гIагарал малаикзабазда хадусел бищун хириял асхIабзаби кколилан. Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Бищун лъикIаб дир гIасру буго, цинги гьелда хадуб бугеб гIасру ва гьелда хадуб бугебги».

ХIадисалда рехсараб «дир гIасру» ккола жиндилъ Аварагасул ﷺ асхIабзаби ругеб заман. Хилаф гьечIо ахиралда хварав асхIаб вукIин Абу ТIуфайл ГIамир ибну Василат. Гьижрияб 100 сон бараб мехалъ хвана гьев кьучIаб рагIиялда бан. Амма асхIабазабазул гIаммаб рикIкIен кигIан букIарабали цохIо ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ гурони лъаларо. Щайгурелъул Авараг ﷺ витIаралдаса байбихьун накълулъизегIан гIемерал чагIаз ислам босулеб букIиналъ.

Авараг накълулъулеб заманалда 124 азарго асхIаб вукIанин рехсана. Бищун хирияв асхIаб ккола Абубакар, ГIумар, ГIусман, ГIали. Цо-цояз ГIали цеве гьавула ГIусманидаса, гьениб хилаф буго. Амма гIемерисел гIалимзабаз ГIусман цеве гьавула.

(«Анварул МухIаммадия», Имам КъустIулани)

 

 

 

Лъалеб жо буго рос-лъадуца  цоцазул ирс босулеблъи. Амма жинсияб гьоркьоблъи ккелалде цоял хвани, нахъе хутIаразеирс щолищ?

Рос-лъадуда гьоркьоб букIине кколедухъ шартIалги тIуран магьари лъун данде гьари (рос-лъадилъун рахъинари) букIун батани, гьезие цоцазул ирс щола, жинсияб гьоркьоблъи букIун батичIониги.

(«Бугъятул Мустаршидин»)

 

 

Как базе заман щун хадуб, гьеб бачӀого, дагьаб хӀухьба-хъиги гьабун базе ниятгун кьижизе бегьулищ?

«ИгIанату ТӀалибин» абураб тӀехьалда хъвалеб буго: «Как базе заман щун хадуб гьеб бачӀого кьижизе карагьатаб буго. Карагьатаблъун букIуна инсанасда ракӀалде кколеб (занну) хӀалалда, как базе заман къокълъизегӀан жинда кӀвезе бугин ворчӀизе, щайгурелъул гьев гӀадаталда гьедин вахъуна ялъуни лъицаниги ворчIизавула. Амма гьесда ракӀалде кколеб гьечӀони жинда ворчӀизе кӀвелин абун, гьеб мехалда как бачӀого кьижизе хӀарамаб буго».

 

 

Коньяк гъорлъ бугел конфетал кваназе бегьулищ?

Коньяк гъорлъ бугел конфетал кваназе бегьуларо, гьекъолеб жо гьукъараб ва гьеб нажаслъун рикӀкӀунеб букӀиналъ.

 

 

Лъимал мультфильмазухъ балагьизе бегьулищ? 

Лъималазе мультфильмазухъ балагьизе гьукъун гьечӀо гьелъ лъикӀлъи малъулеб бугони ва квешлъи малъулеб гьечӀони. Гьезда сверухъ лъугьунебщинаб жоялъул букӀинесеб бичӀчӀи ва къабул гьаби бараб букӀуна гьез балагьулеб жоялда.

Масала, лъимералда мультфильмазда рихьулел ругони гӀаксаб жинсалъулгун убачал ва гьоркьорлъаби, гьеб мехалда гьесие ясалгун дандчIвай ва гьелгун жуван вукIин гIадатияб жолъун букIина. Мультфильмаз эбел-инсухъ гIенеккунгутIи, гьезулгун дагӀба-рагӀи гьаби, рокъоса къватӀире лъутун ин цебетӀезабулеб бугони, гьеб мехалда, щаклъи гьечӀого, гьез мисал босизе буго жиндирго мультфильмазул герояздаса, гьесие гьединаб хьвада-чӀвади букӀине буго гIадатияблъун. Мультфильмаз лъимадул пикрабазда лъугьинабула сверухъ бугеб дунялалъул модель: эбел-инсул, гьудул-гьалмагълъиялъул, тушманасул, лъикӀлъиялъулги квешлъиялъулги образал; рухӀияб компас хӀисабалда гӀумруялъго гьесие нух бихьизе бугебщинаб жо.

Гьединлъидал эбел-инсуца лъималаз балагьулел мультфильмазул хал-шал гьабизе ккола. Аварагас ﷺ абуна: «Нужер щивав вехь вуго ва щивас жиндирго рехъадул жавабги кьезе буго», - ян.

 

 

Исламалда рекъон ургъун рахъарал харбал, маргьаби рицине бегьулищ?

Цо-цо мехалда лъималазе рицуна ургъун рахъарал харбал ва маргьаби. Амма гьеб гьабула лъималазе пайдаяб лъай щвезабиялъул мурадалда, захӀматал гӀумруялъул ахӀвал-хӀалал ричӀчӀизе ругьун гьариялъе, гьезулъ лъикӀал хаслъаби рижизариялъе.

Ибну Аби Шайбатица бицараб кьучӀаб хӀадисалда буго Аварагас ﷺ абунин: «Исраилазул лъималаз бицунеб букӀараб жо щвезабе, (щайгурелъул) гьелда жаниб мунагь гьечӀо, хӀакъикъаталда гьезулгун ккана гӀажаибал харбал».

Имам ибну ХӀажар Гьайтамияс жиндирго «ТухӀфатул МухIтаж» абураб тӀехьалда хъван буго: «Гьеб хӀадисалъ тIоритIел гьабуна гӀажаибал харбазухъ ва маргьабазухъ гӀенеккизе бегьулеблъиялде, амма шаргӀалъул суалазе далиллъун бачиналъул хӀисабалда гуреб».

(«ТухIфатул МухIтаж», бутIа 9)

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Рос дихъ гIенеккуларо     Рос дихъ гIенеккуларо. Дица гьесда абула рокъоб цо ремонт гьабизе ккун бугин абун. Байбихьуда гьев рази вугин ккола, амма хадуб щибго гьабуларо. ЦIияб холодильник къваригIун бугин абидалги, босилин абула, амма босуларо. Щиб бугониги жо къачIазе кколин абидал,...


МацIалъул хIинкъи

МацI ккола ТIадегIанав Аллагьас инсанасе кьурал бищунго кIудиял нигIматазул цояб. Гьелдалъун гIадамаз бухьен гьабула, гIелму бикьула, цоцазе квербакъула, Аллагь рехсола. Амма гьебго мацIалъги рачине бегьула кIудиял мунагьазде ва квешал хIасилазде, гьабулеб каламалда хадуб...


Камил гьабила

ГIибадат гьабиялъулъ тамахлъи лъугьиналъ жанисеб бацIцIалъиялъеги чучлъи лъугьуна. Амма инсанас гIемер гIибадат гьабунагIан, рухIияб рахъги камиллъула. Диналъ нилъее, гIибадаталда даимго рукIинедухъ, Аллагь рази гьавизе хIаракат бахъиялъул мурадалда кьун руго паризаял гурелги гIамалал...


«Шукруялъул мажлис»

Рамазан моцIалъул хIурматалда, Унсоколо районалъул ХъахIабросулъ тIоби-тIана «Шукруялъул мажлис» абун цIар лъураб руччабазул данделъи.   Гьениб лъималаз ри-кIкIана кучIдул, ахIана нашидал, бихьизабуна ясал цадахъ кIал биччазе иналъул ва цоцазул тIалаб гьабиялъул хIакъалъулъ...


Килдерил гIолилазул ифтIар

Гумбет районалъул Килялъ росдал гIолохъабаз МахIачхъалаялда тIобитIана ифтIаралъул сордо. Тадбиралда гIахьаллъи гьабуна районалъул имамзабазул советалъул председатель МухIаммаднур МухIаммадов, росдал имам ГIабдула СултIанов ва цогидалги. ГIалимзабаз ва имамзабаз гIолилазул суалазе кьуна жавабал,...