Суал-жаваб
Суал-жаваб

Черх чуризе тIалъунги букIаго малъал, рас къунцIизе, кваназе, кьижизе ялъуни цогидал ишал гьаризе бегьулищ?
Ибну ХIажар Гьайтамияс хъвалеб буго: «Паризаяб черх чури тIалъарав бихьинчиясе ва гьединго чIужугIаданалъе черх чури гьабизегIан лъикIаб гьечIо черхалдаса щибго жо (рас, малъал гIадаб) тIаса инабизе, хIатта бигицин. Имам Гъазалияс абуна: «Щайин абуни, ахираталда чиясухъе тIадруссуна гьесдаса ратIалъарал бутIаби жунублъарал хIалазда. Гьединго буго, Къиямасеб къоялъ щибаб расалъги чиясда кIалгьикъи гьабулила жиб жунублъараб хIалалда тIаса инабиялда бан». («ТухIфатул мухIтаж»)
«ИгIанатау тIалибин» абураб тIехьалда буго: «Паризаяб черх чури гьаби радалалде нахъбахъизе бегьула, шаргIалъ гьеб гьукъараб гьечIо. Амма гьеб хIалалда кьижизе, кваназе, черхалдаса расал, малъал гIадаб тIаса инабизе карагьатаб буго…», - ян.
Жеги рехсон буго черх чури тIалъараб хIалалда вугеб мехалъ Аварагасе ﷺ салам кьедал гьес ﷺ таяммум гьабунин салам буссинабизегIанин абун.
Цоги хъвалеб буго: «Черх чури тIалъарал чагIазе суннатаб буго, цIидасан рос-лъадулаб жинсияб хурхен гьабизе, кьижизе, кваназе, гьекъезе гIадал ишал гьаризе бокьараб мехалъ, черх чуризе гIураб лъим батичIони, гIавратги чурун, какичури яги таяммум гьабизе. Гурого, гьел ишал гьаризе карагьатаб буго. Суннат тIубараблъунги ккола гIаврат чураницин. Гьебго жо гьабила хIайиз-нифасалдаса яцIцIалъарай чIужугIаданалъги, черх чури гьабизегIан рехсаразда релълъарал ишал тIуразарулелъул (амма росасулгун жинсияб хурхен гьабизе гьелъие хIарамаб буго черх чури гьабичIого)», - абун.
Гьединаб хIалалда какичури гьабулелъул абила, дица ният гьабуна кваназе, кьижизе гIадал жалазе суннатаб какичури гьабизеян абун.
Дида рагIана витруялъул какал ралаго, ахирисеб цо ракагIаталъул витру бачIого тани, хутIарал витрабазул кири щоларин абун. Гьеб битIараб бугищ?
Масала, 10 ракагIат витруялъул бан, ахирисеб цо ракагIаталъул витр бачIого тедал, цебе бараб 10 ракагIаталъул витруялъул кири гьесие щола, амма тIубараб витруялъул как барабгIан кири щоларо. Ахирисеб цо ракагIаталъул витру байдал, тIубараб кири щола.
(«ХIашиятул Бужайрами»)
Ижараялъе босараб бакI хIалтIизабичIого тани чанго моцIалъ, гьеб заманалъухъ харж кьезе кколищ?
Пуланаб заманалъ ижараялъе босани бакI яги цогидаб, ва бихьизабун букIараб заман рагIалде бахъинегIан жинца ижараялъе босарас гьеб хIалтIизабичIони, гьев чияс гьабураб къотIиялда рекъон, бихьизабун букIараб багьа кьезе ккола гьелъул хважаинасухъе. Гьеб багьаги кьезе ккола гьес жинцаго хIалтIизабичIого яги цогидаб жинда бачIеб гIиллаялъе гIоло тун батаниги.
Амма жинца ижараялъе босарасда кIолеб гьечIони гьеб хIалтIизабизе, хIалтIизабун бажарулареб хIалалда букIиналъе гIоло, гьеб хIалалъулъ жинца ижараялъе кьолесда тIадаб букIуна хехаб къагIидалда гьеб гIилла тIаса инабизе. Гьедин гьабулеб гьечIони, жинца ижараялъе босарасе ихтияр букIуна къотIи биххизабизе.
(«Мугънил мухIтаж»)
Сапаралда вукIаго как къокъ гьабизе ният гьабизе бегьулищ, цеве вугев имам сапаралда вугищ яги гьечIищали лъалеб гьечIони?
Цебе как балев вугев имам сапаралда вукIин лъачIого ялъуни щаклъи ккани, гьесда хадуб как балелъул гьеб къокъ гьабизе ният гьабизе бегьуларо. Гьеб хIалалда гьес как къокъ гьабизе ният гьабуниги, гьесда тIадаб букIуна 4 ракагIат базе, имам сапаралда ватанигицин. Гьелъие гIиллаги ккола гьесул щаклъи ялъуни лъангутIи. Как къокъ гьабизе бегьиялъе шартI буго цеве вугев имам сапаралда вукIин якъинго лъай.
(«Бушрал Карим», «ТухIфатул мухIтаж»)
Какилъ лъачIого салам кьуни, как биххулищ?
КIалалъ абулел, ай къавлиял рукнаби цоцада хадур ккечIолъиялъ как биххуларо, байбихьуда бугеб такбирги ва саламги хутIизегIан. Такбиратул тахIримги саламги бокьун абуни, как биххула. Амма такбиратул тахIримги саламги лъачIого яги кIочон тун абуни, как биххуларо.
Имамасда нахъа вугесда ракIалда ккани имам салам кьунин ва гьесги кьуни, амма имамас кьун батичIони, гьесда тIадаб буго как байбихьизе хадуб ва имамас салам кьедал саламги кьезе. Гьеб бакIалда гьесул как биххуларо.
(«ТухIфатул мухIтаж», бутIа 2)
МухIканлъиги гьабичIого, «хIалал» абун тIад хъвараб нигIмат кваназе бегьулищ?
Бокьараб нигIмат босулелъул мухIканлъи гьабизе ккола.
Имам Рамалияс «Нигьаятул МухIтаж» абураб тIехьалда хъван буго: «Нилъеда хъураб чахъу батани цIадуе лагълъи гьабулеб бакIалда яги цогидаб мекъаб дин бугелъуб, лъица хъурабали лъалебги гьечIони, гьеб кваназе бегьуларо», - ян.
Имам Шабрамалияс гьеб баян гьабун абуна: «ЦIадуе лагълъи гьабулел гIадамал бусурбабаздаса цIикIкIун яги ращад ратани, гьеб чахъу кваназе бегьуларо», - ян.
ХIасил гьабун абуни, кинабго букIуна бакIалда балагьун. Бусурбаби цIикIкIун ратани, гьеб бакIалда кваназе бегьула. Бусурбаби дагь яги ращад ратани, гьеб бакIалда хъураб жо хIалаллъуларо, гьезда тIад «хIалал» абун хъван батаниги.
Амма мухIканго лъалеб бугони бусурбанчияс хъун букIин, кинаб бакIалда вугониги, гьеб кваназе бегьула.
(«Нигьаятул мухIтаж», бутIа 8, гьум. 113)
Гинекологалъухъе ун хадур чвердезе кколищ?
ТIадаб черх чуризе гьелда тIалъуларо. Черх чуризе тIалъула гьал гIиллабазе гIоло: чи хун хадуб, хIайиз лъугIиндал, лъимер гьабун хадуб, мани бачIиндал ва рос-лъадул жинсияб хурхен ккедал.
(«Мингьажу тIалибин», гьум. 14)
ТIоцебе рузманалъул как киб бараб?
ТIоцебе рузманалъул как бана Мадина шагьаралда аскIоб бугеб «НакъигIатул Хазимат» абураб росулъ, АсгIад бин Зараратица имамлъиги гьабун. Аварагас ﷺ гьижра гьабилалде цебе Мадинаялъул бусурбабазда тIад тезе гьениве витIулаго МусгIабида тIадкъан букIана Мадинаялде щведал рузманалъул какалъул тIалаб гьабеян. МусгIабица Мадинаялда аскIоб бугеб росулъ, АсгIадил рокъов рещтIун вукIиндал, гьеб кIодолъи гьесие кьуна ва амру гьабуна гIадамал рузманалде ракIареян ва гьениб имамлъиги гьабеян.
(«ИгIанату ТIалибин», 2 бутIа)