Аслияб гьумералде

Суал-жаваб

Суал-жаваб

Суал-жаваб

Как балеб мехалда тIаде вачIарас салам кьуни, щиб гьабизе кколеб?

Как балев чиясе салам кьезе суннатаб гьечIо. Кьуни, как балесда тIадаб гьечIо гьелъие жаваб гьабизе. Как балесе бегьула жаваб гьабураб хIисабалда щибго жо абичIого квералъ яги бетIералъ ишара гьабизе. Амма «ВагIалайкум ассалам» аби гIадаб каламалдалъун жаваб гьабизе бегьуларо. Бегьулареблъи лъалаго гьес жаваб гьабуни, как биххула, лъалеб букIун батичIони - биххуларо.

Жаваб гьабизе бегьула как бан лъугIидал, гьоркьоб гIемер заман ун батичIони.

(«ХIашияту ИгIанату тIалибин»)

ЖамагIат гьабун как балелъул тIаде вачIарав цIияб кьер гьабун нахъа эхетана. Гьес цевехун вугесда нахъе вачIиналъе кверги тункичIо, амма цеве вугев живго нахъе ана. Бегьулищ гьедин ине ва щолищ гьесие цебесеб кьерда чIараб мехалъго гIадаб кири?

ЖамагIат гьабун как балелъул цебесеб (цIураб) кьерда вугесда халлъани вачIун цояв нахъа (цIияб кьер гьабун) чIаравлъи, гьесие (цебесеб кьерда вугесе) суннатаб буго, нахъа чIарас как бухьиндал, цо галиялъ нахъе ун гьесда аскIов чIезе, нахъе вачIиналъе жинда квер тункун батичIониги.

Гьедин нахъе вачIарасе цебесеб кьерда вугеб мехалъ щолеб букIарабго ва жеги цIикIкIун кири хIасуллъула.

(«ХIашиятул къайлуби ва ГIумайрат»), («ТухIфатул мухIтаж»)

Какие чурулаго пуланаб лага чурарабдайин абун щаклъи ккани, щиб гьабилеб?

Какие чурулаго тIубараб лага чуричIин абун щаклъи бачIани, тIадги вуссун, щаклъи бачIараб лагаялдаса байбихьун чурун лъугIизабула. Масала, хIатIал чурулаго щаклъи бачIани бетIералда масхIу гьабурабдайин абун, гьесда тIадаб буго бетIералде вуссине ва масхIу гьабизе. Хадуб хIатIалги чуризе.

Какие чурун лъугIидал щаклъани, бергьараб рагIиялда рекъон, какие чури рикIкIуна ва цIидасан чуризе кколаро.

Кинниги лагаялъул цо бакI чуричIин абун щаклъани, батIалъи гьечIо, какие чурулеб мехалъ яги лъугIун хадуб - гьеб рикIкIуна. Масала, гьумер чурун хадуб щаклъани цо бакI хутIанадайин абун.

(«ТIухIфатул МухIтаж», 1 бутIа)

Рокъове лъугьунелъул салам кьезе суннатлъулищ?

Рокъове лъугьунаго Бисмиллагь бахъизе суннатаб буго ва дугIа гьабизеги, хадуб агьлу-хъизамалъе салам кьезе суннатлъула. Гьелъие кьучIлъун чIола Анасица бицараб хIадис. Аварагас ﷺ гьесда абула: «Я вас, рокъове лъугьунаго салам кьей рукъалъул агьлуялъе, гьеб чIела дуе ва дур хъизамалъе баракатлъун», - ян (Тирмизи).

Рокъов щивго чи гьечIони, суннатаб буго абизе: «Ас-саламу гIалайна ва гIала гIибади Ллагьи ссалихIин», - абун.

Гьединго, тIаде жубазе лъикIаб буго хIадисалда рехсараб гьаб дугIа: «Я Аллагь, хIакълъунго Дуда дица гьарула жанивеги къватIивеги иналъул лъикIлъи. Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун ниж лъугьана, Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун къватIиреги рахъана, цохIо нилъер Аллагьасде ﷻ таваккалги тIамула. Хадуб рукъалъул агьлуялъе саламги кьола», - ян (Абу Давуд).

(«ХIашияту ИгIанат ТIалибин»)

Царал гьан квине бегьулищ?

ГIалхул хIайванал кваназе хIарам гьабиялъе гIилла буго гьезул къвакIарал, бегIерал гIусал рукIиналъ, ай чан гьабизе хIалтIизарулел. Царал цаби къуватал гьечIо, гьединлъидал гьелъул гьан кваназеги бегьула ШафигIияб мазгьабалда рекъон.

Абула царал цояб рахъ гурони квине бегьуларинги. Гьебги битIараб гьечIо. Кинабго гьан кваназе бегьула.

(«МажмугI», 9 бутIа)

Кванда хадуб дугIаги гьабун, ФатихIаги рехун, АлхIам цIализе бегьулищ?

МухIаммад ибн АхIмад-хIажияс «Фатава ал-Хъвартихьуни» абураб тIехьалда гьеб суалалъе гьадинаб жаваб кьолеб буго: «Адабалда инкар дица гьабулеб гьечIо. Кинабниги жоялъулъ адаб лъикIаб буго. Кинниги гьеб суалалъулъ ишкал хутIулеб буго. Имам Гъазалиясул «ИхIъя», Сагьравардиясул «ал-ГIавариф», ХIасан-афандиясул «Хуласатул адаб» абурал тIехьалда хъвалеб буго: «Кванил тIоцебесеб лукъма кIалдиб лъолаго «бисмиЛлагь» абизе, кIиабилеб лъолаго - «бисмиЛлагьи ррахIмани» абизе, лъабабилеб лъолаго - «бисмиЛлагьи ррахIмани ррахIим» абизе лъикIаб буго. Кванан хадуб «Къурайщ» ва «ал-Ихлас» цIализеги лъикIаб буго», - ян. Гьебгун цадахъ имам Рамалияс кванда хадуб кIал чури бидгIаялдасанги рикIкIун буго. Гьедин гьабизе имамзабаз тIаса бищидал, кванда хадуб гьабулеб дугIаялъул ахиралда АлхIам цIали тIадеги рекъараб буго.

(«Фатава ал-Хъвартихьуни», гьум. 93)

Лъазе бокьилаан хIарамалъул ракьилан сунда абулебали?

ХIарамалъул ракьилан абула Маккаялдаги гьелда сверухъ бугеб ракьалдаги, Нававияс «ИзахIалда» баян гьабухъе: «ХIарамалъул ракь Мадинаялдаса рачIунезе байбихьула Маккаялде щвезе лъабго миль (гIага-шагьарго 2 км.) хутIараб мехалъ, Йеменалдаса рачIунезе – 7 миль хутIараб мехалъ, ГIиракъалъул нухдаса рачIунезе - 7 миль хутIараб мехалъ, ЖигIранаталдаса рачIунезе - 9 миль хутIараб мехалъ.

ХIарамалъул ракьалъул гIорхъаби лъаялъул кIудияб кIвар бугин хъвалеб буго имам Нававияс, гьелда хурхарал хассал хIукмаби ругелъул.

(«ИзахI», гьум. 414)

Лъазе бокьилаан сивак бахъиялдалъун инсанасе щолел пайдаби ругищали?

Сивак бахъиялъул гIемерал пайдаби руго. ГIалимзабаз лъабкъоялда анцIила хадур рехсон руго гьелъул пайдаби. «ИгIанату ТIалибин» абулеб тIехьалда цо чанго гьел рехсон руго: кIал бацIцIад гьаби, Аллагь ﷻ рази гьави, цаби хъахI гьари, кIалзул хIухьелалъул махI берцин гьаби, мугъ битIизаби, хъахIаб рас бакки нахъбахъи, цIодорлъи цIикIкIинаби, кири гIемер гьаби, рухI бахъи бигьа гьаби, хвалда аскIоб шагьадат ракIалда щвей, даимго сивакалда тIадчIей гьабуни бечелъи ва ризкъиялъул гIатIилъи, ботIрол унти чIезаби, бетIералда жаниб бугеб кинабго заралияб жо нахъе инаби. ГIусал-цаби щула гьари, берзул канлъи цIикIкIинаби, лъикIал гIамалал цIикIкIинари, малаикзаби рохизари, гьесул гьумералда нур букIиналъ малаикзабаца гьесда дандчIвай гьаби ва гьез гьев мажгиталде унаго нухда регIи, Къиямасеб къоялъ гIамал хъвараб кагъат кваранаб рахъалдасан кьей, жузам унти инаби, боцIи ва лъимал камил гьари, хабалъ ракIгъезаби, гьесухъе Малакул мавт рухI бахъизе вачIунаго берцинаб сураталда вачIин.

(«ИгIанату ТIалибин)

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Медалалдалъун кIодо гьаруна

РФялъул Оборонаялъул министерствоялъул медаль ва цогидалги шапакъатал кьуна «Инсан» фондалъул хӀалтӀухъабазе ва кумекчагIазе. Медалалдалъун кIодо гьаруна СВОялъул заманалда гьез гьабураб ва гьабулеб бугеб кумекалъухъ, гьединго, ВатIаналъул унго-унгоял патриотал жал рукIин бихьизабулеб...


Аллагь ﷻ вацIцIадав вуго

Жакъа нилъеда гIемер рихьула цо-цо чагIи, гIураб динияб лъайги гьечIел, гIараб мацIги лъаларел, амма гIакъидалъул гъваридал суалал гьоркьор лъолел. Гьез цохIо жидерго пикрабазда мугъчIвай гьабула, амма церехун рукIарал ритIухъал чагIазул - салафазул бичIчIи хIисабалда бихьизарула. Цо-цо мехалъ...


БачIине бугеб къо

Бусурбабаз иман лъезе кколелдасан буго Къиямасеб къоялъ щибаб махлукъат Аллагьас ﷻ гIарасаталде бахъинабизе бугеблъиялда. Дунялалда нилъ руго заманалъ гIумру гьабизе риччараллъун.   Нилъер иманалъул аслияб магIнаялъул цояб ккола: «Инсан хвезе вуго дунялалда жинца гIумру гьабураб хIалалда ва...


Цолъиялъул мурадалда

Болъихъ районалъул лъималазулгун гӀолилазул спортивияб школалда тӀобитӀана СССРалъул ва Россиялъул мустахӀикъав бакӀал ралев ГӀабдулбасир Халикъов ракӀалде щвезавиялъул хIурматалда кIалбиччаялъул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна районалъул бетIер Руслан ХIамзатовас, депутатазул собраниялъул...


Муфтияталъул вакилзабазулгун дандчIвай

Буйнакск районалъул администрациялда тӀобитӀана районалъул бетӀерасул ишал тӀуразарулев Маликов Табиридаги гьенире рачӀарал Динияб идараялъул вакилзабаздаги гьоркьоб данделъи. Гьоркьор лъунги рукIана цадахъ рекъон хӀалтӀи гьабиялда хурхарал суалал. Данделъиялда гӀахьаллъана Буйнакск шагьаралъул ва...