Аслияб гьумералде

Суал-жаваб

Суал-жаваб

Суал-жаваб

Как базе карагьатаб гIужалда мажгиталде лъугьиндал тахIият, яги какичуриялъул суннат, ялъуни бецIун паризаяб как базегийищ карагьатаб бугеб?

Как жиделъ базе карагьатал гIужал руго: бакъ зодил бакьулъе щвараб мех (рузман къоялъ хутIун). Рогьалил какда хадуб бакъ хочол къадаралъгIаги борхизегIан. Бакъанил какда хадуб заман, бакъ тIерхьун бахъинегIан. Гьаб карагьатлъи буго как баялъе щибго сабаб гьечIого балеб батараб мехалда. Мисалалъе, кIиго ракагIатаб суннат как базе абураб нияталда. Амма гьел заманабазда как баялъе сабаб батани, мисалалъе, как жеги бачIого букIун гьеб базе, яги мажгиталде лъугьиндал тахIият бай, ялъуни какичуриялъул суннатаб как гIадаб жидее гIилла бугеб суннат, гьел какал раялъе карагьалъи гьечIо.

Амма, щиб гIуж бугониги, гьеб карагьалъи гьечIо Маккаялда ругеб мехалъ. Щайин абуни, Аварагас ﷺ абун буго: «Я ГIабдулманафил лъимал! Нужеца цониги чи нахъчIваге, къаси-къад щиб сагIаталда вачIаниги, гьаб Рукъалда (КагIба) сверун тIаваф гьабулев ва как балев чи», - абун (Тирмизи).

(«Фикъгьул мангьаж»)

 

 

 

ЗухIаялъул какил чан ракагIат бугеб?

ЗухIаялъул какил бищун дагьаб буго кIиго ракагIат, камилаб абуни – микьго. Камилаб къагIида гьабулеб мехалъ хирияб буго щибаб кIиго ракагIат батIа-батIа базе. Гьедин гьабулеб букIанин Аварагасинги буго хIадисалда (Абу-Давуд).

ЗухIаялъул какил гIужги буго бакъ баккаралдаса гьеб зодил бакьулъе щвезегIан. Базе хириябги буго къойил ункъил бутIа араб мех.

(«Фикъгьул мангьаж»)

 

 

 

Бичун босарасул ихтияр бугищ, багьа цIикIкIараб букIиналда бан, къайи нахъбуссинабизе ва гьабураб къотIи биххизабизе?

Бича-хисиялъул шартIал тIуран ва къотIи гьабун хадуб, бичун босарасулги бичарасулги ихтияр гьечIо гьабураб къотIи хвезабизе къайи багьаго яги учузго босанинги абун. Мисалалъе, пуланав ГIалица 500 азарго гъурщиде бугеб машина ГIумарихъа 200 азарго гъурщиде босула. ГIумарица машина бичула учузго, щайгурелъул гьес базаралда бугеб багьа лъазабичIого букIиналъ. ГIумарил ихтияр гьечIо базаралда бугеб багьа лъан хадубги машина нахъе тIалаб гьабизе яги тIаде гIарац кьезабизе. Щайгурелъул къотIул киналго шартIалги тIуран рукIиналъ.

Бичун босулесги бичулесги къотIи гьабулеб мехалда лъикIаб буго мухIканлъи гьабизе.

(«ТухIфатул МухIтаж», 3 бутIа)

 

 

 

Лъимер гьабулей гIаданалда аскIоб щиб цIализе хирияб бугеб?

Гъоркьехун кьолел аятал ва дугIаби цIализе суннатал руго.

Аятул-Курсий:

 

«اللَّهُ لَا إِلَهَ إِلَّا هُوَ الْحَيُّ الْقَيُّومُ لَا تَأْخُذُهُ سِنَةٌ وَلَا نَوْمٌ لَهُ مَا فِي السَّمَاوَاتِ وَمَا فِي الْأَرْضِ مَنْ ذَا الَّذِي يَشْفَعُ عِنْدَهُ إِلَّا بِإِذْنِهِ يَعْلَمُ مَا بَيْنَ أَيْدِيهِمْ وَمَا خَلْفَهُمْ وَلَا يُحِيطُونَ بِشَيْءٍ مِنْ عِلْمِهِ إِلَّا بِمَا شَاءَ وَسِعَ كُرْسِيُّهُ السَّمَاوَاتِ وَالْأَرْضَ وَلَا يَئُودُهُ حِفْظُهُمَا وَهُوَ الْعَلِيُّ الْعَظِيمُ».

Сура «АгIрафалъул» аят:

 

«إِنَّ رَبَّكُمُ اللَّهُ الَّذِي خَلَقَ السَّمَاوَاتِ وَالْأَرْضَ فِي سِتَّةِ أَيَّامٍ ثُمَّ اسْتَوَى عَلَى الْعَرْشِ يُغْشِي اللَّيْلَ النَّهَارَ يَطْلُبُهُ حَثِيثًا وَالشَّمْسَ وَالْقَمَرَ وَالنُّجُومَ مُسَخَّرَاتٍ بِأَمْرِهِ أَلَا لَهُ الْخَلْقُ وَالْأَمْرُ تَبَارَكَ اللَّهُ رَبُّ الْعَالَمِينَ».

 

Суратул «Фалякъ» ва «Ннас».

ГIемер рехсей гьаб дугIа (балагьги пашманлъиги нахъе инабулеб дугIа):

«لا إله إلا الله العظيم الحليم، لا إله إلا الله رب العرش العظيم، لا إله إلا الله رب السموات ورب الأرض، ورب العرش الكريم».

 

«Ла илаhа илла Ллаhул гIазимул хIалиму, ла илаhа илла Ллаhу раббул гIаршил гIазим, ла илаhа илла Ллаhу раббу ссамавати ва раббул арзи ва раббул гIаршил карим».

(«ХIашияту Тармаси», 6 бутIа)

 

 

Ратибат бан хадуб как ахIиялдаги къаматалдаги гьоркьоб щиб гьабизе лъикIаб бугеб?

Как ахIиялдаги къаматалдаги гьоркьоб бугеб къиматаб заман ккола, бусурбанчиясе рекъоларо гьеб гIадада биччазе. Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Как ахIиялдаги къаматалдаги гьоркьоб гьабураб дугIа нахъчIваларо», - ян. Бокьараб дугIа цIалани, суннат тIубала, амма кинабго заман дугIа гьабулаго инабизе лъикIаб буго, ратибаталъул заман хутIизегIан. Гьенибги гьесул рес буго дугIа цIализе, сужда гьабураб мехалъ. ДугIаялъе ругелщинал адабалги гьаризе рекъола.

Как ахIиялдаги къаматалдаги гьоркьоб цIализе беццараб дугIа ккола гьаб: «Аллаhумма, инни ас-алюкал ГIафията фи ддуня вал-ахирагь».

(«ТухIфатул МухIтаж», «Мугънил МухIтаж»)

 

 

Ражаб моцIалъул тIоцебесеб ва хадусел къояз кIал кквезе лъикIаб бугищ?

Ражаб буго гурхIел-рахIмуялъул ва мунагьал чуриялъул моцI. Рамазан моцIалда цебесеб моцIазул цояб букIиналъ, Ражаб ккола гьеб заманалде хIадурлъилъун. Гьединлъидал бусурбанчиясе лъикIаб букIина гьеб моцI гIибадаталда тIамизе.

Гьал хадур рехсарал жалазул кьучIалда абизе бегьула Ражаб моцIалъ кIал кквей инсанасе кIудияб кири щолеб гIамал бугин, щайгурелъул шафигIияб мазгьабалъул чIахIиял гIалимзабаз нахъчIвалеб бугелъул гьеб бидгIа букIин.

Ражаб моцIалъул кIал кквеялъул хIакъалъулъ имам ан-Нававияс жиндирго «ШархI СахIихI ал-Муслим» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Ражаб моцIалъул кIал кквеялъул хIакъалъулъ чIезабураб гьукъи яги лъикIаб букIин гьечIо. Кинниги кIал кквеялъул аслу лъикIаб букIин буго», - ян.

Хадуб имам ан-Нававица хъвалеб буго: «Абу Давудил «Сунаналда» хъван буго Аварагас ﷺ хIарамал моцIазда кIал кквеялде ахIулел рукIанин, Ражаб моцIги гьезул цояблъун ккола», - ян. («ШархI СахIихIул Муслим», 8 том, 39 гьум)

Имам ХатIибу Щирбинияс «Мугънил МухIтажалда» хъвалеб буго: «Рамазан моцIалдаса хадуб кIал кквезе бищунго лъикIал моцIал ккола хIарамал моцIал, гьезда гьоркьоса бищунго мустахIикъаблъун ккола МухIаррам моцI, имам Муслимица бачараб хIадисалда абулеб бугелъул: «Рамазаналда хадуб бищунго кIал кквезе лъикIаб моцI Аллагьас хIарам гьабураб МухIаррам моцI ккола», хадуб Ражаб моцI, ва гьеб пикру къабул гьабулеб буго, Ражаб хIарамаб моцIазул (МухIаррамалдаса хадуб) бищунго лъикIаб бугилан абулел гIалимзабазда дандеккунгутIиялъе гIоло». («Мугънил МухIтаж» том 3, гьумер 344].

 Ражаб моцIалъ кIал кквеялъул хIакъалъулъ хасал тIадкъаязул бицани, ибн ГIумарица, ибн ГIаббасица, Анасица, СагIид ибн Жубайрица Ражаб моцIалъул чанго кIал биччазе лъикIаб бугин бицана. Гьебги Рамазан моцIалда релълъенлъи гьабичIого букIине.

Имам АхIмадица абуна: «Ражабалдаса цо-кIиго къоялъ кIал биччай», - илан. Гьелъ магIна кьолеб буго имам АхIмадица Ражаб моцIалда кIал кквей лъикIаблъун рикIкIунеб букIин.

Ражаб моцIалъ кIал кквей бидгIа букIиналъул хIакъалъулъ абуни, гьелда хурхун ибн ХIажар Гьайтамияс «ФатхIул Мубин» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Ражаб моцIалъ кIал кквей бидгIа бугин абураб рагIи буго, амма гьеб гьедин гьечIо, гьелъул гIаксалда, Ражаб моцIалъ кIал кквей ккола лъикIаб суннат. Баян гьабун дица гьеб хъвана «Ал-фатва Ал-Кубра» абураб тIехьалда.

(«ФатхIул Мубин»)

2026-06-01 (ЗулхIижа 1447 с.) №11.


Чакаралъул къадар

Чакаралъул къадар кинаб букIине кколеб?   Бидулъ букIунеб чакаралъ кIудияб бакI ккола инсанасул чорхолъ. Глюкозаялъул даража низамалде бачуна цIекIгьаналъ къватIибе кьолеб инсулиналъ. Чорхолъ гIураб къадаралда инсулин гьечIони яги клеткабаз гьелъие лъикIаб жаваб кьолеб гьечIони, бидулъ...


ТӀабигӀияб балагь – халкъалъул хӀалбихьи

2026 соналъул март-апрелалда Дагъистаналда рарал чвахунцIадазул хIасилалда ккарал лъугьа-бахъинал регионалъе бищун захӀматал тӀабигӀиял балагьазул цояллъун лъугьана.   Республикаялъул цо чанго шагьаралдагун росабалъ гIемерал гIадамал хутIана жанире руссине рукъзал гьечIого, хвезаруна гьезул...


ХIажизабазул масъалабазул бицана

Россиялъул хӀажизабазе хӀеж ва гӀумра гӀуцӀиялъул суал гьоркьоб лъураб Россиялъул Федерациялъул Генералияб консуллъиялда (СагӀудиязул ГӀарабия) Жиддаялда тӀобитӀана данделъи. Гьеб тадбиралда гӀахьаллъана ДРялъул муфтияталъул председатель ИсмагӀилов Мурад; Рамазан Ибрагьимов – Дрялъул...


Рос-лъади цоцазда хурхараб рахас

Ахирал соназда рос-лъади ратIа-лъиялъул вакъигIатал цIакъго гIемерлъулел руго. Хъизам биххиялъе бищунго гIемер рехсолеб гIиллалъунги ккола цоцазде бугеб рокьа-хинлъи дагьлъи, рос-лъадул гIумрудулаб гIамал-хасият чучлъи, лъикIаб-квешалъул тIалабго гьабунгутIи, къо хIехьезе бажарунгутIи, цогидазул...


Суратул «Кавсаралъул» тарихазулаб дандеккей

Къуръаналда бищун къокъаб сура ккола суратул «Кавсар». Гьелда жаниб буго анцIго рагӀи. «Кавсар» сураталъул тӀоцебесеб аят 10 хӀарпалдасан гӀуцӀун буго. КӀиабилеб аятги 10 хӀарпалдасан гӀуцӀун буго. Лъабабилеб аятги 10 хӀарпалдасан гӀуцӀун буго. Алиф хӀарп бищун гӀемер...