Аслияб гьумералде

Суал-жаваб

Суал-жаваб

Суал-жаваб

 

КIвар бугеб жо гьабизе бокьидал, сундаса байбихьизе кколеб?

Суннатаб буго, кIвар бугеб иш байбихьизе бокьидал, АлхIамдулиллагьи раббил гIаламин абизе. Гьелда хадуб свалат-салам битIила хирияв аварагасде ﷺ. Абугьурайратидасан бицараб хIадисалда буго: «АлхIамдулиллагь абун байбихьичIеб иш рагIа-ракьанде щвечIеб букIуна, ай дагьаб баракат бугеб», - ян.

Имам ШафигIияс абуна жиндие бокьулин хутIба ва цогидаб иш АлхIамдулиллагь абун байбихьизе ва хадуб салават битIизе.

Гьединго цо иш гьабизе байбихьулелъул Бисмиллагь бахъила. Щайин абуни, хIадис буго Бисмиллагьалдалъун байбихьичIеб иш рагIа-ракьанде щвараб букIунарин абураб.

(«Фатава Имаму Навави»)

 

 

Лъимер гьабун хадуб эбел-инсуца ислам босани, лъимер исламалда букIунищ?

Лъимер лъугьунеб заманалда эбел-инсул цонигиял ислам босарал рукIун ратани, лъимерги исламалда букIуна.

Лъимер гьабулеб заманалда гьел капурал рукIун ратани ва лъимер гьабизегIан цебе яги лъимер балугълъизегIан гьезул цояс яги кIиязго ислам къабул гьабуни, лъимерги исламалда букIуна.

Эбел-эмен абураб рагIул магIна кколаро гIицIго гьесул эбел-эменин абураб. Гьелда гъорлъе ккола кIудада, кIудоэбел ва хадуселги. Гьезул цояз ислам босани, лъимерги исламалда букIуна. Масала, эбел-эмен исламалда гьечIони, амма кIудадазул цояс ислам босани, васасул васги исламалда вукIуна.

Ялъуни васасул эбел-эмен хвани ислам босилалде ва кIудадаца ислам босани лъимер балугълъилалде, гьеб лъимер исламалда букIуна.

(«Мугънил мухIтаж», 2 бутIа)

 

 

ШаригIаталда тавбуялъул как бугищ?

Тавбуялъул какалъул кIиго ракагIат бала. Гьеб суннатлъула тавбу гьабилалде цебе базе, кинаб мунагь гьабун батаниги. Гьелъие далиллъун гIалимзабаз аварагасул ﷺ хIадис бачуна: «Лагъзадерил цояз мунагь гьабун хадуб какие чурани ва кIиго ракагIаталъул какги бани, Аллагьасда ﷻ тIаса лъугьаянги гьарани, Аллагь ﷻ гьезда тIаса лъугьуна», - ян. Гьединго суннатлъула тавбу гьабун хадуб гьеб как базе. Гьелъие ният гьабила: Дица ният гьабуна суннатаб тавбуялъул как базе», - абун.

(«Аснал МатIалиб» ва «ХIашияту Ширвани»)

 

Бусурбанав гурев чияс щиб бугониги жо вакъфу гьабуни, гьеб вакъфулъун рикIкIунищ?

Вакъфу унго-унгояблъун букIине ккани гьелъие руго цIунизе кколел хасал шартIал. Гьезул цояблъун буго вакъфу гьабулесул гьеб жо букIин, гьелъул амру тIубан жиндихъ букIин, гьединго, хIалгьабун гуреб, ракI разиго кьолеблъун вукIин. Вакъфуялъе гьабулеб жо унго-унгояблъун лъугьине ккани, гьеб гьабулев бусурбанавлъун вукIине тIадаб гьечIо. Мисалалъе, бусурбанав гурев чияс жиндирго ракь мажгит базе яги минаги бан гьеб мажгиталъе вакъфу гьабуни, гьеб бакIалда мажгиталъе рилълъанхъулел хIукмаби рилълъанхъула, ай гьеб вакъфуялъул бакIлъун лъугьуна.

(«Аснал матIалиб»)

 

 

Гьоялъ хIанчIараб бакI анкьго нухалъ чуризе кколищ ва гьоялъ лъукъараб жоялъул гьан кваназе бегьулищ?

Шейхул ислам Закариял Ансарияс «ФатхIул вагьгьаб би-шархIи мангьажу тIулабалда» хъван буго: «Чиясул черхалда бугеб ялъуни чан гьабун щвараб хIайваналъул яги бокьараб цоги гьан кваналеб жоялъул гьойцагун болъоналъ хIанчIиялдалъун ругъун лъугьун чороклъараб бакI анкьго нухалъ лъеца чурараблъун букIине ккола, анкьгоялда гьоркьоса цо нухалъ бацIцIадаб ракьгунги жубан».

ХIасил: гьоялъ хIанчIараб бакI, букIа гьеб чиясда ялъуни хIайваналда хIанчIун, чуризе ккола анкьго нухалъ лъеца, цо нухалъ ракь гьоркьобе жубараб лъецагун. Чуриялъулъги, ругъун тIаса чурараб гIола, чан гьабун щвараб яги цоги хIайваналъулги хIанчIараб бакI къотIун нахъе рехиялде хIажалъи гьечIо.

 

 

Эбелалъул вацасда, ай имгIаласда цее нахъехун кIазги къан йикIине бегьулищ?

ГIагарлъи бикьула кIийиде: махIрамиязе ва ажнабиязде. МахIрамияллъун кколел бихьиназда цере нахъехун кIазги чIван хьвадизе бегьула. ИмгIалги ккола махIрамиявлъун.

(«Мугънил мухIтаж» 3 бутIа)

 

 

Чияр гIалахалда кваналеб боцIул гьан ва рахь гьелъул бетIергьанасе хIалалаб букIунищ?

Чияр гIалахалда кваналеб ялъуни бикъараб хер кьун хьихьараб боцIул гьан, рахь гьелъул бетIергьанасе хIарамаблъун лъугьунаро. ХIарамаб куцалда босун боцIуе кьураб рагIи-хералъ гьелъул гьан ва рахь хIарамаблъун лъугьине гьабуларо. Кинниги гьединаб гьан ва рахь хIалтIизабунгутIи варагIалдасан буго. Гьединго гIалахалъул бетIергьанасе изну букIунаро, ккараб зарал бецIун хIисабалда, гьеб боцIи хъвезе ялъуни бечIчIизе.

(«ТухIфатул мухIтаж»)

 

 

Чияр буголъи хвезабулеб боцIул бетIергьанас гьелъул жаваб кьезе кколищ ва гьединаб хIайван чIвазе бегьулищ?

БоцIуда цадахъ бетIергьанги вукIаго, гьелъ гьабураб заралалъухъ, гьес жаваб кьезе ккола.

БетIергьанги гьечIого гIалахалде биччан тараб боцIуца къад мехалда чияр буголъи хвезабуни, боцIул бетIергьанас гьелъул жаваб кьоларо.

БоцIул бетIергьанас кIарчанлъиги гьабун къаси мехалда гьеб иш ккун батани, масала, бухьинчIого тун, нуцIа рагьун тун, гьев жавабиявлъун вукIуна. Амма боцIул бетIергьанас хIажатал тадбиралги гьарун рукIаго хIайван къватIибе борчIун батани, гьелъ гьабураб заралалъухъ гьес жаваб кьоларо, къаси мехалда ккун батаниги.

БоцIул заралалдаса цIунзелъун гьелда кьабизе ялъуни хIинкъизабизе рес бугони, гьеб чIвазе бегьуларо. ЦIунизе тIокIаб нух гьечIони, чIвазе бегьула, битIун зарал гьабулеб мехалъ ва лъалебги бугони гьеб хIайваналъ цебе-цебеги буголъи хвезабулеб букIараблъи. Аллагьасда ﷻ лъикI лъала.

(«ТухIфатул мухIтаж»)

 

 

Хварасдасан хIеж ялъуни гIумра гьабизе бегьулищ гьес васияталда гьабейин хъван батичIони?

Паризаяб хIеж ялъуни гIумра хварасдасан борхизе бегьула гьес васияталда хъван батичIониги. Суннатаб хIеж ялъуни гIумра гьабейин абун васияталда хъван батани гурони гьабиларо.

(«ТухIфатул мухIтаж»)

 

2026-07-01 (МухIаррам 1448 с.) №13.


Имам Маликилги ШафигIилги тIабигIат

Имам Малик ворхатав, берцинаб лагаялъул чи вукӀана. Гьев гӀахьаллъулел мажлисал гIодоре риччарал, лъаялъул цӀурал рукӀана. Байбихьуда имам Маликица лъазабулаан хӀадисазул кьучӀ: хIадисал рицунезул гӀадамазул гӀумру, асарал.   Имам Маликил 20 сон букӀана шаргӀалъул фатваби кьезе байбихьараб...


ЛъикIалъе аслу

Аварагас ﷺ абунин имам Муслимидасан бицун буго: «БетIергьан Аллагь ﷻ вацIцIадав вуго, бацIцIадаб гурони Жинца къабулги гьабуларо. Аллагьас ﷻ муъминзабазде, расулзабазда амру гьабуралдалъун амруги гьабуна “Ва, гьал расулзаби, нужеца бацIцIадаб кванай ва лъикIал гIамалалги гьаре”,...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Кин кумек гьабилеб?     Дир вац захIматго унтун вукIана. Гьанже дагьабго мадар бугониги гьев хIинкъун вукIуна. Цо-цо мехалда хIухьел цIазе захIмалъула, паническиял атакаби лъугьуна. Кин дица гьесие кумек гьабилеб?   ГIали, МахIачхъала   ГIалимчиясул жаваб Бокьараб...


Бекерулеб заманалъул хIикмат

Замана сверула сагIтал тирула, Сон хехго бачIуна, херлъун ватула. (Инхоса ГIалихIажи)   Халкъалда гьоркьоб гIемер бицунеб жолъун ккола ахираб мехалда заман хехго унеб бугилан абун. ХIакъикъаталдаги гьедин букIин бихьулебги буго. Щибго ургъел гьечIого нилъ рукIаго ун батула анкь, моцI,...


Шамил районалъулал данделъана

МахӀачхъалаялда тӀобитӀана гӀолилалги, умумулги, жамгӀиятги данде гьабураб Шамил районалъул гӀадамазул данделъи. Аслиял темабилъун рукӀана гIолилал наркоманиялдаса цӀуни, рухӀиябгун яхӀ-намусалъулаб тарбия кьеялъул бугеб кIваралъул бицин. КIалъазе рахъана диниялгун жамгӀиял хӀаракатчагӀи,...