Аслияб гьумералде

Суал-жаваб

Суал-жаваб

Суал-жаваб

Чанго жаназа бугони, жаназаялъул как кин базе кколеб?

Чанго жаназа бугони, щивасдаса батIа-батIаго базе беццараб буго. Амма киназдасаго цо баниги, щибго къварилъи гьечIо. Кинниги жаназаби гIемер рукIун ва щивасдаса батIа-батIаго балаго халат бахъунеб, жаназаялъул махI бахъиналда хIинкъи бугони, гьеб мехалъ лъикIаб букIуна киназдасанго цо жаназаялъул как базе.

(«Мугънил мухIтаж», «ХIашиятул Жамал»)

 

 

Зам-замалъул лъим какие чуриялъе хIалтIизабизе бегьулищ?

Какие чуриялъе ва рацIцIалъи гьабиялъе зам-замалъул лъим хIалтIизабиялъулъ карагьалъи гьечIо, нажас инабизе хIалтIизабулеб батичIони. Нажасаб жо инабиялъулъ хIалтIизабиялда тIасан гIалимзабазул хилаф буго. Цояз гьеб хIарамаблъун рикIкIана, цогидаз - карагьатаб бугин абуна. ШафигIил мазгьабалда, кьучIаб рагIиялда бан, гьедин гьабизе лъикIаблъун гьечIо.

(«ТухIфатул мухIтаж», Бужайрими шархIул Мангьаж»)

 

 

Бакъ тIерхьун хадуб къурбан ялъуни гIакъикъ хъвезе бегьуларин ва гьеб рикIкIунарин рагIана. БитIараб бугищ?

Къурбаналъе ялъуни гIакъикъаялъе жо бакъ тIерхьун хадубги бегьула хъвезе. Кинниги, щибго гIилла гьечIого, къасиялде бахъизе лъикIаб гьечIо. Гьебго хIукму буго цогидал мурадазе хъолеб хIайваналъулги.

(«ТухIфатул мухIтаж»)

 

Нажаслъи тIаде араб чIабар кин бацIцIад гьабилеб, гьеб бакI чурун бажарулеб гьечIони? Гьединал бакIазде лъим тIураб гIолищ?

Гьединаб бакIалда нажаслъи халлъулебгIанасеб бугони, кьер, махI, тIагIам букIун, ва нажаслъигун жиб тIаде араб бакIги бугони биччараб гуреб, гьеб хIалалда гIицIго нажаслъи нахъе рехараб гIола, нахъе рехун хадуб тIаде араб бакIалда жибго асар хутIичIони, лъимги тIаде тIун чуризеги кколаро.

Нажаслъи яги гьеб тIаде араб бакI бугони биччараб, гьеб хIалалда цин нажаслъи нахъе инабизе ккола, гьелъул кьер, махI, тIагIам хутIуларедухъ, цинги тирщила гьенибе лъим.

Нажаслъи бугони лъамияб, тIаде араб бакIалдаса гьебги жанибе цIцIун ани, гьеб бакIалде лъим тIураб гIола. ТIаде араб бакI къвакIараб букIиналдалъун нажаслъи жанибе цIцIун инчIони, лъим тIаде тIезегIан цин нажаслъи бакъвараб чIортоялъ нахъе инабизе ккола, кьер, махI, тIагIам лъугIизегIан.

Гьединал хIалазулъ кьер, махI, тIагIам тIагIинегIан бацIцIад гьабулелъул захIмалъулеб бугони, гьел гIаламатазул бокьараб цоялдаса гIафву гьабула, кIигоялдаса гьабуларо. ЦIакъго бажарулеб гьечIони (инаризе санагIалъи гьечIого букIун), кIигоялдасаги гIафву гьабула, амма рес рекъарабго инаризе ккола.

Нажаслъи тIаде араб бакIалда кьералъул, махIалъул, тIагIамалъул, ай цонигиялъул гIаламат гьечIони, гIицIго тIаде лъим тирщараб гIола.

Лъим щвараб бакI нажасаблъун букIунищ абуни, гьениб нажаслъиялъул гIаламатал хутIун ратичIони, букIунаро. ХутIун ратани, букIуна.

Гьаб хIукму буго гьой, болъон гурезул нажаслъиялъул.

(«ТухIфатул мухIтаж», «ФатхIул гIалам»)

 

 

 

Ирсалъе щун бугони жинца ирс тарас хIалалаб гуреб нухалдалъун тIалаб гьабураб боцIи-мал, ирсиласе бегьулищ гьеб хIалтIизабизе?

Ирсалъе чиясе щвани боцIи-мал, гьесда лъалебги гьечIони гьеб жинца ирс тарас хIалалаб нухалдалъунищ яги хIарамалдалъунищ тIалаб гьабун букIарабали, гьелде тIоритIел гьарулел гIаламаталги гьечIони, гьединаб боцIи-мал ирс щварасе хIалалаблъун букIуна.

Ирс щварасда лъалеб бугони гьелда гьоркьоб пуланаб къадар хIалалаб гуреб нухалдалъун жинца ирс тарас тIалаб гьабун букIараблъи, мухIкан гьабун кинаб бугебалиги лъалеб гьечIони, гьес гIага-шагарго батIа гьабизе ккола гьеб жиндие щваралдаса.

Имам Гъазалияс абун буго: «Чиясухъ бугони хIарамаб боцIи-мал, гьесие бокьун бугони тавбу гьабизе ва гьеб тIаса ккезабизе: гьеб боцIи-малалъул мухIканав бетIергьан ватани, бетIергьанасухъе яги гьесул вакиласухъе щвезабизе ккола. БетIергьан хун ватани, ирсилазухъе кьезе ккола. БетIергьан щивали лъалев гьечIони, лъазавиялдаса хьул къотIани, гьеб мехалъ рекъараб буго гьеб боцIи-мал гIаммал бусурбабазул маслахIатал ругеб рахъалде сверизабизе...

(«Ал-МажмугIу шархIул мугьазаб»)

 

 

 

Зарал гьабулеб мехалъ тIаде ккун кету яги цогидаб хIайван чIвани, гьеб бецIизе кколищ?

Зарал гьабулеб мехалда тIаде ккани ва бачIинахъего чIвани бецIизе кколаро ва мунагьги букIунаро. Амма зарал гьабулареб заманалда чIвазе бегьуларо ва бецIизе ккола.

(«Фатава Имаму Навави»)

 

 

Ягьудиязе, насраниязе, шигIитазе яги къадаритазе нагIана кьезе бегьулищ?

БегьунгутIи гьечIо. Амма кьечIого тезе рекъараб буго.

(«Фатава Имаму Навави»)

 

Жаназаялъул как жамагIатгун яги жинцаго бан батани, хадуб цогидаб жамагIатгун базе бегьулищ?

Бищун кьучIаб рагIи ккола рекъараб гьечIин абураб. КIиабилез абула карагьатаб бугин, лъабабилез - суннатаб бугин.

(«Фатава Имаму Навави»)

 

Бусурбанчиясда абуни мун гьве яги болъон вугин абун, хIакъ букIунищ?

Мунагьалде ккола, шаргIияб улкаялда тIил кьабун тамихIги гьабула, тавбу гьабизеги тIалъула.

(«Фатава Имаму Навави»)

 

 

Аварагасул халифзабазда абизе бегьулищ Аллагьасул халиф вугин яги Аллагьасул расуласул халиф вугин абун?

Абизе бегьула Аллагьасул расуласул халиф вугин абун. ГIемерисел гIалимзабаз бегьизабичIо Аллагьасул халифилан гьезда абизе, Адамилги Давудилги хIакъалъулъ хутIун.

(«Фатава Имаму Навави»)

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


СВОялъулазе кумек гьабу-ралъухъ медал

Хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчагӀазе гьабураб ва гьабулеб бугеб квербакъиялъухъ жамгӀияб шапакъат кьуна Дагъистаналъул муфтиясул гӀакълучи ГIайна ХIамзатовалъе.   РФялъул «Хранители России» абураб жамгӀияб гIуцIиялъул хӀукмуялдалъун гьелъие кьуна «За вклад в победу СВО» абураб...


Къо-мех лъикI Рамазан…

ХIурматияб диналъул агьлу. Гьале исанаги рамазан моцI ана нилъедаса. ТIасияб соналде щвезегIан тIокIаб гьеб бихьиларо. Амма нилъер рес бугоха рамазаналъ гьабулеб букIарабго гIамал, щибго ками ккезе течIого, тIасияб соналъги гьеб бачIинегIан цIунизе.   Хадусеб соналъ щиб букIинебали лъидаго...


ХвезегIан хьитал ретIинчIев

ЦIар рагIарав гIалимчи Ибрагьим ХIарбияс бицана Бишр бин ХIарисияс абулеб рагIанин: «Нилъедаса ратIаралъарал цо-цо чагIи ракIалде щведал, ракIал чIаголъун рачIуна. Амма руго цо-цо чагIи жал рихьидал гIадамазул ракIал холел», - ян.   Гьаб макъалаялда бицен гьабизе бугевги ккола...


РитIухълъиялъул аслу

Халкъазда цебечIарал масъалабазул цояб ккола адаб гьечIолъи. Хасго гьеб загьирлъула гӀолеб гӀелалда гьоркьоб. Адаб-хӀурмат, яхӀ-намус ккола сахаб жамгӀият букIиналъе лъолеб кьучӀалъул цояб. ГIемерисел масъалаби, захIмалъаби, ритӀухълъи гьечIолъи бугелъулха адаб гьечIолъиялъул...


ХIикматал махлукъатал

Оляпка   Гьеб буго гIажаибаб хIинчI. Къадако хIанчIазул тайпабаздасан кколеб гьеб буго лъелъе кIанцIизе ва жаниб хьвадизе гьунар бугеблъун.   Гьеб букIуна цIорорал хехчвахулел мугIрузул лъаразул рагIаллъабазда. Лъелъеги кIанцIула квачаялъухъ хал гьабичIого. Лъелъе кIанцIула квен...