Суал-жаваб

АлхIам ялъуни Къуръаналъул цониги сура цIалулаго гьениб бугеб рагIиялъулъ цо гьитIинаб лъалхъи гьабизе бегьулищ, ай цо рагIи батIа тIун цIализе?
АлхIам ялъуни Къуръаналъул цогидаб сура цIалулаго, Къуръан цIалиялъул адабал ва ихтиярал цIунизе ккола, ай къалеб къан, цIалеб цIан.
Къуръан цIалулаго аяталъулъ бугеб цо рагIи гьоркьоб къотIизабун цIализе бегьуларо, тIубанго цIализе ккола. Гьединлъидал, хIарпазда гьоркьоб дагьабгIаги лъалхъиги букIине бегьуларо. Масала, АлхIамалъулъ бугеб "НастIагIин" абураб рагIиялъулъ "синалда" ва "та" хIарпалда гьоркьоб лъалхъи гьабизе бегьуларо.
(«ИгIанату тIалибин»)
Бечадал чагIазе садакъа кьезе бегьулищ ва гьелъухъ кири щолищ?
Бечедал чагIазе садакъа кьезе бегьула ва гьелъухъ кириги щола. Амма садакъа хIажатал чагIазе кьезе цIикIкIун рекъараб буго.
Бечедав чиясе лъикIаб буго кьолеб садакъа босичIого тезе.
Мискинавлъунги хIан бечедав чияс садакъа босизеги хIарамаб буго.
(«Ал-мажмугI шархIул-мугьаззаб»)
Интернет-тукабаздасан бичулеб къайиялда тIасан гIарцухъ баянал хъвазе бегьулищ?
Интернет-тукада бугеб къайиялда, ялъуни кинаб бугониги форумалда гъоркь баян, ай отзыв хъвазе бегьула гьеб битIараб бугони. Амма гьересияб бугони, масала, вичарухъанас абулеб буго гьесухъа босичIеб къайиялъе гьеб беццун баян хъвайин абун, гьеб бегьуларо. Гьеб ккола гьереси ва къайи босизе бокьарал гIадамал гукки. Гьедин щвараб гIарацги хIарамаб букIуна.
(«Ал-ЖамигI ли ахIкамил Къуръан», «Аз-Заважир гIан Икътирафил Кабаир»)
Имамас рос-лъадул ригьин биххизабун хадуб гьезда гьоркьоб, цебе букIаралдаса, цIар тIамиялъул рикIкIеназул хиси кколищ? Гьедин ригьин биххизабидал щиб гьабизе кколеб кIиабизе данделъизелъун? ГIидда гьабизе кколищ чIужуялъ?
Имамас рос-лъади ратIа гьарун хадуб гьеб цониги цIар тIамилъун букIунаро. Хъизан биххун бугони, имам гьоркьове лъугьун, цебе чан нухалъ цIар тIами хутIун букIун батаниги гьебго букIуна, гьес ригьин биххизабиялдалъун цониги цIар тIаса унаро.
Имамас ригьин биххизабун хадуб росасе бокьани чIужу тIадюссинайизе, гьез цIидасан магьари гьабизе ккола. Магьари лъезеги бегьула чIужуялъ гIидда гьабулеб букIун, гьеб лъугIичIого батаниги. ЦIар тIамиялъул рикIкIенги, цебе чан хутIун букIун батаниги, гьебго букIуна. Мисалалъе, гьедин ригьин биххилалда цебе росас кIиго цIар тIамун букIун батани чIужуялда, кIиабизе магьари лъунин абун гьел я гIодоре я тIаде кколаро, кIиго цIар тIамураблъун букIуна.
(«Аснал иатIалиб», «Ал-МажмугI», «ШархIул мугьаззаб»)
ХIалалаб гуреб жоялъе налъи гьабурав (гьелдалъун захIмалъиялде ккарав) чиясе закагIат щолищ?
ХIалалаб иш гьабулаго налъукье ккарасе щибго щаклъи гьечIого закагIат кьезе бегьула.
ХIарамаб букIинги лъан гьукъараб жо яги проценталгун кредит босарав чиясе закагIат щоларо.
Гьединал жалазулъ налъи гьабурас ракI-ракIалъ тавбу гьабуни, гьединасе закагIат кьеялъе буго шартI: гьесул тавбу унго-унгоги гьабураб бугин абун гьесие гьеб кьолесул ракIалда мухIканлъун гьеб бергьараб мехалъ.
Гьединго закат кьезе бегьула ракIалда гьечIеб пишаялдалъун цогиясул буголъи хвезаби сабаблъун налъукь ккарасеги.
(«ТухIфатул мухIтаж», «Мугънил мухIтаж»)
Цояс налъуда жо босулелъул кIигояс тIаде босани гьес гьеб тIадбуссинабичIони жидеца бецIизе бугин абун, кинаб къагIидаялъ жинца налъи кьурас гьезухъа гьеб тIалаб гьабизе бегьулеб, кIиясдасаго бащадгойищ яги цоясищ гьеб бецIулеб?
КIигояс тIаде босани пуланас налъуда босараб нахъбуссинабичIони жидеца гьеб бецIизе бугин абун, жинца кьурасе бегьула гьездаса рецIел тIалаб гьабизе. Гьесие ихтияр букIуна, бокьани дуца бецIейин абун цоясдаса тIалаб гьабизе ялъуни кIиясдасаго бащадго щивас кьейин абизе.
(«Мингьажу тIалибин», «ТухIфатул мухIтаж»)
Рузман къоялъ мажгиталда Къуръан рагIизабун цIалула. Амма цо-цоязе гьелъ квалквал гьабула. Гьеб заманалда Къуръан цIализе лъикIабищ яги карагьатабищ бугеб?
ГIемерисез гьелдаса пайда босулеб батани, Къуръан рагIизабун цIализе хирияб буго. Квалквал цIикIкIун кколеб батани, масала, какал ралел чагIи машгъул гьаруни, карагьатаб буго.
(«Фатава имаму Навави»)
Какилъ гуреб мехалъ Къуръан рагIизабунищ цIализе хирияб бугеб яги балъгойищ?
Какилъ гуреб мехалъ Къуръан рагIизабун цIализе хирияб буго балъго цIалиялдаса. Амма рияъ, гIужбу кколеб бугони ва как балезе, унтаразе, кьижаразе, тIагIаталда машгъуллъаразе квалквал гьабулеб батани, балъго цIализе хирияб буго.
(«Фатава имаму Навави»)
Мадина шагьар Шамалъулищ яги Йеменалъулищ бакI кколеб?
Цонигиязул кколаро. Мадина ккола ХIижазалъул ракь. Гьеб бакIалда гIалимзабазул хилаф гьечIо.
(«Фатава имаму Навави»)
Аварагас Байтул Мукъадасалда аварагзабигун как банин абураб жо бугищ? Гьеб как паризаяб букIанищ?
Аварагас ﷺ Байтул Мукъадасалда как бана, гьеб кьучIаб жо буго.
Амма рес буго гьеб как бан букIине зодове инегIан яги зодоса вачIун хадуб. Исраъ букIинегIан цебеги как бай тIадаб букIана. Къаси вахъун как бай тIадаб букIана. Хадуб Исраъ вал-МигIраж ккедал, щуябго как тIадаблъун гьабуна. Исраъ букIана щуабилеб яги анлъабилеб сон Авараглъи кьун хадуб ккараб жо. БетIергьан гьенив якъзаталда вихьанин абулеб буго бергьараб рагIиялда рекъон. Гьеб рагIи буго ибну ГIаббасица ва гIемерисел асхIабзабазгун гIалимзабаз абураб.
(«Фатава имаму Навави»)