Аслияб гьумералде

Суал-жаваб

Суал-жаваб

Къасимехалъ «Мулк» сура цIализе бихьизабун бугищ?

ГIалимзабаз абула «Мулк» сура щибаб сордоялъ цIализе лъикIаб бугин абун. Ибн Ражаб абурав гIалимчияс, «АхIвалул Къубур» абураб тIехьалда, хъвалеб буго: «Авараг ﷺ «Алиф лам мим», «Танзил» ва «Табарака» сураби цIаличIого кьижулев вукIинчIо», - ян.

Гьединго ибн МасгIудица абуна: «Щибаб сордоялъ сура «Мулк» цIаларав чи Аллагьас хабал гIазабалдаса цIунула. Аварагасул ﷺ заманалда нижеца гьеб сураялда «ЦIунулеб сура» абунги абулаан», - ян. (Имам Насаи, 6 /179)

 

 

Цо-цо бакIазда гIадамал борхалъуде рахуна моцIрохъ халгьабизелъун. Гьедин гьабизе бегьунгутIи бугищ?

Рамазан ва цогидалги моцIаз моцIрода хадуб халкквей фарзул кифаят буго, ай цо чияс гьабуни киназдасаго тIаса хIакъ кколеб. Амма цонигияс гьеб хIакъ тIубачIони, киналго мунагьалъукьеги ккола.

 («Бугъятул Мустаршидин», гьум. 135-136)

 

 

Как ахIиялдаги къамматалдаги гьоркьоб бугеб заманалда щиб гьабизе лъикIаб бугеб?

Гьеб заман гIадада биччазе рекъараб гьечIо. Гьениб лъикIаб буго дугIа гьабизе. Аварагасул ﷺ хIадис буго: «Как ахIиялдаги къамматалдаги гьоркьоб гьабураб дугIа нахъчIваларо», - ян. КигIан гьитIинаб дугIа гьабуниги суннат тIубала. Суннатал ратибал ралеб заман хутIун, хутIанщинаб заман дугIа гьабулаго тIамизе лъикIаб буго.

Гьеб заманалда гьабизе хирияб дугIаги гьаб буго: «Аллагьумма инни асъалукал гIафията фи ддунья вал-ахирата», - абун. (МагIна: «Дица гьарула Аллагьасда ﷻ гьаб дунялалдаги ахираталдаги талихI»).

(«ТухIфатул МухIтаж», «Мугънил

МухIтаж»)

 

 

Тохлъукьего хвел тIаде бачIиналда щиб абулеб исламалъ?

Тохлъукьего хвел тIаде бачIиналда исламалъ абула, масала, мунагьал гьарулев чиясе Аллагьасул рахъалдасан тамихI бугин. Щайин абуни, тохаб хвел бачIиналдалъун БетIергьанас гьев нахъчIвана хвалде хIадурлъи ва тавбу гьабизе рес щвеялдаса, гьединго, гьесде риччачIо унтабигун захIмалъаби, ай жал сабаблъун гьесул мунагьал чуризе рес букIарал.

Щиб къоялъ хвел тIаде щваниги, хвалде хIадурарав муъминчиясе гьеб буго нигIмат ва бигьалъи. Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Тохлъукьего бачIараб хвел муъминчиясе рахIат буго, къосарасе - пашманлъиги буго», - ян (АхIмад).

(«ТухIфатул МухIтаж», «Файзул къадир»)

 

 

Мажгиталде лъугьиндал игIтикаф гьабизелъун лъалхъи гьабизе кколищ?

Мажгиталда игIтикаф гьаби Къуръан-хIадисалда бихьизабураб суннатаб гIамал буго, жиндие ният гьабиялдалъун, щибго гIамал гьабулеб гьечIониги, мажгиталда жанив вукIиналдалъун чиясе кириги хъвалеб.

ИгIтикаф буго, хасаб ниятги гьабун, мажгиталда жанир чIей. Амма гьеб суалалда тIасан гIалимзабазул батIи-батIиял пикраби руго. ЦIикIкIун кьучI бугеб рагIи ккола игIтикафалъе ният гьабулелъул лъалхъизе кколарин абураб. ИгIтикафалъе ният гьабизе бегьула рилълъанхъун унагоги ва щиб нияталда чи мажгиталде вачIун ватаниги. ИгIтикаф гьабураблъунги лъугьуна цояб нуцIидахъан жаниве ун, цогидалъуса къватIиве вачIунебгIан заманалда гьеб ният гьабуниги.

(«ТухIфатул МухIтаж», «Якъуту н-Нафис»)

 

 

 

КъваригIел тIубайдал нахъвуссине нияталда вугев сапаралде вахъарасе какал данде росизе ва къокъ гьаризе чан къоялъ шаргIалъ бегьизабун бугеб?

Пуланаб шагьаралде, ункъо камилаб къо гьениб базе кколареб хъулухъалъ вачIарав чи гьеб хъулухъ тIубаларого хутIани, бокьараб къоялъ тIубазе ресги бугеб хIалалда ва гьеб тIубарабго нахъвуссиналъул къасдалдаги вугони, гьесие анцIила микьго къоялъ какал къокъ гьаризе ва данде росизе бегьула. Амма лъалеб бугони къваригIел тIубазе ункъо ялъуни цIикIкIун къоял къваригIунеблъи, гьеб мехалъ гьесул сапар лъугIула.

(«ТухIфатул МухIтаж»)

 

 

Какде кватIун вачIарав масбукъасда тIадаб бугищ, имамас салам кьедал, АттахIиятуги цIаличIого, хутIарал ракагIатал разе тIаде вахъине?

Какде кватIун вачIарав чи (масбукъ), имамас салам кьедал, хутIарал ракагIатал тIуразаризе, АттахIиятуги цIаличIого, тIаде вахъине ккола, АттахIияту цIалулеб ракагIат гьеб батичIони. Масала, ахирисеб ракагIаталде щварав чи, имамас салам кьедал, АттахIиятуги къотIизе тун, жиндирго хутIарал ракагIатал тIуразе вахъина, тIоцебесеб ракагIаталда АттахIияту цIализе бихьизабун гьечIелъул. Вахъине кколеблъиги лъан, имамас салам кьун хадуб, АттахIияту цIализе гьев чIани, гьесул как батIуллъула.

Лъалеб букIун батичIони ялъуни кIочон хутIун АттахIияту цIализе чIани, как батIуллъуларо. КIочон чIеялдалъун какил ахиралда сагьвиллъиялъул сужда гьабизеги лъикIаб буго.

Масбукъасул тIоцебесеб АттахIияту цIализе кколеб бакI гьеб батани, масала, ункъо ракагIаталъул какил лъабабилеб ракагIаталде гьев щвани, ва имамасул ахирисеб АттахIияту масбукъасул тIоцебесеб аттахIиятугун данде ккани, имамас салам кьедал, АттахIиятуги цIалун бахъинабун вахъина хутIараб ракагIат тIубазабизе.

 («ТухIфатул МухIтаж»)

 

 

Къуръаналда рехсарал къисаби чанго нухалда такрар гьариялъул хIикмат щиб?

Къуръаналда рехсон ругел аврагзабазулги ва цойгидазулги къисаби чанцIулго такрар гьариялъе чанго хIикмат буго. Гьездасан ккола:

1) МацIалъул пасихIлъиялдасан ккола цого къиса чанго батIияб къагIидаялда рехсей, магIна цо букIунедухъ.

2) Гьел чанго бакIалда рицарал цого къисаби тIасан магIна релълъарал ругониги, гьел рехсарал бакIазда цере-хадур ругел аятазухъ балагьидал, гьездасан щибаб бакIалда батIияб магIна бичIчIула.

3) ТIадегIанав Аллагьас ﷻ жиндирго хириясе ﷺ гьел къисаби чанго нухалда батIа-батIаго рещтIана, гьеб тIалаб гьабулеб хIикмат букIиндал. Аварагасги ﷺ гьеб аят рещтIанщинахъе асхIабзабазда бицун, Къуръаналъул тартибалда лъун цIунана.

(Фатавал Халилиййат)

 

 

ХIалалаб сапаралде вахъарас, нухда вукIаго мунагь гьабидал, какал къокъ гьаризе бегьулищ?

ХIарамаб сапаралде вахъарав нухлуласе какал къокъ гьаризе ва данде росизе бегьуларо, гьес тавбу гьабун хадуб гурони. Гьеб мехалъги халгьабула тавбу гьабураб бакIалдаса сапар гьабун унеб бакIалде щвезегIан какал къокъ ва данде росизе бегьулеб манзил бугищали.

ХIалалаб сапаралде вахъарас, нухда унаго гьеб сапар хIарамаблъун гьабуни (масала, хIалалаб сапаралде вахъиналъул ният мунагь гьабизелъун хIарамалде сверизабуни), гьесие какал къокъ гьаризе ва данде росизе хIарамлъула.

Гьеб куцалда, хIалалаб сапаралъ унев чи, сапаралъул ният хисизабичIого мунагьалде ккани, какал къокъ гьаризе ва данде росизе бегьула, жибго сапар хIалалаб букIиналъ.

(«ТухIфатул МухIтаж»)

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Рагъухъабазе кумек гьабулеб ателье

ГӀумарасхӀабги гьесул лъадиги руго нилъер рагъухъабазе кумек гьабулел чагIи. Гьез гьабулеб ишалъул хIакъалъулъ рагIидал, ният ккана гьезухъе щвезе ва гара-чIвари гьабизе.    – ГIумарсхIаб, рагъухъабазе кумек гьабизе ккелин абураб пикруялде кин нуж кантIарал? - Нижер буго «Баракат» абун цIар...


ГIалимзабазул советалъул резолюция

2026 соналъул 11 февралалда тӀобитӀараб ДРялъул ГӀалимзабазул советалъул данделъиялъул хIасил гьабун, жакъа къоялъ чара гьечIел диниял, тарбия кьеялъул, хъизамалъул, жамгӀияталъул ва социялиял суалазул халги гьабун, ГӀалимзабазул советалъ, ТӀадегӀанав Аллагьасда ва жамгӀияталда цебе жидерго бугеб...


Камил гьабила

ГIибадат гьабиялъулъ тамахлъи лъугьиналъ жанисеб бацIцIалъиялъеги чучлъи лъугьуна. Амма инсанас гIемер гIибадат гьабунагIан, рухIияб рахъги камиллъула. Диналъ нилъее, гIибадаталда даимго рукIинедухъ, Аллагь рази гьавизе хIаракат бахъиялъул мурадалда кьун руго паризаял гурелги гIамалал...


Цолъиялъулъ букIуна баракат

Шамил районалъул Гъоркьа Бакълъухъ росдал жамагIатгун дандчIвана ДРялъул муфтиясул заместитель Насрула Абубакаров, миллияб политикаялъул рахъалъ министерствоялъул ва районалъул администрациялъул вакилзаби. Гьениб бицана цоцазе кумек гьабизе, цадахъ рекъон вацлъиялда рукIине ва хасго гьаб рамазан...


Иргадулаб кумек

Хасавюрт районалъул ва шагьаралъул имамзабазул советалъул председатель Аргъваниса МухIаммадил хIаракаталдалъун, иргадулаб кумек битIана СВОялда ругел нилъер рагъухъабазе. Районалъул имамзабазул советалъул председателас, гьеб лъикIаб ишалда гIахьаллъи гьабунщиназе, ракI-ракIалъулаб баркалаги кьун,...