Суал-жаваб
Суал-жаваб
ГьитIинаб лъимер какикьтIамалде кIущани ва гьениб тIад как бани, гьеб рикIкIунищ?
Гьеб лъимер бугони кIиго сон бачIев вас ва эбелалъул рахь гуреб цоги жо кваначIеб, гьединаб мехалда гIей гьабула лъимер кIущараб бакIалде лъим щваялъ ва гьениб как базе бегьула.
Лъимер бугони кIиго сон бачIеб, амма эбелалъул рахьги цоги тIагIамги кванараб, ялъуни кIиго сон бараб, гьеб мехалда какикьтIамалъул кIващ тIаде араб бакI мухIканго чуризе ккола.
КакикьтIамалде араб кIващ ясалъул бугони, кIиго сон бараб букIа яги эбелалъул рахь гурони кванараб яги кваначIеб букIа, гьеб бакI мухIкан гьабун чуризе ккола.
Гьеб хIукму босула Умму Къайсил лъугьараб вакъигIаталдаса. Гьей ячIуна жиндирго гьитIинав васги вачун Аварагасухъе ﷺ. Гьев вас вукIуна гьеб къоялде щвезегIан эбелалъул рахь хахи гуреб цоги щибго жо кваначIев. Аварагас ﷺ, аскIовеги вачун, гьев жиндирго накабазда гIодов чIезавула. Гьедин рукIаго вас гьесул ﷺ кунчIиде кIущула. Цинги Аварагас ﷺ абула лъим босеян ва гьенибе гьеб щван гурони гьеб бакI чуруларо («СахIихIул Бухари»).
Тирмизиясдаса бицараб хIадисалда буго: «Ясалъул кIващ щвараб бакI чурула, васасул кIващ щвараб лъим щван тола», - ян.
(«ИкънагI»)
Какие заман щун букIаго кьижизе бегьулищ, дагьаб хIухьбахъиги гьабун, хадуб как базелъун?
«ИгIанату ТIалибиналда» хъван буго какил заман щун букIаго, гьебги бачIого кьижизе карагьатаб бугин абун. Карагьалъиги букIуна, жинца гьедин цебе-цебеги гьабулеб букIун яги цогияс ворчIизавилин гьесда лъалеб бугеб мехалъ. ВорчIиялда божилъи батичIони, хIарамаб буго.
(«ИгIанату ТIалибин»)
КIигояс жамагIат гьабун как балелъул тIаде вачIарасе гьезда хадув лъугьине бокьани, кинаб хIалалда гьабизе кколеб какилъе лъугьин?
КIигоял жамагIат гьабун как балелъул, имамасда хадув вугесе суннатаб буго гьесул кваранаб рахъалда, жиндир хIатIил килщал имамасул хIатIил эгъеялда бащад кколедухъ чIун нахъвилъине.
Гьезда хадуб как бухьине лъабабилев вачIани, гьес как бухьина имамасул квегIаб рахъалдаги чIун, кваранаб рахъалда вугесулго гIадин хIатIалги ккезарун, цинги как бухьун хадуб кIиявго (имамасда хадур ругел) нахъе къала кIиабилеб кьерда чIарал кинниги лъугьунедухъ.
(«ИгIанату ТIалибин»)
Щал кколел къуръанитал ва исламалъ щиб абулеб гьезул хIакъалъулъ?
Къуръанитал ккола къосараб къокъа. Гьез цохIо Къуръан гурони рикIкIунаро, ай Аварагасул ﷺ хIадисал нахъчIвала.
Къуръан ккола тIоцебесеб хIужа ва гьелда хадуб бачIуна хIадис. Къуръанго гIадин хIадисги чIола къанунлъун. Гьеб нахъчIвалел чагIи ккола къосарал гIадамал. ГIалимзаби тIадрекъана таватур гьабун бачIанщинаб жо нахъчIвалев чи исламалдаса вахъун кколин абураб каламалда.
Гьединго гIалимзабаз абуна, хIадисалъул гIаксалда, ай гьелда дандеккунгутIиялдалъун Къуръаналъул аятазе тафсир гьабулев чиги куфруялде кколин абун.
Аварагасе ﷺ мутIигIлъизе тIадаб бугин абурал аятал Къуръаналда гIемерал руго.
Къуръаналда ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абуна: «Аллагьасул расулас кьураб жо нужеца босе, гьесул амруги тIубазабе, гьес жиндаса нагью гьабурабги нужеца рикIкIад гьабе. Нуж Аллагьасул гIазабалдасаги хIинкъа ва гьесул амру-нагью хвезеги гьабуге. ХIакълъунго, ТIадегIанав Аллагь ﷻ жиндир гIакъуба-гIазаб гучав вуго…» (аят «ХIашр», аят 7).
Къуръаналъул аят буго: «Жеги дуца абе, МухIаммад, «Нуж Аллагьасул ва Гьесул расуласул амруялъе мутIигIлъеян. Нагагь нуж мутIигIлъиялдаса руссани, хIакълъунго, Аллагь ﷻ жиндие капурзаби рокьуларев, гьезие гIазаб гьабулев вуго», - абун (сура «Али ГIимран», аят 32).
Гьединлъидал Къуръаналъе тафсир гьабулелъул хIадис нахъчIвалеб бугони, гьеб ккола жибго Къуръан нахъчIвай гIадинаб жо. Суннат бегьуларо Къуръаналдаса батIа гьабизе, гьелъ Къуръан баян гьабулеб букIиналъ.
Къуръаналъулги суннаталъулги хурхенги баян гьабун, Аварагас ﷺ абуна: «ХIакълъунго, дица нужее тана кIиго жо: Аллагьасул ﷻ тIехь ва дир суннат. Гьеб ккун чIани, нуж киданиги къосине гьечIо», - ян.
(«Аш-шаригIат», бутIа 1, гьум. 104», «Аль-ихIкам фи усулил ахIкам», бутIа 2, гьум. 208», «ШархIул илмам би ахIадисил ахIкам», бутIа 2, гьум. 177-178)
Бисмиллагь аятлъун кколищ?
Щибаб сураялъул бисмиллагь аятлъун кколищин абураб масъалаялда бан гIалимзабазул хилаф буго. ШафигIияб мазгьабалъул гIалимзабаз абуна АлхIамалда бугеб бисмиллагь аят кколеб гIадин, цогидал сурабазда бугеб бисмиллагьги аятлъун кколин.
(«Тибян», имам Навави)
Эбел-инсул изну гьечIого лъимадаса гIакъикъ хъвезе бегьулищ?
Лъимадул валиясул изну гьечIого гIакъикъ хъвезе бегьизабун гьечIо. ГIакъикъ хъвеялъул суннатлъи валиясда хурхинабун буго. ГIакъикъ хъвей суннатаб пиша букIиналъ лъимадул боцIи-малалдасанги гьеб хъвезе бегьуларо. ГIакъикъалъе хъолеб хIайваналъул къурбаналъулго гIадинал шартIалги руго.
(«ХIашияту Тармаси»)
Макка-Мадинаялда гьабураб лъикIаб ишалъухъ кири цIикIкIинабун хъвалебго гIадин, гьениб гьабураб мунагьгийищ цIикIкIун хъвалеб?
Мунагь цIикIкIун хъваялда тIасан гIалимзабазда гьоркьоб хилаф буго. КьучIаб рагIиялда бан мунагь цIикIкIинабун хъваларо. ГIабдулхIамид Щирванияс хъван буго: «Хириял ракьазда мунагь цIикIкIун хъвалин абураб рагIи загIипаб буго», - ян.
(«ТухIфатул МухIтаж», «ХIаваши ал-Щирвани»)
ЦIад балаго тIохалдаса бачIараб лъеца какие чуризе бегьулищ, гьениб хIанчIазул рак букIине ресги букIаго?
«ХIашияту Къайлуби ва ГIумайра» абураб тIехьалда хъван буго: «Лъелъе ккараб хIанчIазул дагьаб ракалдасан гIафву гьабула, гьел хIанчIи лъелъ лъедоларел ратаниги», - абун. Гьелдаса босун тIохдаса чвахулеб цIадалъул лъеца какие чуризе бегьула, гьениб тIад хIанчIазул дагьаб рак батанигицин.
Аллагьасда ﷻ лъикI лъала.