Аслияб гьумералде

Суал-жаваб

Суал-жаваб

Суал-жаваб

Жаназаялъул как бан бугони, тIаде рачIаразда цадахъ нахъеги базе лъикIаб бугищ?

Хварасдаса жамагIаталъ яги цояс жинцаго жаназаялъул как бан бугони, хадур тIаде рачIаразгун цадахъ кIиабизе баларо, бачIого тезе суннатаб буго.

(«Мугънил мухIтаж»)

 

 

Кинаб бугониги хъачIаб жо сивакалъул бакIалда чIолищ?

Сивак хIалтIизаби буго кутакалда кIвар цIикIкIараб суннат. Аварагасги ﷺ гьеб гIемер хIалтIизабулаан.

Бокьараб хъачIаб, къвакIараб, цабзаздаса тIогьиллъи инабулеб алат хIалтIизаби сивакалъул бакIалда чIола. Гьединал жал хIалтIизарулелъул ният букIине ккола сивак хIисабалда гьабулеб бугин абураб. Щайин абуни, ният хал гьабун рукIунелъул гIамалал.

Сивак хIисабалда батIи-батIиял гъутIбузул гIаркьалаби хIалтIизаризеги бегьула. Бищун лъикIаб буго «аль-Арак» абураб гъотIол, хадуб «ан-НахIл», цинги «аз-Зайтун» гъотIол гIаркьалаби.

«Дир умматалъе хIалтIизаби захIмалъизе гурин абун гуребани, дица щибаб какие сивак хIалтIизаби тIадаблъун бихьизабилаан», - ян абун буго Аварагас ﷺ (Муслим).

 («Мугънил мухIтаж» «Бушрал карим»)

 

 

КваназегIан цере ва кванан лъугIидал кверал чури кигIан кIвар цIикIкIараб иш бугеб?

КваназегIан цере ва хадур кверал чуриялъул хIакъалъулъ Аварагасдаса ﷺ бачIараб хIадисалда имам ибну Мажагьица, Байгьакъияс ва СуютIияс хъван буго: «Аллагьас ﷻ жиндир рокъоб баракат цIикIкIинабизе бокьарав чияс кваналалде цебе ва хадуб кверал чуре», - ян.

Имам ТIабараниясги «МугIжамул авсатI» абураб тIехьалда хъван буго: «КваназегIан цере ва хадур кверал чуриялъ чиясдаса мискинлъи инабула, гьеб буго Аллагьасул ﷻ аварагзабазул гIадат», - абун.

Шейхул ислам Закариял Ансарияс «Ал-Гъурарул бахIия» абураб тIехьалда хъван буго: «Кванил адабаздасан буго кваналалде цебе ва хадуб кверал чури ва кIал ххули», - абун. Жеги рехсолеб буго: «Рукъалъул хважаинасе лъикIаб буго тIаде рачIараз кваназе байбихьизегIан тIоцебе жинцаго кверал чуризе ва кIалги ххулизе. Кванан лъугIидалги гьедин гьабизе», - ян.

 

 

Щай нилъее Авараг ﷺ рахIматлъун кколев?

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьев рахм1атлъун витIанин Къуръаналда рехсана. Аллагьас ﷻ Жиндирго кIиго хирияб цIарги кьун тIокIги гьавуна Авараг ﷺ. Гьел цIаралги ккола Рауфун РахIим.

ХIасан ибну Муфазалица абуна, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьеб кIиябго цIар лъиениги кьечIин цохIо МухIаммад аварагасе гурониян. Къуръаналдаги гьел цIарал рехсана.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абуна (магIна): «ХIакълъунго Аллагь гурхIулев ва рахIмат бугев вуго», - ян. (Сура «Бакъара», аят 14)

ГIалим ибну ДахIиятица абуна, Авараг ﷺ рахIматлъун витIанин, щибго данде жо босуларевлъун. ГIалим Абубакр ибну ТIагьирица абуна, Авараг ﷺ къачIанин ТIадегIанав Аллагьас ﷻ рахIмат бугевлъун. Гьесул тIабигIаталъ гIадамазе кIудияб асар гьабуна ва гьелги лъикIаб рахъалде хисана. Гьеб халкъалъе рахIматлъун ккеларищ?

Къуръаналда буго: «Нуж Аллагьасул нигIатал рикIкIине лъугьани, нужехъа гьеб бажаруларо», - ян. Гьеб аяталъ, цогидал нигIматал жанире рачаниги, тIоцебесеб нигIматлъун Авараг ﷺ ккола. Гьев нилъехъе витIи кIудияб нигIматлъун ккола, ай нилъехъа щукру гьабун бажарулареб.

ГIабдуллагь Тустарияс абуна, гьеб аяталда рехсараб нигIматалъул магIна кколин МухIаммад авараг вугин абураб.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абуна, гьездаги лъалин Аллагьасул нигIмат, амма гьез къабул гьабуларин абун. (Сура «НахIл», аят 83) Гьелъул магIна ккола халкъалъе нигIматлъун витIарав Авараг ﷺ капурзабаздаги лъалин, амма гьез гьев къабул гьавуларин абураб.

 

 

Дармилъ хиянат гьабулел чагIазе щиб букIунеб?

Дармилъ хиянат гьаби ккола бичулеб къайиялъул гIайиб, багьа бахчи яги чияе борцунелъул, цIалелъул камизаби, жиндиего борцунелъул, цIалелъул цIикIкIинаби. Дармилъ хиянат гIемерлъидал халкъалдаса баракат бахъула, халкъалъул гIадлу хола, гьезде тIаде зулмуял ханзаби, хIакимзаби тIамула. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цересел умматал тIубанго гьалаг гьаруна борцунеб, цIалеб жоялъулъ рекIкI гIемер букIиналъ. Нилъеда ракIалдайищ кколеб Аллагьас ﷻ нилъги балагьалде ккезариларин абун. Аварагасул ﷺ хIадисалдаги буго, рекIкI гьабулев нилъер чи гурин абун.

Къуръаналда буго: «КIудияб балагьги жужахIалъул кIкIалги буго дармилъ ками ккезабулел гIадамазе... Гьезда ракIалде кколарищ жал Къиямасеб къоялъ тIаде рахъинаризе рукIин», - абун. («МутIаффифун», аят 1-4)

 

 

Бекараб зани къачIазе бегьулищ?

Зани лъола хварав чиясул цIарги вукъараб бакIги лъазе букIине. Зани бекун батани, гьеб къачIазе бегьула ва лъикIабги буго. Зани лъезе лъикIаб буго вукъарав чиясул ботIрода аскIоб. Щайин абуни, Аварагас ﷺ ГIусман ибну Мазунил ботIрода аскIоб лъуна кIудияб гамачI ва абуна гьалдалъун лъазе вугин жинда гьев ва хадуб гьесда аскIор рукъизе ругин дирго гIагарал чагIиян.

(«Нигьаятул мухIтаж», бутIа 3)

 

 

Маккаялда вугес хIеж щиб бакIалдаса бухьунеб?

Маккаялда вукIаго хIеж борхизе бокьарасе суннатаб буго хIежалде лъугьиналъул кIиго ракагIаталъул суннатаб как ХIарамалъул мажгиталда базе, цинги жив чIарав гостиницаялъул нуцIихъеги ун, ГIарафаялде унаго хIежалде лъугьине ният гьабизе.

(«ХIашия ибн ХIажар Гьайтами ГIалал ИзахI»)

 

 

ХIеж бухьиналде берцинал махIал гьаризе лъикIаб бугин абула. ИхIрамалдайищ гьабилеб яги черхалдайищ?

ХIеж бухьиналде ихIрамалда махI гьабизе карагьатаб буго. Гьединлъидал берцинаб махI черхалда гьабила.

(«ХIашия ибн ХIажар Гьайтами ГIалал ИзахI»)

 

 

ЖамагIат гьабун как балаго киналго пишаби имамасда цадахъ гьаруни как биххулищ?

ЖамагIат гьабун как балев чиясда тIадаб буго киналго пишаби имамасдаса цеве ккечIого, хадур гьаризе. Гьелдаса босун маъмумас (имамасда нахъа как балес) киналго рукнаби имамасда цадахъ гьарулел ругони, гьесул как биххуларо. Кинниги цадахъ гьабизе лъикIаб гьечIо ва гьелдалъун жамагIатлъул кириялдаса гьев махIрумлъула.

Гьоркьоса бахъараблъун ккола такбиратул ихIрам, ай как бухьиналъул «Аллагьу Акбар». Имамас гьеб тIубанго абун лъугIизегIанги чIун, цинги абила маъмумас. Имамас такбиратул ихIрам абун бахъиналде маъмумас гьеб абизе байбихьани яги гьев щаклъани имамас абун бахъиналде жинца абун букIанищали, гьоркьоб заман ун гурони ракIалдеги щвечIони имамас абун хадуб абун букIараблъи, гьесул как биххула. Амма гьев щаклъун гуреб, гьесда ракIалде ккани (занну) имамас Аллагьу Акбар абун хадуб байбихьанин абун, гьесул как рикIкIуна.

(«ТухIфатул мухIтаж»)

 

 

ЖамагIат гьабун балеб какилъ имамас рагIизабун АлхIам ва гьелда хадуб сура цIалулелъул, маъмумасе бегьулищ гьеб цадахъ цIализе?

Имамас рагIизабун АлхIам ялъуни сураби цIалулаго маъмумасе лъикIаб буго вуцIцIухIунги чIун, имамасул цIалиялъухъ гIенеккизе. Имамасда цадахъ цIализе лъугьани, гьесие кири щоларо. Амма имамасдаса рикIкIад вукIиналъ ялъуни хъуй букIун имамасул цIали рагIулеб гьечIони, маъмумасе бегьула гьесда цадахъ цIализе.

(«ФатхIул мубин», «ИгIанату тIалибин»)

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....