Суал-жаваб
Дирго пикрабиги загьир гьарун, интернет-тукада отзыв хъвазе бегьулищ?
Гьеб хъвазе бегьула цо хасаб бакӀалда, масала, форумалда яги интернет-тукада гъоркь, гьезул хаслъиялде данде кколеб батани, ай жиндилъ гукки гьечIеб.
Амма нагагьлъун гьениб гьереси батани, масала, бичун босараб къайиялъул гьечӀеб сипат-сурат бугони яги хасав чиясухъа босанин абун беццулеб бугони, гьебгиха босичIеб мехалъ, гьеб гьукъараб жо ккола. Щайгурелъул гьениб гIадамал гукки букIун. Гьедин щвараб гӀарацги хIарамаб буго.
(«ЖамигIу ли ахIкамил Къуръан», «Заважир», 1 бутIа)
Аварагасде ﷺ битIулеб свалатгун саламалъул цоялда къокълъун чIезе бегьулищ?
Аварагасде ﷺ битIулеб свалатгун салам Аллагьасул ﷻ амруялда нахърилълъун цадахъ букIине ккола: «Я, иман лъурал гIадамал, битIе нужеца гьесде (аварагасде) свалат ва салам». (Сура «ал-АхIзаб», аят 56).
Карагьалъи бачIуна нилъецаго гьеб батIатIезе гьабулеб бугони. Амма Аллагьасдасан ﷻ яги малаикзабаздасан ва аварагзабаздасан гьеб бачIунеб бугони, карагьалъи букIунаро. Щайин абуни, Къуръаналда Аллагьас рехсана: «ХIакълъунго, Аллагьас ﷻ ва Гьесул малаикзабаз аварагасде ﷺ свалават битIула», - ян. Гьениб свалат рехсон тун буго салам рехсечIого.
Карагьалъи букIунаро Аварагасул ﷺ хIужраялъуб салам кьолеб бугони. Масала, «Ас-саламу гIалайка, я РасулуЛлагь», - абун.
(«ИгIанатул тIалибин», 1 бутIа)
Хирияб Къуръаналъул мугӀжизаталде инкар гьабурав чи капурлъулищ?
Къуръаналъул игӀжазилан абула чиясда Къуръаналда релълъараб жо гӀуцӀизе кӀолареб жоялда. Къуръан ккола мугIжизат, жибги ТIадегIанав Аллагьас ﷻ МухIаммад аварагасухъе ﷺ рещтIараб, гьесул авараглъи ритIухъ гьабулеб.
Къуръаналъул игӀжазалде инкар гьабуни, гьеб мехалъ исламалдаса вахъун ккола.
ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго(магӀна:) «Абе (МухӀамад), тIолабго инсаниятги жиналги цолъани гьаб Къуръаналда релълъараб жо гIуцIизе, гьезда гьеб бажаризе гьечIо, цоцазе гьез кумек гьабуниги». («Исра» сура, 88 аят).
Гьеб аяталъ якъинго загьир гьабула Къуръаналъул мугӀжизат.
(«ИгIанатул тIалибин»)
Чвердолелъул тIубазе кколеб чан парз бугеб?
Черх чурулелъул тIубазе кколеб кIиго гурони парз гьечIо. ТIоцебесеб, ният гьаби: «Дица ният гьабуна паризаяб черх чуризе», ялъуни «Дица ният гьабуна черх чуриялъул парз тIобитIизе», - абун.
Ниятги гьабизе ккола черх чуризе байбихьиялда цадахъ. Гьедин гьабичIони, ай ният гьабун хадуб тIубараб къаркъалаялде лъим щвечIони, черх чури рикIкIунаро.
КIиабилеб, тIубараб черхалде, расалде, ай киса-кибего лъим щвезаби.
Гьаб кIиябго шартI тIубани, черх чуриги тIубала.
Хъизамалъул цере рукIарал лъимал дие лъималлъун лъугьунищ?
Хъизамалъе тIоцебесеб ригьнадаса гьарурал лъимал, гьанже вугев росасе лъималлъун лъугьунаро. Амма гьелъул ясал ва лъималазулги ясал гьесие махIрамияллъун лъугьуна гьел кIияздаго (рос-лъадуда) гьоркьоб тIоцебесеб гьоркьоблъи лъугьиналдалъун.
МахIрамиялин абула, жидеда гьоркьоб ригьин гьабизе бегьуларел, цоцазда квер хъваялдалъун какичури биххуларел, жал цадахъ рукIиналдалъун, цоцазда кIалъаялдалъун мунагьалде кколарел гIадамазда.
(«ТухIфатул мухIтаж»)
Рокъове лъугьунелъул салам кьезе суннатлъулищ?
Рокъове лъугьунаго Бисмиллагь бахъизе суннатаб буго ва дугIа гьабизеги, хадуб агьлу-хъизамалъе салам кьезе суннатлъула. Гьелъие кьучIлъун чIола Анасица бицараб хIадис. Аварагас ﷺ гьесда абула: «Я вас, рокъове лъугьунаго салам кье рукъалъул агьлуялъе, гьеб чIела дуе ва дур хъизамалъе баракатлъун», - ян (Тирмизи).
Рокъов щивго чи гьечIони, суннатаб буго абизе: «Ас-саламу гIалайна ва гIала гIибади Ллагьи ссалихIин», - абун.
Гьединго, тIаде жубазе лъикIаб буго хIадисалда рехсараб гьаб дугIа: «Я Аллагь, хIакълъунго Дуда дица гьарула жанивеги къватIивеги иналъул лъикIлъи. Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун ниж лъугьана, Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун къватIиреги рахъана, цохIо нилъер Аллагьасде ﷻ таваккалги тIамула. Хадуб рукъалъул агьлуялъе саламги кьола», - ян (Абу Давуд).
(«ХIашияту ИгIанат ТIалибин»)
Цо къоялъ хварав инсул хабаде Къуръан цIализе унаго цо чияс дагIба бана хабалазда Къуръан цIализе бегьуларин ва гьеб кIудияб мунагьалдасан кколин. ХIакъикъат лъазе бокьилаан?
Хварав чиясул хабада Къуръан цIали суннаталдасан ккола. Абу Давудица бицараб хIадисалда буго: «Нужеца хваразде тIаде Къуръан цIале», - ян. ТIабараница бицараб хIадисалда буго, хирияв Аварагас ﷺ абунин: «Нужеда гьоркьоса цонигияв хведал, хехлъи гьабун хабалазде ваче. Гьесул бетIералда аскIоб «ФатихIа» ва хIатIазда аскIоб «Бакъараялъул» ахирги цIале», - ян. Лайс ибн СагIадил хабаде имам ШафигIиясги цIалана Къуръан. Гьединго, Мадинаялдаса Аварагасул ﷺ ансаразги, жидедаго гьоркьосан чи хведал, гьениб Къуръан цIалиялъе гIоло ризго гьесул хабаде зиярат гьабулаан.
(«ШархIу Судур», «ИтхIаф»)
Какда хадур гьарулел азкарал гьарулаго «бисмиллагьи ллази лаилагьа илла гьува» абулаго ботIрода квер бахъизе бегьулищ?
Гьел рагIаби абулаго ботIрода квер бахъизе суннатаб буго. Жинда Аллагь разилъаяв анасица бицана: «Хирияв Аварагас ﷺ какдаса салам кьедал ботIрода квер бахъулаго «бисмиллагьи ллази лаилагьа илла гьува» - ян абулаан». (ТIабарани).
(«Найлул автар»)
Эбел инсуде цIаралдалъун ахIизе бегьулищ?
Эбел-инсуде цIаралдалъун ахIизе беццараб гьечIо, гьеб карагьатаблъун рикIкIуна. Исламалъ абулеб буго эбел-эменин абеян. Гьединго лъикIаб гьечIо жиндирго мугIалимасдеги цIаралдалъун абизе.
(«ИгIанату ТIалибин»)