Аслияб гьумералде

Суал-жаваб

Суал-жаваб

Хабада чIола тIугьдул, гIурччинлъи. Сундуе гIоло гьеб гьабулеб ва бугищ гьединаб жо нилъер диналда?

 

Ибну ГIабасидасан бицараб хIадисалда буго, кIиго хабада аскIосан унаго Аварагас ﷺ абунин: «Гьав кIиясего гьабулеб буго кIудияб мунагьалъухъ гIазаб, жибги нужеца кIвар бугеблъун рикIкIунареб: гьезул цояс рацIцIалъи гьабулароан кIващудаса, кIиабилес - мацIал гьарун хабар тIибитIизабулаан», - ян. Гьединги абун Аварагас ﷺ амру гьабуна жиндихъе пальмаялъул гIаркьел босеян, цинги, кIийидеги бекун, Аварагас ﷺ гьеб щивасул хабада тIад къазабуна.

Гьесда ﷺ цIехедал: «Я Аллагьасул Расул ﷺ, щай дуца гьедин гьабураб?» - абун, Аварагас ﷺ жаваб кьуна: «Хьул буго гьал гIаркьалаби ракъвазегIан гьезие бигьалъи гьабилин», - абун (Бухари).

Ибну ХIажар Гьайтамияс хъвалеб буго: «Суннатаб буго гIурччинаб гIаркьел хабада лъезе (къазабизе), Аварагасул ﷺ машгьураб хIадисалда нахъги рилъун. Гьелъул тасбихIалъул (кинабниги чIаголъиялъ Аллагьасе ﷻ тасбихI гьабула) кумекалдалъун хварасе хабал гIазабаздаса бигьалъи гьабула. ГIурччинаб гIаркьелалъул тасбихIги бакъваралъулалдаса камилаб буго, щайин абуни, тIоцебеселъулъ чIаголъи бугелъул», - абун.

Хадубги ибну ХIажарица хъвалеб буго: «Гьабураб бахIсалъул хIасилалда, гьукъараблъун буго гьеб (хабада бижараб хер, къазабураб гIаркьел) нахъе инабизе. Щайин абуни, нахъе инабиялъулъ буго хварасе гьелдаса бугеб хIакъ (гьелъул тасбихI) тIаса инаби», - ян. («ТухIфатул МухIтаж»)

Амма бакъвараб хер хабадаса тIеялъулъ ва тIаса инабиялъулъ щибго гьукъи гьечIо. Щайин абуни, гьеб бакъваялдалъун хварасе гьелдаса щолеб жо къотIун ккола.

Рехсаралдаса босун абуни, хабада тIугьдул ва гIурччинлъи чIей бегьулеб ва суннатаб гIамалалдасан буго.

 

 

Имамасдаса цеве лъачIого ани, щиб гьабилеб?

Имамасдаса цеве лъачIого сужда гьабизе гIодове ани, имам рукугIалда вугев мехалъ, гьесие бегьула тIаде ворхизе яги суждаялда чIезе имам вачIинегIан.

«ФатхIул МугIиналда» хъвалеб буго: «ХӀарамаб буго бокьун имамасдаса цеве ккезе цо рукнуялъ. Гьединго карагьалъула маъмум имамасдаса хадуб цо рукнуялъ нахъе ккезе», - ян.

(«ИгIанатул ТIалибин», бутIа 2)

 

 

ГӀемерисез абула «Кафирун» абураб сура цӀализе бегьуларилан. Гьелъул хIукму кинаб бугеб?

 «Кафирун» сура цӀализе бегьула. Амма гьеб, Къуръаналъул цогидал сурабиго гӀадин, гъалатӀал риччачӀого цӀализе ккола.

(«ТухӀфатул МухтIаж», «ХIашия аш-Ширвани»)

 

 

Дида гӀараб мацӀ лъангутIиялъ радал как балеб мехалъ «Магьдина» цӀализе бажаруларо. Гьеб цӀализе тӀадаб бугищ?

Имам Нававияс жиндирго «Мингьаж ат-ТIалибин» абураб тӀехьалда хъвалеб буго: «Суннатаб буго кӀиабилеб ракагӀаталъул игIтидалалда (рукугIалдаса) ворхидал рогьалил какилъ дугӀа къунут (Магьдина) цӀализе, гьединго суннатлъула Рамазан моцӀалъул кӀиабилеб бащалъи араб мехалъ витруялъул какил ахирисеб ракагӀаталда цӀализе.

«Бушра ал-Карим» абураб тӀехьалда хъвалеб буго: «Къуръаналдаса аят цӀалани жиндилъ дугIа магIна бугеб, гьеб рикIкIуна Магьдина цӀалиялъул бищун дагьаб къадар суннат тIубараблъун.

Имам Ан-Нававияс «Мингьаж ат-ТIалибин» абураб тӀехьалда хъвалеб буго: «Какил ахиралда, салам кьелалде цебе Магьдина цIаличIого тани, суннатаб буго кӀиго нухалъ сагьвилъиялъул кIиго сужда гьабизе ва гьелдаса хадуб салам кьун как лъугӀизабизе», - ян.

(«Мингьаж ат-ТIалибин»)

 

 

Как толев чиясе щиб гIазаб букIунеб?

Как тей ккола бищун чIахIиял мунагьазул цояб. Как баларел гIадамазе жужахIалда хасаб кIкIал буго гьел рехизе хIадур гьабураб, жибго жужахIалъцин Аллагьасда ﷻ гьарулеб гьелдаса цIунеян.

Как толев чиясул иман ччукIиялдаги рухI бахъи мекъи ккеялдаги хIикъи буго. Как толев чиясда къиямасеб къоялъ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ ццим бахъиналдалъун дандчIвай гьабула, Аллагьасул ﷻ цIуниялдаса гьев ватIалъула, как баларев чиясул цогидаб гIамалги гIадада уна. Амма как балев гьечIиланги абун, кIал, закат, сахI, хIеж гIадал тIадал жал тезе гьесие ихтияр гьечIо. Как баларев чи къиямасеб къоялъ пиргIавн, къарун, гьаман, убаюгун цадахъ вахъинавула. Цо как ками чиясе кинабго жиндир боцIи, агьлу-рукъ камиялда релълъун буго.

(«ФатхIул ГIаллам»)

Дие бокьун буго хIижаб чIвазе, амма рос ва гьесул тIолабго тухум дандечIун руго. Щиб дица

гьабизе кколеб?

Лъади росасе мутIигIлъизе ккола. Гьединго адаб гьабизе ккола гьесул хъизан-агьлуялъулги. Амма лъадуда тIадаб гьечIо ТIадегIанав Аллагьасул амрабазда данде кколарел ва росас кьурал тIадкъаял тIуразаризе.

ХIижаб, ай тIолабго черх бахчулеб ретIел ретIин ккола балугълъиялде яхарай гIаданалда тIадаб иш. Гьединлъидал росас гьукъаниги, нахъчIваниги, ццим бахъинабуниги, дуда тIадаб буго хIижаб ретIине. Щайгурелъул, ТIабаранияс ва цогидаз бицараб машгьураб хIадисалда буго Аварагас ﷺ абунин: «Халикъасеги гIасилъун махлукъаталъе мутIигIлъи гьечIо», - ян.

Амма бачIинахъего росасда ва гьесул гIагарлъиялда дандечIун лъугьине бегьуларо. Гьелъул гIаксалда, гьезда бихьизабе лъикIаб рахъ, бице исламалъ руччабазда кин ретIа-къазе малъулебали, гьездехун лъикIаб бербалагьи гьабе, исламияб диналъ нужеда малъулеб жо гьедин букIин лъазабе.

Аллагьасул ﷺ тIадкъаялги лъикIаб гьоркьоблъиги цIунун, нужеца гьедин гьабуни, хIакълъунго, ТIадегIанав Аллагьасул квербакъи ва кIудияб кири хъвала нужее.

 

 

Биччараб квер норковияб шубаялда хъвани, какие чури биххулищ? Гьелда хъвараб бакI анкьго нухалъ чуризе кколищ?

ШафигIияб мазгьабалда рекъон, гьан кваназе бегьуларел хIайваназул расал ва цогидал бутIаби рикIкIуна нажасаллъун. Гьединлъидал норкаялъул ва гьелда релълъарал цогидал хIайваназул тIомол дабагъ гьабулеб мехалъ, тIом гурони бацIцIалъуларо, расал нажасаллъун хутIула.

Кинниги квер хъвани, какие чури биххуларо. ГIицIго хъвараб бакI чурани гIола.

Анкьго нухалъ чуриялъул бицани, гьезул цояб ракь хIалтIизабиялдалъун, гьадин бацIцIад гьабула гьвеялъул ялъуни болъонил нажасалдаса. Цогидал нажасал гIицIго лъеца чурула, махI, кьер яги тIагIам тIагIинегIан.

(«ТухIфатул МухIтаж»)

 

 

Щибаб сардилъ суратул «Мулк» цIализе суннатаб бугищ?

ГIемерал гIалимзабаз хъвалеб буго щибаб сардилъ суратул «Мулк» цIализе суннатаб бугин абун. Ибну Ражаб абурав имамас жиндир «АхIвалул Къубур» абураб тIехьалда рехсолеб буго: «Къаси-къаси Авараг ﷺ вукIана «Алиф лам мим танзил» ва «Табарака ллази биядигьил мулку» цIаличIого кьижуларевлъун», - абун (Тирмизи).

Ибну МасгIудица бицун буго: «Суратул «Мулк» щибаб сордоялъ цIалун щив чи вугониги, гьеб сабаблъун Аллагьас ﷻ гьев чи хабал гIазабалдаса цIунила. Аварагасул ﷺ заманалда ниж рукIана гьеб сураялде «ал-манигIата» абун абулел (нахъчIвалеб, цIунулеб абураб магIна, ай хабал гIазаб).

Гьелдаса босун, суннатаблъун буго гьеб сурат щибаб сордойил цIализе.

2026-05-15 (ЗулкъагIида 1447 с.) №10.


КIудияб гIидалъул байрам

Ассаламу гIалайкум ва рахIматуллагьи ва баракатугьу, хириял диналъул вацал ва яцал!   РакI-ракIалъ баркула нужеда тIаде щвараб Къурбаналъул байрам. Гьеб баракатаб къоялъ нилъеца кидаго ракIалде щвезабула Ибрагьим аварагасул тIадегIанаб мисал, гьесул ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ букIараб...


Суал-жаваб

ХIежалъ гIисинал ва чIахIиял мунагьал чурулищ? ГIемерисел гIалимзабазда аскIоб хIежалъ гIисинал мунагьал чурула, амма кIудиял мунагьал ва гIадамазул хIукъукъал чуруларо. Бухари ва АхIмадица бицараб хIадисалда буго: «ХIеж гьабураб мехалда жинца абичIони квешаб рагIи ва гьаричIони фискъуялде...


ЦIияв ректор

Саида Сиражудинова тӀамун йиго Дагъистаналъул гуманитарияб институталъул ректорлъун. Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиясул рахъалдасан баркала загьир гьабуна цеве ректорлъун вукӀарав НухӀкъади БахIмудкъадиевасе, гьес гьабураб хӀалтӀухъ. Баркалаялъул гӀаламат хӀисабалда гьесие сайгъат...


Волейболалъул турнир

1 маялда ХӀебда росулъ тӀобитӀана, СВОялъул бахIарзал ракIалде щвезариялъул хIурматалда, школазул цIалдохъабазда гьоркьоб волейбол хIаялъул рахъалъ къец. Гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна ХIебда росдал имам ГIумархIажи МухIаммадхIажиевасги. Жиндирго кIалъаялда гьес киназего гьарана бергьенлъи ва...


Кинаб хъвелеб?

Къурбан хъвей ШафигIиясдаги АхIмадидаги Маликидаги аскIоб муаккадаб суннат ккола. АбухIанифатида аскIоб къурбан хъвей тIадаб буго шагьаразда, росабалъ гIумру гьабун бугел гIадамазда. Амма АбухIанифатида аскIоб гьеб тIалъизе ккани закат бахъи гIураб бечелъи букIине ккола. «РахIматул...