Аслияб гьумералде

Суалазе жаваб кьуна имам-ШафигIил мазгьабалда рекъон

Суалазе жаваб кьуна имам-ШафигIил мазгьабалда рекъон

Мачуязда каратI бугони, гьезда масхIу гьабун какичурани, бегьулищ?

Мачуязда масхIу гьаби буго шаргIалъ гьабизе рухса кьураб, аварагасги чанго нухалъ гьабураб гIамал. Гьезда масхIу гьабун какичури бегьизе ккани, буго щуго шартI. ТIоцебесеб, камилаб какичури гьабун хадур жал ретIараллъун рукIин. КIиабилеб, какичурулелъул хIатIил чуризе тIадаб бакI бахчулеллъун гьел рукIин. Лъабабилеб, хIатIиде лъим щвей нахъчIвай, ай тIаде тIураб лъим букъараб бакIалдаса гуреб, цоги бакIалдаса жанибе щолареллъун гьел рукIин. Ункъабилеб, рокъов вугев чияс сордо-къоялда жанир гIадатиял хIажатал тIуралаго жал тIад ретIун хьвадизе кIолел, щулиял рукIин. Сапаралда вугесе - лъабго сордо-къоялъ. Щуабилеб, бацIцIадаб жоялъул гьарурал рукIин. («Ал-мугIтамад»).

Мажгиталде щведал гьеб кIодо гьабиялъул как бачIого гIодор чIезе лъикIаб бугищ?

Мажгиталде лъугьарав чиясе суннатаб буго, гIодов чIезе бокьун батичIониги, жаниве лъугьиндал гьеб кIодо гьабун кIиго ракагIаталъул суннатаб как базе. Бухарияс бицараб хIадисалда буго: «Нужер цонигияв мажгиталде лъугьараб мехалъ, кIиго ракагIаталъул как бачIого, гIодов чIоге», - ян. ГIузру батичIони бачIого тезе карагьатабги буго. Гьеб базе рес ккечIев чиясе (бокьичIесеги бегьила) суннатаб буго: «СубхIана Ллагьи ва лхIамду лиЛлагьи ва ла илагьа илла Ллагьу ва Ллагьу акбар ва ла хIавла ва ла къуввата илла биЛлагьил гIалиййил гIазими», - абизе. («ИгIанату ТIалибин»).

Витруялъул как бай нахъбахъун тезе кидал лъикIаб бугеб?

Чи вугони, рогьалил как ахIизегIан цеве макьидаса ворчIиялда, жиндирго гIадат билълъун яги цогияс вахъинавун, гьесие суннатаб буго витруялъул как бай нахъбахъун тезе. Муслим Бухарияс бицараб аварагасул хIадисалда буго: «Нужеца къаси ралел каказул ахирисеб витру гьабе», - ян абун. ВорчIиялда божи гьечIезе нахъбахъизе лъикIаб гьечIо. КьижизегIан цебе бан букIун батани, ворчIун хадуб цIи гьабизе гьечIо, гьабуни гьелдалъун тагьажудалъул как хIасуллъула. Цо-цо гIалимзабаз мутIлакъго абулеб буго кьижизегIан цебе гьеб базе рекъараб бугинги. Цинги, макьидаса рорчIидал балин тагьажудалъун какгиян, гьедин гьабулеб букIанин АбуБакар ва ГIумар асхIабзабаз. Абу-Гьурайратил рагIи буго: «Нижеда аварагас витруялъул как кьижизегIанго цебе байин амру гьабулеб букIана», - ян абураб. («ИгIанату ТIалибин»).

Мехтел гъорлъ букIун гьарурал кондитеразул нигIматал кваназе бегьулищ?

Исламалда мехтелалъул бокьараб тайпа нажаслъун рикIкIуна. Гьелдаса босун, гьелъул дагьаб къадарцин хIалтIизабизе хIарамаб буго. Лъазе ккола, кондитеразул нигIматал гьарулаго гьезулъ бугеб мехтел тIубанго тIагIанигицин, гьел нигIматал рацIцIадаллъун лъугьунаро. Кинниги, гьел нигIматазда гъорлъ мехтел букIин мухIканго лъалеб гьечIони, хIалтIизаризе ва кваназе бегьула. Гьединго хIарамаб буго чагъир ялъуни цогидал мехтелал гъорлъ журан гьарурал квеналги хIалтIизаризе. («ТухIфатул МухIтаж», «Раддул Мухтар»)

Имамас салам кьедал ракагIатал лъугIизаризе вахъарав чиясда (масбукъ) хадуб жамагIат как базе бегьулищ?

Имамас салам кьедал ракагIатал лъугIизаризе вахъарасда хадуб жамагIат как бани, гьеб рикIкIуна, амма жамагIат какил кири щоларо, гьедин как бухьине карагьатабги буго. («Нигьаятул МухIтаж»)

عبارة نهاية المحتاج: وخرج بمقتد ما لو انقطعت القدوة كأن سلم اإلمام فقام مسبوق فاقتدى به آخر أو مسبوقون فاقتدى بعضهم ببعض فتصح في غير الجمعة على األصح لكن مع الكراهة.

Сапаралда вукIаго боголил как маркIачIул какдеги босун барав чияс, цинги сапар лъугIун рокъов щведал, боголил заман жеги щун батичIони, боголил как цIидасан базе кколищ?

Боголил как маркIачIул какдеги босун сапаралда барав чияс къасд бугеб бакIалдеги щун, масала, ватIаналдеги щун, сапар лъугIидал, гьеб боголил как цIидасан базе кколаро, боголил какил заман жеги щун батичIонигицин. Сапаралда вугес маркIачIул как боголилалде тIаде босун, сапаралда вукIаго базе ресги ккечIого къасдлъун бугеб бакIалде, масала, рокъове щун ватани ва жеги боголил гIужги щун батичIони, гьесда тIадаб буго боголил гIуж щвезегIан чIечIого маркIачIул как базе. Амма боголил гIуж щун батани, гьес бараб маркIачIул как данде босараблъун гуреб, бецIун бараблъун букIуна. Гьелъухъ гьесие мунагьги букIунаро. Аллагьасда лъикI лъала. («ТухIфатул МухIтаж»)

ХIухьел цIазелъун операция гьабун щекъералда каратI бахъани яги унтарасул мукъулукъ нахъе къотIун батани, гьесул какил хIукму щиб?

Щокъроб каратI бахъизегIан цебе гьесда бажарулеб букIун батани кIалъазе, амма хадуб щекъер борлъани хIухьел цIазелъун, гьесдаги кIолеб батани кIалъалеб бакIал хIалтIизаризе, гьеб мехалъ гьесда гьеб тIалъула, ай кIутIби ва мацI багъаризабизе. Гьеб кIолеб батичIони, ракIалдасан цIализе ккола. («ТIухIфатул МухIтаж», «ХIаваши Рамли гIала ШархIи аш-Ширвани», 2 бутIа, гьум. 144).

Нижер гьоркьоблъи хун буго, цоцадехун рокьихинлъиги гьечIо, цадахъ гIумру тIамизе квешго захIмалъулебги буго. ЦIар тIамизе бегьулищ гьединаб мехалъ?

ШаригIаталъ нилъеда лъазабуна чIужуялда цIар тIами Аллагьасул бищун ццим бахъунеблъун бугилан хIалаллъиялда гьоркьоб, хIатта гьеб цIар тIами батаниги гIузру букIун. КигIан кIваниги нилъ рикIкIалъизе ккола цIар тIамиялдаса. Амма дуца бицухъе батани, шаригIаталъ тIад гьабуларо цадахъ рукIине. Цадахъ рукIине бажарулареб хIал батани, шаригIаталъ хIалал гьабула цо цIар кьезе, тIадюссинайизе рес бугеб. Гьебги гьабула нужеда гьоркьоб бугеб цоцазда ричIчIунгIутIи нахъе инабизелъун. Щайин абуни, хадуб гьезда бичIчIула, рос-чIужулъун рукIиналдаса лъикIаб жо гьечIеблъи. Лъабго цIар кьеялдаса нилъеца кутакалда цIуни гьабизе ккола. Щибго гIилла гьечIого цIар тIамулел гIадамазда ТIадегIанав Аллагьасул кинаб ццим букIунебали пикру гьабеха. («Фатава Имаму Навави»).

Хабалъ нилъ лъедал ракьалъ данде къаялъул хIикмат щиб?

ГIадамазул эбеллъун ккола ракь. Гьелдаса гьелги рижана ва гIемераб заманаялъ гьелги ратIалъана. Ракьулъ лъедал гьелъ гьел данде къала, эбелалъ чанго соналъ тIагIарав вас данде къалевгIадин, ай тIадвуссун вачIиндал. ТIадегIанав Аллагьасе мутIигIав чи гьелъ хIеренго къала, Гьесие гIасиявлъун ватарав - ццин бахъун, квешго данде къала. («Бужайрами гIалал ХатIиб»).

Сивакалъул хиралъи кинаб бугеб?

Сивакалъ Аллагь рази гьавула, шайтIаналъул ццим бахъинабула, кIал бацIцIад гьабула, цаби хъахI гьарула, пагьму цIикIкIинабула, сахлъи щула гьабула, рухI бахъулеб мехалъ шагьадат битIизе ракIалде щвезабула, кIалдиса квешаб махI нахъе инабула, квен бихIинабула, рухIбахъи бигьа гьабула, ризкъи гIатIид гьабула. Сивакгун бараб кIиго ракагIаталъул какил кири, гьеб гьечIого бараб 70 ракагIаталъул кириялдаса цIикIкIуна. («ИгIанатул ТIалибин»).

2026-07-01 (МухIаррам 1448 с.) №13.


Бекерулеб заманалъул хIикмат

Замана сверула сагIтал тирула, Сон хехго бачIуна, херлъун ватула. (Инхоса ГIалихIажи)   Халкъалда гьоркьоб гIемер бицунеб жолъун ккола ахираб мехалда заман хехго унеб бугилан абун. ХIакъикъаталдаги гьедин букIин бихьулебги буго. Щибго ургъел гьечIого нилъ рукIаго ун батула анкь, моцI,...


Иблисалъе вокьулев

БетIергьан Аллагьас ﷻ инсанасулъ рижун руго реццарал ва какарал тIабигIатал. Реццарал тIабигIатал Аллагьас ﷻ кьурав чиясда тIадаб буго гьезухъ шукру гьабизе, амма какарал тIабигIатал ругони, гьес кIвараб хIаракат гьабизе ккола гьел тIагIинаризе.   Бахиллъи, къарумлъи, барахщи – гьал...


ТIаса лъугьайин гьарилищ?

Гъибат-бугьтан гьаби ккола мацIалъ гьарулел мунагьазул бищунго гIемеразул цояб. ГIемерисеб мехалъ инсанас бигьаго абула диналъул вацасул яги яцалъул хIакъалъулъ рагIаби, ТIадегIанав Аллагьасда цебе гьеб мунагь кигIан кIудияб букIине бегьулебали хIисаб гьабичIого.   ТIадегIанав Аллагьас ﷻ...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Кин кумек гьабилеб?     Дир вац захIматго унтун вукIана. Гьанже дагьабго мадар бугониги гьев хIинкъун вукIуна. Цо-цо мехалда хIухьел цIазе захIмалъула, паническиял атакаби лъугьуна. Кин дица гьесие кумек гьабилеб?   ГIали, МахIачхъала   ГIалимчиясул жаваб Бокьараб...


ЛъикIазулгун гьалмагълъи гьаби

Гьудул-гьалмагълъи лъи-кIасулгун гьабизе ккеялъул хIакъалъулъ гIемер бицуна имамзабаз мажгитахъ гьарулел вагIзабазда, гIалимзабазул мажлисазда. Гьебги гIадахъ босун лъикIал гIадамазулгун цIикIкIараб гьоркьоблъи гьабизе хIаракатги бахъула гIемерисев чияс. ХIакъикъаталдаги кутакалда лъикIаб, беццараб...