Суал-жаваб
Суал-жаваб
Жинцаго яги жамагIатгун как балелъул, «АлхIам» цIалун хадуб, «Амин» ва «Раббал гIаламин» аби суннатаб бугищ?
Суратул «ФатихIа» цIалун лъугIидал, «Амин» абизе суннатаб буго. «АлхIам» цIалун лъугIидал «Амин» абилалде цебе гьитIинабго лъалхъи гьабизеги лъикIаб буго. Гьединго суннатаб буго «АлхIам» цIали рагIизабулел (рогьалил, маркIачIул ва боголил) каказулъ «Амин» абиги рагIизабизе. РагIизабуларезулъ - рагIизабуларо «Амин» абиги.
Гьелъие хIужалъун гIалимзабаз бачуна имам Бухарица ва Муслимица бицараб хIадис. «Имамасас «Амин» абулеб мехалда нужецаги гьебго абе. Щайин абуни, жиндир «Амин» аби малаикзабазул «Амин» абиялда цадахъ ккарасул гIисинал мунагьал чурула», - ян.
Цогидаб хIадисалда буго: «Как балелъул нужер цояс «Амин» абуни, зодор малаикзабазги абула «Амин» абун. Гьедин аби (малаикзабазулабгун) цадахъ ккани, гьес гьарурал мунагьал чурула», - ян. (Абу-Гьурайрат)
Имам ШафигIияс «Ал-Ум» абураб тIехьалда хъван буго, как балес «Амин» абиялда хадуб «Раббал гIаламин» (магIна: жаваб гьабе гIаламалъулго БетIергьан) абун ялъуни цогидаб зикру тIаде жубани, гьеб лъикIаб бугин. Аллагь ﷻ рехсеялъ как кинго хвезабуларин.
(«Ал-Ум», «Ал-МажмугI, «ШархIул мугьазаб», «Ал-ИкънагI»)
Лъабабго цIарги тIамун нахъе йитIарай, амма лъимаде йигей чIужуялъе закагIат кьезе бегьулищ?
Лъимаде йигей чIужуялда лъабабго цIар тIамуни, гьей росасул тIалабалда хутIула, лъимер гьабиялдалъун гIидда лъугIизегIан. Гьесда тIадабги букIуна гьелъ лъимер гьабизегIан квен, жаний чIезе рукъ ва цогидаб гьелъие чIезабизе. Гьединлъидал, гьелъие закагIат щоларо, рослъун вукIарасул ва цогидазул гьединай гIаданалъе закагIат кьезе ихтиярги букIунаро. Амма гьединай гIаданалъул ругони рецIизе ккарал налъаби яги гьей кколей йигони жидее закагIат щолел тайпабазде гъорлъе, гьеб мехалда бегьула гьелъие закагIат кьезе.
Цоги, гьединай гIаданалъе рехсарал санагIалъаби рослъун вукIарас чIезарулел гьечIони, гьарейин абун гьесдаса тIалаб гьабун лъугьунебги гьечIони, гьеб мехалдаги бегьула гьелъие закагIат кьезе.
(«ТухIфатул мухIтаж»)
Какичуризе байбихьулелъул кверал чурун ругони, рукьаби чуриялде щведал гьел кIиабизеги чуризе кколищ?
Какичуризе байбихьулелъул кверал чуризе суннатаб буго. Рукьаби чуриялде ирга щведал цIидасан чуризе ккола. Рукьаби чурулеб мехалда, цогидал какичуриялъул лугбазда кигIан гьитIинаб бугониги чуричIого бакI хутIизе бегьулареб гIадин, квераздеги киса-кибего цIидасан лъим щвезабизе ккола. ЩвечIого, чуричIеб бакI хутIани, какичури тIубачIеблъун лъугьуна, какичури тIубачIого как бани, гьебги рикIкIунаро.
(«ТухIфатул мухIтаж»)
УхIид абун аварагасул цIар бугин рагIана. Бугищ гьеб?
Аварагасул ﷺ цIарал гIемерал руго. Гьезда гьоркьор бищун хириял МухIаммад ва АхIмад ккола. Имам Нававияс «Тагьзиб» абураб тIехьалда рехсолеб буго цо-цо гIалимзабазул накълу: «Аллагьасул ﷻ буго азарго цIар ва гьединго Аварагасдаги буго азарго цIар», - ян. Аварагасда ﷺ азарго цIар кин букIунебин суал кьуни, гьелъие жаваб буго, Аварагасе ﷺ гьарурал киналниги сипаталгун цадахъ гьебгощинаб цIар бачIунин абураб.
Ибну ГIабасидасан бицараб хIадисалда буго, АхIмад абун Инжилалда букIанин Аварагасул ﷺ цIар ва УхIид абураб цIар Тавраталда букIанин. Нилъеда лъала ТIадегIанав Аллагьас ﷻ щивав аварагасухъа къотIи босараблъи, гьезул заманалда МухIаммад авараг ﷺ загьирлъани, гьесда нахърилълъине ва гьесда иман лъезе. Гьезул тIахьаздаги Аварагасул ﷺ бицун буго. Амма гьезул цIаларал чагIаз гьеб хисизабуна ва гIаммаб халкъалдаса бахчана.
УхIид абун Аварагасе ﷺ цIар кьуна, щайин абуни, Аварагас ﷺ жиндирго уммат жужахIалдаса рикIкIад гьабуна ва нахъчIвана жиндир шапагIаталдалъун.
(«Васаилул вусул»)
Рузманалъул как базе мажгиталде щвана имамас салам кьун хадуб. Цинги рузманалъул какил кIиабилеб ракагIаталде щварав чиясда нахъвилълъун рузманалъул как бухьани, рузман щолищ?
Рузманалъул как щвеялъул шартIаздасан ккола, кватIун вачIарасе имамасда цадахъ кIиабилеб ракагIатгIаги щвей, ай кIиабилеб ракагIаталъул рукугI имамасда цадахъ гьабизе щвей. КIиабилеб ракагIаталъул рукугIалде гьев щвечIони, ният рузманалъеги гьабун, къалъул как базе ккола.
Имамас салам кьун кIиабилеб ракагIат базе вахъарав масбукъасда хадуб как бухьиндалги (гьев масбукъасе имамгун цадахъ ракагIат щун батани), рузманалъул как щола кIиабилеб гьесул ракагIаталда нахърегIани, ай рукугIалдаса гьев ворхизегIан хадуб как бухьани.
Гьалдасан бичIчIула, кватIун вачIарасе, имамасда хадуб гуреб, масбукъасда хадуб ракагIат щвани рузман щолеблъи, ай рузманалъул как балесда цадахъ цо ракагIат щвани.
Паризаяб черх чуриялъе ва какие чуриялъе чан парз бугеб?
Паризаяб черх чуриялъе бихьизабун буго кIиго шартI. 1. Ният гьаби. Масала, дица ният гьабуна паризаяб черх чуризе абун. 2. Кинабниги черхалде лъим щвезаби. Гьаниб бачIуна лъабабилеб шартIги, жиб цо нухалъ чурун нахъе унареб бугони. Гьеб черх чуризегIан нахъе инабизе тIалъула.
Какие чуриялъе бихьизабуна 6 парз. 1. Гьумер чури. 2. КIиябго гIункIрукь бакIгун цадахъ чури. 3. БетIералда цо бакIалда масхIу гьаби. 4. КIиябго хIетIе, хIатIил хинкIалгун цадахъ, чури. 5. Ният гьаби. Нилъеда лъазе ккола гьумер чурулаго цадахъ ният букIине кколеблъи. 6. Тартиб цIуни.
Нилъеца рехсараб къагIида цIуни.
(«Маракъил ГIубудият»)
Рузман къоялъ сапар бухьине бегьулищ?
Рузман тIалъулев чиясе рузман къоялъул хъахIлъи биччаралдаса сапаралде вахъине хIарамаб буго. Сапаралъул гьалмагълъиялдаса нахъе кколев вугони яги нухда ялъуни живго унеб бакIалда рузман базе щолеблъи лъалеб бугони, гьеб мехалъ бегьула. Рузман сордоялъ сапаралде рахъине карагьатаб буго.
Рузманалде ине тIалъуларел, шаргIияб гIузру бугезе къалъул как жамагIат гьабун базе суннатаб буго. Амма гIузру загьираб, гIадамазда лъалареб гIадаб гьечIони балъго бала гьезда мекъаб жо ракIалде ккечIого букIине.
Шагьаралда рузман балалде жиндир гIузру тIасан ине бегьулев чи вугони, гьесие къалъул как нахъе бахъизе суннатаб буго рузманалда нахърегIиялдаса хьул къотIизегIан. Щибго гIузруги гьечIого рузманалде инчIого чIарав чиясул къалъул как лъугьунаро ва гьеб хвараб букIуна шагьаралда ралел рузманазул ахирисеб рузманалдаса имамас салам кьезегIан бухьани. Рузманалде ине кватIизегIан тIасан иналде хьул гьечIеб гIузру бугел чагIазе ва руччабазе къалъул как гIужил авалалда базе суннатаб буго.
(«ТухIфатул мухIтаж», «Канзу рагъибин»)
РагIун букIана берталъе ахIидал, гьеб ахIиялъе жаваб гьабизе тIадаб бугин абун. ЦIакъго рикIкIаде ине кколев вугонигийищ гьеб тIадаб бугеб?
Бертадул ахIиялъе жаваб гьабизе тIалъула гьеб бертин гьабулеб бакIалда ругел гIадамазе. КъватIир, ай рахъ-рахъазда ругез жаваб гьабиялда тIасан гIалимзабазул хилаф буго. Бергьинабураб рагIиялда бан, щибаб бакIалъул гIадаталда рекъон гьабила жаваб. Масала, гIадат батани рикIкIад ругез жаваб гьабулареб, гьеб мехалъ гьеб тIалъиги нахъе уна.
(«Бугъятул мустаршидин»)
Жиндир налъи тIаса лъугьун тарасе закагIат кьун щолищ, гьев чIун вугони, гьеб налъи бецIичIого теларин абун?
Жинца налъи кьурав тIаса лъугьун тезелъун налъуласул разилъиялде хIажатав гьечIо. Гьединлъидал, жинца налъи кьурас налъи тIаса лъугьун тани, налъуласда гьеб лъалеб гьечIоницин, гьев гьеб налъудаса эркенлъула. Гьелдаса босун, налъуласе гIадин гьев чиясе закагIат щоларо.
(«МавсугIал фикъгьиял Кувайтия», «Ашбагь ва Назир»)