Суалазе жавабал кьуна имам Шафигiил мазгьабалда рекъон

Хъураб къурбан къинаб батани, щиб гьабизе кколеб?
Къинаб жо, имам ШафигIил мазгьабалда, къурбаналъе бегьуларо. Цо-цо гIалимзабаз къинлъун дагьаб гурони заман бахъичIебги гIоларилан абула, амма гIемерисел гIалимзаби гьеб бегьиялда тIад рекъана. Къурбаналъе жо хъун хадуб гурони лъачIони гьеб къинаб букIин, гьебги къурбанлъун рикIкIунаро.
Къурбаналъул гьан бичизе бегьулищ?

Къурбаналъе хъураб жоялъул гьан яги щибниги жо гIарцухъ бичизе хIарамлъула, мунпагIат босизелъун тIом жиндиего тезе бегьула, садакъаде кьезеги бегьула. ХIайван хъурав чиясе, мухь хIисабалда, тIом кьезе хIарамлъула. Гьеб хъурасе яги тIом ччукIарасе мухь бетIергьанчияс цоги бакIалдаса кьезе ккола, гьес гьеб мухьдахъ хъун батани.
Живго вугеб гуреб цоги бакIалда къурбан хъвезе ва къурбаналъул гьан цоги шагьаралда бикьизе бегьулищ?
Жиндаса къурбан хъолев вугеб росулъ, шагьаралда къурбан хъвей шартI гьечIо. Гьев цо росулъ вукIун, гьесдаса къурбан цоги росулъ яги хъутаналда хъвезе чи вакил гьавизеги бегьула. ХIежалде унев чияс жиндаса къурбан хъвезе изну кьун таниги бегьула. Хъураб бакIалдаса цоги росулъе къурбан босизеги хIарамлъула.
Къурбан хъураб росулъ мискинчи ватичIони, закат гIадин, бищун гIагарда бугеб росулъа мискинчиясе кьела. ГIатIгояб, мискинчиясе кьолеб бутIа, цо мискинчиясе кьуниги, тIубала. Хъураб бакIалдаса къватIибе босизе суннатабги тIадабги - кIиябго къурбан хIарамлъула.
Амма суннатаб къурбаналъул мискинчиясе кьезе тIадаб гIатIгояб гьанал бутIа хъураб бакIалда вугев мискинчиясе кьун хадуб, хутIараб суннатаб къурбаналъул гьан росу тун къватIибеги босизе бегьула.
Ният гьабичIого хъун батани, къурбан рикIкIунищ?
Къурбан хъвеялъе ният гьабичIони, гьеб къурбанлъун рикIкIунаро. Щай абуни, къурбан хъвей гIибадат кколелъул, гIибадаталъе ният хIажалъула. Нияталъ батIа бахъула къурбаналъе хъураб хIайван, кваназе хъураб хIайваналдаса. Къурбан хъолеб мехалъ ниятги гьадин гьабизе ккола: «Дица ният гьабуна гьаб жо суннатаб къурбаналъе хъвезе, Аллагьасе гIоло», - абун. Ният гьабиги хъвезе байбихьиги цадахъ ккезабила.
«Бисмиллагь» бахъиги хадур цIалулел дугIабиги нияталдаса цере ккезарила. Къурбаналъе хъвезе жо рехъадаса батIа гьабулаго яги цоясдаса къурбаналъе хъвезе жо хас гьабулаго ният гьабуни, хъолеб мехалъ ният гьабизе кколаро. Масала, «Дица ният гьабуна гьаб хIайван суннатаб къурбаналъе хъвезе», - янги абун, гьеб хIайван батIа гьабуни, гьеб хъолаго кIиабизеги ният гьабизе кколаро.
Амма гьабуни, лъикIаб буго. Гьаб жо дица къурбаналъе назру гьабунилан абуни, гьеб хъолаго ният гьабизеги кколаро. Жив бетIергьанал гIиязда гьоркьоса цо гIиялъажоялде килищги битIун, «гьаб жо дица суннатаб къурбаналъе малъана», - ян абураб гIоларо, хъолелъул ният гьабизеги ккола гьадин: «Дица ният гьабуна гьаб жо суннатаб къурбаналъе хъвезе», - ян. БатIа гьабулаго, яги батIа гьабурабго, яги хъолеб мехалъ ният гьабизе ккола, ишара гьабун тараб гIоларо.
Гьеб цебехун ният гьабураб жо хъвезе цоги чи вакил гьавулаго, кIиабизеги къурбан хъвезеян абун ният гьабизе кколаро, «дица мун гьаб жо къурбаналъе хъвезе вакил гьавуна», - ян абуни гIола. Цебеккун ният гьабун гьечIони, вакил гьавулаго ният гьабила. Масала, гьес абила: «Дица ният гьабуна гьаб жо къурбаналъе хъвезе», - ян абун, цинги абила: «Дица мунги вакил гьавуна гьаб жо къурбаналъе хъвезе», - ян абун. Ният гьаби вакиласде тIамун тезеги бегьула. «Гьаб жо дидаса къурбаналъе хъвезе ниятги дуцаго гьабе», - ян абизеги бегьула.
Цинги вакилас, хъвезе байбихьулаго, ният гьабила пуланасдаса гьаб жо къурбаналъе хъолеб бугилан. Къурбан хъолев чияс хас гьабун «дица мун вакил гьавуна», - ян абиги шартI гьечIо, «дуца гьаб къурбаналъе хъве яги дуе изну буго къурбан хъвезе», - ян абуни, гьебги гIола.
Вакилас, «дица вакиллъи къабул гьабуна», - ян абизеги шартI гьечIо ШафигIияб мазгьабалда. ХIанафияб мазгьабалда вакилас вакиллъи къабул гьаби шартI буго, гьеб хъвезеян абун.
Къурбаналъе хъолеб жоялъе цадахъго гIакъикъалъеги ният гьабизе бегьулищ?

Рамалияс абулеб буго бегьулилан («Бугъятул мустаршидини», гьум. 422). Амма ибну ХIажарас гьедин гьабизе бегьуларилан абун буго. Гьединлъидал, рес бугелдаса хадуб къурбан – батIа, гIакъикъ – батIа хъуни, лъикIаб буго. Рес батичIони, кIиялъего ниятги гьабун, цо жо хъвела.
Хъолеб къурбан кинаб кьералъул беццараб бугеб ва бихьиналъул ялъуни цIуялъул батIалъи бугищ?
Хъолеб жоялъул кьер хъахIаб букIине беццарабги буго чIегIералдаса. Гьединго, бихьинаб беццараб буго цIуялдаса. Бихьинаб гIемер кIанцIулеб жоялдаса цIуяб къинлъичIеб хирияб буго. Бихьинаб хъахIаб хIалакъаб жоялдаса чIегIераб, кьарияб цIуяб хирияб буго.
ГьитIинаб ялъуни жеги ургьиб бугеб лъимералдаса къурбан хъуни, рикIкIунищ?
ГьитIинаб лъимералдаса ва жундуца ккурав гIадалав чиясдаса ният гьабун къурбан хъвезе бегьула гьезул тIалаб гьабулев инсуца ва гьесул бакIалда вугес жиндирго малалдасан хъолеб бугони, гьездаса изну босизеги кколаро. Амма гьезул боцIиялдаса хъвезе бегьуларо. Ургьиб бугеб жеги гьабичIеб лъимералдасаги къурбан хъоларо ва гьелдасан хъун гьеб лъугьунаро.
Къурбан хъолев чияс рас-малъ тIаса инабиялъул хIукму кинаб бугеб?
Къурбан хъвезе бокьарав чияс зулхIижаталъул цебесеб анцIабго къоялъ, ай къурбан хъвезегIан жиндирго черхалдаса рас, малъ тIаса инабизеги карагьатаб буго. Цо рукъалъул агьлуялдаса цояс къурбан хъолеб буго гьесие карагьалъула рас-малъ тIаса инабизе цогидазе карагьалъуларо.
Амма рукъалъул агьлуялъго рас-малъ къунцIичIого тезе лъикIаб буго, гьеб анцIабго къоялъ къурбан хъвезегIан. Гьеб тIаса инабичIого теялъул магIна щибин абуни, къурбан хъвеялдалъун гьесул тIад бугеб кинабго рас малъцин цо хутIичIого жужахIалъул цIаялдаса тархъизе бугилан абураб магIна ккола гьелъул. («Аль-Мизан альКубра», гь. 193).
Хъураб къурбаналъул тIом бичизе ялъуни диего тезе бегьулищ?
Къурбаналъе хъураб хIайваналъул щибниги жо, хIатта тIомцин бичизе бегьуларо, гьеб хIарамаб буго, суннатаб къурбан ялъуни назру гьабураб тIадаб букIа - батIалъи гьечIо. Суннатаб къурбаналъул тIом гьеб хъурав чияс жиндиего рокъоб тезе ва гьелдаса бокьараб жо гьабун мунпагIат босизе бегьула. Бичизе, ижараде кьезе ва гьединго къурбан хъвезе вачарав чиясе ужра хIисабалда кьезецин бегьуларо.
Къурбан хъолаго суннатал жал рикIкIани бокьилаан.
Къурбаналъе хIайван хъолеб мехалъ суннатлъулеб микьго жо буго:
- «Бисмиллагь» бахъи.
- Гьелда хадубго лъабго нухалъ «Аллагьу Акбар» аби.
- Аварагасде салат битIи.
- Хъолеб жо гьелъул габуралдалъун къиблаялдехун буссинаби, хъолев чиги къиблаялдехун вуссун вукIунедухъ.
- Нус гьелда бихьулареб бакIалда рекIинаби.
- Хъолеб жо квегIаб хьибилалда бегизаби ва лъабго хIетIе бухьун цо биччан тей.
- Нус цебехунги нахъехунги лъикI къуваталда билълъинабун добе-нахъе бачараб жоялъ тIубан хъолеб гIадин гьаби.
- Къурбан къабул гьабегийин бун дугIа гьаби.