Суал-жаваб
Суал-жаваб
Эбел-эмен хведал, гьезда хадуб букIараб налъи лъималаз бецIизе кколищ?
Кколаро. КьучIаб рагIиялда бан, инсан хведал гьесул налъи шаргIалъ бихьизабураб тартибалда рекъон, гьесул боцIудаса бецIула.
Налъи бецIизе хварасул боцIи-мал гIолеб батичIони, тIалаб гьабулесул изну букIунаро хварасул ирсилаздаса гьеб бахъизе. Амма ирсилаз бегьула, Аллагьасда ﷻ цебе хварасул хIал лъикI букIинелъун, гьесул налъи бецIизе.
Саламат ибн АквагIица бицана: «Цо къоялъ авараггун цадахъ гIодор чIун ругеб мехалда, жаназаги лъун раса тIаде бачIиндал, аварагасда гьез гьарана: «Гьасдасан как бай», - илан. Аварагас ﷺ гьикъана: «Гьесул бецIизе налъи хутIанищ?» - илан. ГIадамаз жаваб гьабуна: «ХутIичIо», - ян. Аварагас ﷺ гьикъана: «Щибниги нахъе танищ гьес?» - илан. «ТечIо», - ян жаваб гьабуна гIадамаз. Цинги аварагас ﷺ гьесдасан как бана. Хадуб бачIана цоги жаназа ва абуна: «Я, Бичасул Расул ﷺ, гьасдасан как бай», - илан. Аварагас ﷺ гьикъана: «Гьесул бецIизе налъи хутIанищ?» - илан. Гьез жаваб гьабуна: «ХутIана», - ян. «Нахъе щибго танищ гьес?» - илан гьикъана аварагас ﷺ. «Лъабго динар хутIана», - ян абуна гIадамаз. Аварагас ﷺ гьесдасанги бана жаназаялъул как. Заман гьоркьоб индал жеги жаназа босун бачIана. ГIадамаз цIидасанги абуна аварагасда ﷺ как байилан. «Нахъе щибго танищ гьес?» - илан цIехана аварагас ﷺ. «ТечIо», - ян жаваб гьабуна гIадамаз. Аварагас ﷺ гьикъана: «Налъи бугищ гьесда хадуб?» - илан. «Лъабго динар кьезе хутIана гьес», - илан жаваб гьабуна. Цинги аварагас ﷺ абуна: «Нужерго гьалмагъасдасан как бай», - илан. Гьеб рагIидал Абу Къатадатица абуна: «Дуца бай, авараг ﷺ гьесдасан как, дица гьесул налъи бецIизе тIаде босана», - ян. Гьеб мехалъ бана аварагас гьесдасан жаназаялъул как.
(«ТухIфатул МухIтаж», «Мавагьибул Жалил», «СахIихIул Бухари», «Ал-Мугъни ли Ибни Ал-Къуддама»)
«Далаилул Хайрат» абураб салаватазул тIехь хъваялъе щиб сабаб ккараб?
Гьеб тIехьалъул автор ккола имам Жузури. ТIехьалда руго гIемер батIи-батIиял салаватал. Гьеб хъваялъе сабаб ккана, какие чуризе имам Жузури гIодов чIедал, гъуялъуб лъим батунгутIи. Гьеб мехалъ гьесда йихьула борхатаб бакIалдаса цо яс балагьун. Гьелъ гьикъула лъим бачIинабулеб къагIида лъаларогойищ мунилан абун. Гьелъ хIацIу тула ва гъуялдаса бурун лъим бачIине байбихьула. Гьес гьикъула гьеб даражаялде мун кин щварайилан абун. Гьелъ абула аварагасде ﷺ гIемер салават битIиялдалъун щванин абун. Гьеб мехалда гьев гьедула аварагасде ﷺ салават битIиялъул хIакъалъулъ тIехь хъвазе бугин абун. Гьедин хъвала имамас цIакъ цIализе баракатаб тIехьги.
Аллагьасе ﷻ букIине тIадаб сифат чан бугеб?
Аллагьасе букIине тIадаб къого сифат буго. Гьелги ккола:
1. Ватизе тIалъи.
2. Авал гьечIолъи.
3. Ахир гьечIолъи.
4. Сундаго релълъарав гьечIолъи.
5. Сундего хIажалъунгутIи.
6. Жив цогоявлъун вукIин.
7. Сундаго хIалкIолев.
8. Кинабго жо бокьи.
9. Кинабго жо лъай.
10. ЧIаголъи.
11. Кинабго рагIи.
12. Кинабго бихьи.
13. КIалъай.
14. Сундаго хIалкIолевлъун вукIин.
15. Кинабго бокьулевлъун вукIин.
16. Кинабго лъалевлъун вукIин.
17. Даимго чIагоявлъун вукIин.
18. Кинабго рагIулевлъун вукIин.
19. Кинабго бихьулевлъун вукIин.
20. КIалъалевлъун вукIин.
Гьаб къоябго сифат ккола гIакълуялъги Къуръан-хIадисалъги ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ рукIин тIад гьарурал.
Хварав чи къаси мехалда ялъуни какал разе карагьатаб заманалда вукъизе бегьуларин абураб жо бугищ шаргIалда?
Хварасул жаназа къаси букъизе бегьула ва гьелъулъ карагьалъицин гьечIо. Какал разе карагьатаб гIужалъ жаназа букъиялъулъги гьечIо щибго бегьунгутIи, гьеб гIужалъ букъизейинги абун, ургъунго тун гьечIони. Ургъунго гьеб гIужалъ жаназа букъизе теялда тIасан хилаф буго. Цо-цо гIалимзабаз хIарамаб бугин абула, амма гIемерисел гIалимзаби тIад рекъана гьеб карагьатаб букIиналда.
Къаси ва какал разе карагьатаб гIужалъ гуреб батIияб мехалда жаназа букъизе лъикIаб буго, жаназа хисиялда хIинкъи гьечIони. ХIинкъи бугони, нахъбахъизе хIарамлъула.
(«ТухIфатул МухIтаж»)
Аллагьасе ﷻ рукIине рес гьечIел сифатал чан ругел?
Аллагьасе ﷻ рукIине рес гьечIел сифаталги къого руго. Гьелги ккола:
1. ВатунгутIи (гьечIолъи).
2. Жиндие авал (байбихьи) букIин.
3. Жиндие ахир букIин (паналъи).
4. Сундехун бугониги релълъенлъи гьаби.
5. Сунде бугониги хIажалъи.
6. Цогояв гурев вукIин (чангояв).
7. Сунда бугониги хIалкIунгутIи.
8. Щиб бугониги жо бокьунгутIи.
9. Щиб бугониги жо лъангутIи.
10. ЧIагояв гьечIолъи.
11. ГIинкълъи.
12. Бецлъи.
13. КIалъангутIи.
14. Сунда бугониги хIалкIоларевлъун вукIин.
15. Жинда хIал гьабулевлъун, бокьуларевлъун вукIин.
16. Щиб бугониги жо лъаларевлъун вукIин.
17. ЧIагояв гуревлъун вукIин.
18. Щиб бугониги рагIуларевлъун вукIин.
19. Щиб бугониги бихьуларевлъун вукIин.
20. КIалъаларевлъун вукIин.
Гьал къоялго сифаталги ккола гIакълуялъги шаргIалъги Аллагьасе ﷻ рукIине нахъчIварал, рукIине ресго гьечIел. Гьездаса ТIадегIанав Аллагь ﷻ вацIцIадав вуго, гьел БетIергьанасе ﷻ батIулалги руго.
Жеги буго цо сифат Аллагьасе ﷻ дурусаб: Жиндие ﷻ гьабизе бокьараб гьаби, бокьичIеб гьабунгутIи.
БитIараб бугищ мусру бачIого вукъарав чи хабалъа вахъизе кколин абураб жо?
ГIалимзабазул бергьараб рагIиялда рекъон, мусру бачIого вукъарав чи хабалъа къватIиве вахъизе хIарамаб буго. Гьединго хIарамаб буго дарайдул ххам жемарав чиги къватIиве вахъизе, дунялалда жиндие гьеб хIарам гьабун букIаниги.
(«ТухIфатул МухIтаж», бутIа 3)
Кинабго боцIи-мал васиятлъун гьабизе бегьулищ?
Чиясе лъикIаб гьечIо 1/3 бутIаялдаса цIикIкIун васият гьабизе.
СагIадица аварагасда ﷺ гьикъула, дир йигин цо яс ва бокьун бугин гьелъие васият гьабизе. Бащдаб боцIийищ васият гьабилебилан абун. Аварагас ﷺ абула, бащдаб гIемераб бугин. СагIадица нахъеги гьикъула, лъабго бутIа бегьулищилан абун. Аварагас ﷺ жаваб кьола лъабго бутIа бегьулин, кинниги гьебги гIемер бугин.
Васият 1/3 бутIаялдаса цIикIкIун гьабизе карагьатаб буго. Суннатаб буго 1/3 бутIаялдаса дагьаб букIине. 1/3 бутIаялдаса цIикIкIун васият гьабун батани, ва ирсилав, гьев чи хун хадув, разиги гьечIони, гьелдаса цIикIкIараб жо билълъанхъизабуларо, гIалимзабазул рагIиялда рекъон. Щайин абуни, хутIараб боцIи-мал ирсиласуллъун рикIкIуна.
(«Мугънил МухIтаж», бутIа 3)