Аслияб гьумералде

Суалазе жавабал кьуна имам ШафигIил мазгьабалда рекъон

Суалазе жавабал кьуна имам ШафигIил мазгьабалда рекъон

Хъизамалъул цере рукIарал лъимал дие лъималлъун лъугьунищ?

Хъизамалъе тIоцебесеб ригьнадаса гьарурал лъимал, гьанже вугев росасе лъималлъун лъугьунаро. Амма гьелъул ясал ва лъималазулги ясал гьесие махIрамияллъун лъугьуна гьел кIияздаго (рос-лъадуда) гьоркьоб тIоцебесеб гьоркьоблъи лъугьиналдалъун. МахIрамиялин абула, жидеда гьоркьоб ригьин гьабизе бегьуларел, цоцазда квер хъваялдалъун какичури биххуларел, жал цадахъ рукIиналдалъун, цоцазда кIалъаялдалъун мунагьалде кколарел гIадамазда. («ТухIфатул мухIтаж», «Нигьаятул мухIтаж» «Фатавал Халилия»)

Къуръан-хIадис тIад хъварал тетрадалгун журналал ва газетал руго рокъор. Адаб тей кколаредухъ, рукъалъул тIохтIа, бацIцIадаб бакIалда лъун руго гьел. Амма хъанхъра бан, хIур ккун рукIуна. Щиб гьезда гьабизе бегьулеб?

ТIахьазда хъван буго, Къуръан-хIадис, шаргIиял хIукмаби гIадаб хъвараб жо тIагIинабизе хIажалъи бугеб мехалда, бищун лъикIаб къагIида гьел рухIи бугин абун. («Аль-иткъан фи гIулумил Къуръан»)

Дун вуго как балеб мехалда къула-ворхи хехго гьабулев чи. ЖамагIат гьабун, имамасда цадахъ как балелъул, дирго цIалулелдаса тIувайдал дун гIенеккун чIезе ккола, цо-цо мехалда гIезегIанго заманалъги. Гьединаб мехалда имамасухъ валагьун чIей гуреб, цоги дица щиб гьабилеб?

АлхIам, АттахIияту гIадаб цIалулеб жо цIалун лъугIидал, имамасда хадуб как балев чиясе суннатаб буго, имамас гIодове къулизе байбихьизегIан, тIоцебесеб кIиго ракагIаталъул АлхIамалда хадуб Къуръаналдаса сура цIализе, лъабабилеб, ункъабилеб ва тIоцебесеб АттахIиятуялда хадуб дугIа гьабизе. РукугI-сужда гIадал бакIазда цIалулел тасбихIазулъ абуни, гьел жеги цIикIкIинарун такрар гьарила. («ИгIанату ТIалибин»)

Кепалъего цо лага багъаризабуни яги гьаракь гьабуни как биххулищ?

Махсароде бугониги гьаракь гьабуни яги лага багъаризабуни (хIатта килщал ва берзул тIелхал) как биххула. («Нигьаятул МухIтаж»)

АлхIам битIун цIалуларев чиясда нахъвилъине бегьулищ?

АлхIам лъикI цIалулесе бегьуларо гьеб лъикI цIалуларесда (умиясда) нахъвилъине. Нахъвилъани, гьесул гьеб какги рикIкIунаро. АлхIамалъе жалгъаллъи гьабулев ккола букIине кколедухъ хIарпал рахъун цIалуларев чи. Гьебго хIукму буго АттахIияту цIалиялъеги. Гьебги цIализе ккола махражалда. («ИгIанатул ТIалибин»)

Таямум гьабурасда хадуб жамагIат гьабун как базе бегьулищ?

Какие чурарав чиясе бегьула таямум гьабурасда нахъвилъине, гьеб как бецIцIизе кколареб батани. Масала, таямум гьабулел лугбазда гипс букIун батани, гьеб как бецIцIизе ккола. Гьединав чиясда хадув вилъине бегьуларо. («ИгIанатул ТIалибин»)

ЖамагIаталде инчIого чIезе ихтияр кьолел гIузраби ругищ?

ЖамагIаталде инчIого чIезе ихтияр кьолел гIузрабаздасан ккола черх биччиялда хIинкъараб куцалъ цIад бай, сардилъ, рогьалилъ пулеб кутакаб гьури, кутакаб хIарщ багъарун букIин, кутакаб бухIи яги квач бугони, кутакалда вакъун, къечон вугони (хIадурараб квенги букIаго). Унтул захIмалъи цIикIкIунеб бугони, черхалъе яги лагаялъе, ялъуни боцIуе хIинкъи бугони, бецIизе кIолареб налъул бетIергьан налъи бецIеян тIаделъун вугони, жамагIаталде инчIого чIеялдалъун жанив тIамиялдаса яги гIакъуба кьеялдаса ворчIизехъин вугони, заманалда, бакIалда рекъараб ретIел батичIони, махI квешаб жоги кванан, папирос бухIун, кIалдиса квешаб махI бугони, гьеб махI кIалдиса инабизеги бажаричIони, жиндир тIалаб гьабизе цоги чи гьечIев, унтарав чиясда аскIов чIезе кколев вугони, беццав чиясе мажгиталде жив вачунев чи ватичIони, хварав чи чуризе, мусру базе, вукъизе кколев вугони, сапаралде унеб гьалмагълъиялдаса ватIалъизехъин вугони, ракь багъари, макьу бергьин, къечIалъ хIал гьаби бугони. («ФатхIул гIаллам»)

Чи хведал жаназалъул как базе тIадаб бугищ?

Жаназалъул как бай фарзул кифаят буго. Цояс жиб бани, цогидаздаса гьелъул фарз тIаса ккола. Цонигияс бачIого тани, гьеб базе рес бугевщинав чи хIакъикье ккола. Цояс баниги цогидазеги гьеб суннатаб буго. Жаназалъул как кIвар цIикIкIараб как ккола. Зигараялъе рачIунел гIадамал гIемер рукIуна, амма как балел дагьал рукIуна. КьучIаб хIадисалда буго: «Бусурманчи хун хадуб кIикъого чияс гьесул рухIалдаса жаназалъул какги бан, гьесие шапагIат гьабуни, Аллагьас гьезул шапагIат къабул гьабичIого теларо», - ян. Хварасда дагьабниги ракI гурхIарав чияс гьесдаса жаназалъул как бачIого теларо.

Какил гIужги щун букIаго кьижизе вахине бегьулищ, как хадуб базе нияталда?

Карагьатаб буго какил гIуж щведал яги гIагарлъулеб мехалда гьеб базегIанги чIечIого, гьелъул заман лъугIилалде вахъине кIвелин абураб пикруялда яги цогияс вахъинавилин ккун кьижизе рахине. Гьединаб пикру гьечIони, хIарамаб буго гIуж щведал кьижизе. («ИгIанату ТIалибин»)

Цо пуланаб иш гьабизе бокьун буго дие. Амма щакдарилев вуго. Гьеб тIаса инабулеб как букIунищ?

Цо иш гьабундай яги гьабичIогодай лъикI абун вас-васалде ккарав чияс кIиго ракагIаталъул истихаралъул как базе лъикIаб буго: «Дица ният гьабуна истихараталъул кIиго ракагIат базе», - абун ниятги гьабила. Истихарат ккола цо иш гьабундай яги гьабичIогодай лъикI букIина абун Аллагьасдасан лъазе тIалаб гьаби. МухIаммад аварагас асхIабзабазда Къуръаналъул сурат гIадин малъулеб букIана истихараталъул какги.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...