Аслияб гьумералде

Суал-жаваб

Суал-жаваб

Суал-жаваб

 

ЖамгIияб транспорталда рекIун унелъул, цоязда квер хъван хадуб, щаклъи ккани бихьинчиясдайищ яги чIужугIаданалдайищ хъвараб абун, какичури биххулищ?

Гьединаб щаклъиялъ какичури хвезабуларо. Гьединлъидал, щив вугониги хъвани, амма лъазе кIвечIони хъварав чи бихьинчийищ яги чIужугIаданищ рукIаралали, какичури биххуларо. Жинда божилъи гьабизе бегьулев чияс абуни хъварав чи жинс батIияв вукIанин абун, гьеб мехалда какичури биххула.

 («ИгIанату ТIалибин»)

 

 

 

Хабада аскIоб Къуръаналъул аятал цIалиялъул хIукму кинаб бугеб? Цоги, цIалулелъул ва дугIа гьабулелъул кинаб рахъалде руссине кколел?

Хварав вукъулелъулги зиярат гьабун гьенире щведалги суннатаб буго Къуръаналъул аяталгун сураби ва дугIа цIалун, лъалеб жо хабада аскIоб цIализе.

«ЖамигIун Сагъир» абураб тIехьалда хъван буго зиярат гьабун хварасе салам кьолелъул гьесул гьумералъул рахъалде руссун кьелин, дугIа гьабулелъул Къиблаялде руссинин абун.

Имам Къайлубияс хъван буго Къуръан цIалулеб, дугIа гьабулеб заманалда суннатаб бугин хварасул гьурмаде руссун кколедухъ чIун гьабизе. ДугIа гьабулелъул, рахъунги чIун, кверал зодоре руссинарунги рукIинин (гIадатияб къагIидалда дугIа гьабулелъул кинниги).

Хварав вуссараб рахъалдаги чIун гьаби лъикIаб бугин хъвараз рехсолеб буго гьедин гьабизе лъикIаб бугин жиндихъе вачIарав ва дугIа гьабулев хварасда вихьизелъунин абун.

Къуръан цIалулелъул ва дугIа гьабулелъул гIодорчIун гьабизе лъикIаб бугин абулелги руго гIалимзаби.

(«ИгIанату ТIалибин»)

 

 

Росасда тIадаб бугищ лъади хIеж, гIумра гьабизе йитIизе?

Росасда тIадаб гьечIо лъади хIеж яги гIумра борхизе йитIизе, ялъуни гьелъул нухлул харжал тIуразе. Росасда тIадаб буго гьелъие напакъа чIезабизе, ретIел-хьит, жаний йикIине бакI, рацIцIалъи гьабизе алатал, рокъоб хIажатаб къайи-бусен букIинабизе.

Амма гьесул рес бугони чIужу хIежалде яги гIумраялде унелъул харжал тIуразе, гьеб гьаби лъикIаб буго, гьей жийго ресалда йикIин-йикIунгутIиялъухъ балагьичIого. Гьедин гьабизе лъикIаб буго гьоркьоблъи щулалъизе, рокьа-хинлъи букIине ва гьелдехун бугеб бербалагьи бихьизабизе.

(«Мингьажу ТIалибин»)

 

 

 

ЖамагIат гьабун руччабаз как кин балеб?

ЖамагIат гьабун балеб какда киналго руччаби ругони, гьезие имамлъи гьабулей чIужугIадан тIоцебесеб мухъил бакьулъ, цIакъго цеегIан къачIого, дагьалъго цее чIела. Руччабазул имаматалъ как бухьиналъул ва къула-рорхиялъул такбиразулъ, бихьиназ гIадин, гьаракь борхизабиларо.

ЖамагIат гьабун балеб какил мухъазул бищун хирияб ккола тIоцебесеб, цинги гьелда хадусеб ва гьедин ахиралде щвезегIан. Бихьиназул мухъазда нахъа руччаби ругони, гьезие бищун хирияб ахирисеб мухъ буго.

Гьединго, жаназаялъул как балеб бакIалда мухъал гьарулеб мехалъ, цересел мухъаздаса нахъехун ругел хириял руго, ай лъабабилеб мухъалде щвезегIан, гьенир мухъал цIечIониги гьел гIемер гьари мурад букIиналъе гIоло.

(«ТухIфатул МухIтаж»)

 

 

 

Как байин абун лъималазда кида абизе кколеб?

Лъимералъ анкьго сон байдал, эбел-инсуда тIадаб буго как байин абун амру гьабизе. Гьелдаго цадахъ, бажарилин ккаралгIанасел кIалал кквезаризеги тIалъула. АнцIго сон байдал как балеб гьечIони, гьел хIинкъизаризе ва цIакъго унтуларедухъ кьабизе ккола.

(«ТухIфатул МухIтаж», «ИгIанатул ТIалибин»)

 

 

 

Дагьал церегIан къоязда лъана банкалъул счеталда дие ирсалъе щвараб гIарац букIин. Гьелдаса закагIат бахъизе кколищ?

ГIарцуда закагIат тIалъизе ккани кIиго шартI буго: закагIат тIалъулеб къадаралде бахин (нисаб), гIарцуда милклъи гьабуралдаса лъагIел свери (хIавл). Гьеб кIиябго шартI тIубан бугони, 2,5 процент закагIаталъул бахъизе ккола.

Счеталда бугеб гIарац чан соналъ гьениб букIарабали халгьабун, щибаб соналъул закагIат бахъизе ккола. Гьеб гIарац счеталда букIин лъангутIиялъ закагIатги тIаса кколаро.

(«Нигьаятул МухIтаж»)

 

 

 

Рос-лъади ратIалъун хадуб росасе якьадги, чIужуялъе вакьадги махIрамияллъун хутIулищ?

Магьари лъун хадуб бахIаралъе вакьадги, бахIарасе якьадги абадиялъго махIрамияллъун лъугьуна, хадуб гьезул ригьин бихханигицин. Гьелдаго цадахъ махIрамияллъун лъугьуна гьезда тIадехун ругел умумулги.

(«МажмугI ШархIул Мугьаззаб»)

 

 

Будунас къаматалъулъ «къад-къамати» абураб рагIи абураб мехалъищ тIаде рахъине кколел яги къамат лъугIидалищ?

Гьелда тIасан гIалимзабазда гьоркьоб хилаф буго. Бергьараб рагIи ккола къамат гьабун лъугIидал мухъазда чIезе рахъин. Имам Нававияс «ШархIул имам Муслималда» хъвалеб буго: «Имам ШафигIил мазгьабалда ва гIалимзабазул рагIиялда рекъон, суннатаб буго къамат гьаби лъугIичIого тIаде рахъинчIого чIезе. Цогидал гIалимзабаз абуна къамат гьабулаго рахъине суннатаб бугилан. Анасица абуна «къад-къамати» абулаго рахъине суннатаб бугин, гьебго абуна имам АхIмадицаги. Абу ХIанифаца ва куфиюназ абуна «ХIаяягIала ссалагь» абураб мехалъ рахъине суннатаб бугилан».

Къамат гьабун лъугIидал мухъазда чIезе рахъине кколин абун хъван буго «ТухIфатул МухIтаж», «Нигьаятул МухIтаж», «Мугънил МухIтаж», «Минагьажу ТIалибин», «ХIашияту Тармаси» ва цогидалги тIахьазда.

Нагагьлъун маъмумасул как бухьиналъул такбир борчIулеб бугони, къамат гьабизегIан чIеялъ жиндир херлъиялъ яги мажгит кIудияб букIун, имамасдаса рикIкIад вукIун, гьеб мехалъ гьесие суннатаб буго хехго вахъине тIоцебесеб мухъ щвезелъун яги как бухьиналъул такбир бухьинелъун.

ХIасил гьабун абуни, суннатаб буго имамасеги маъмумасеги, къамат гьабун бахъиндал, мухъилъ чIезе тIаде рахъине.

(«ТухIфатул МухIтаж», бутIа 2, гьум. 381. «ХIашияту Шибрамалуси», бутIа 2, гьум. 206)

 

 

2026-04-01 (Шаввал 1447 с.) №7.


РекIел тIиналдаса...

Аллагь ﷻ рехсей, Гьесие ﷻ тасбихI-тагьлил гьаби буго кутакалда кIвар цIикIкIараб гIамал. Гьеб, гIицIго мацIалъ рехсей гуребги, буго тIадегIанаб гIибадатлъун, чи живго инсанлъун вукIиналъул магIналъун ва Къиямасеб къоялъ цIадирабаздаги бищун бакIаблъун букIине бугеб гIамал.   ТIадегIанав...


«Щибаб рокъобе нигIматал»

Гьединаб ахIиялда гъоркь, «Инсан» фондалъул Болъихъ районалда ругел волонтёразул централъ, тIобитIана акция. Акция тIобитIулебгIан заманалда жаниб «Инсан» фондалъул приложениялдасан лъазабун букIана 180 000 гъурущ бакIарулеб бугилан абун. Къокъабго заманалда жаниб гьеб бакIарана ва 300 килограмм...


ХIежалъул бицине данделъила

ХIежалъул бицине данделъила  «Марва-Тур» компаниялда тIобитIана регионалда хIежалъул ишал гIуцIиялъул жавабиявлъун кколев Шамил МухIаммадовасулги ДРялъул миллияб политикаялъул ва диниял ишазул министерствоялъул вакилзабазулги данделъи. Аслияб суал букIана исана хIежалде дагъистаниял ритIулеб...


ХIикматал махлукъатал

Медуза   Медузаялда абизе бегьула хIакъикъа-талдаги хIикматаб рухIчIаголъийилан. ГIалимзабаз чIезабун буго гьез гIумру гьабулеб букIанин 600 миллион соналъ цебе ва чанго нухалда дунял хваниги гьел чIаго хутIанин абун.   Гьезда гьечIо ракI, гьуърал, гIадалнах, ракьа. Амма лъала чан...


ХIурматиял лъимал!

Нужецаго рахъарал суратал, кучIдул ва цогидал жал гьаб номералде +7 988 458 16 63 ритIизе бегьула!         ГъазимухIаммадова Написат, 8 сон, Кокрек росу. ЗайнулгIабидова ПатIимат, 5 сон. Ражабов Ислам, 4 классалъул цIалдохъан, Ахъайтала росу. Темирукаева Асия, 6...