Аслияб гьумералде

Суал-жаваб

Суал-жаваб

Суал-жаваб

Налъуда кьураб гIарац нахъбуссинабулелъул цIикIкIун кьезе бегьунгутIи бугищ?

Жиндихъе налъуда жо кьурасе суннатаб буго гьеб нахъбуссинабулелъул (кьолеб ва босулелъул тIаде кьезе абун къотIи гьабун букIинчIеб) тIаде жубан кьезе. Жинца кьурасеги гьеб босизе бегьунгутIи гьечIо. Щайин абуни, гьесие (жинца кьурасе) хIалаллъулелъул налъуда кьураб жо нахъбуссинабулелъул цадахъ рачIарал сайгъатал росизе, рибаялда гъорлъе кколел тайпаби гьел ратаниги.

Гьелъие хIужалъун гIалимзабаз бачунеб буго «СахIихIул Бухариялда» рехсараб Бичасул ﷻ аварагасул ﷺ хIадис. Абу-Гьурайратица бицун буго: «Пуланав чиясухъа аварагас ﷺ налъуда босун букIана варани. Заман индал гьев чи варани тIалаб гьабун вачIиндал, аварагас ﷺ абуна гьесие варани кьеян. Варани балагьулелъул асхIабзабазухъе щвечIо дов чияс кьун букIаралдаса кIудияб гурони варани. Цинги аварагас ﷺ абуна: «Нужеца гьеб (кIудияб) кье гьесухъе. (Аллагьасда цере) нужер цIикIкIун лъикIал налъуда босараб жо нахъбуссинабулелъул лъикIаб къагIидаялда гьеб нахъбуссинабулел руго», - ян.

(«ТухIфатул мухIтаж», «СахIихIул Бухари»)

Исламалда рекъон хIанчIи клеткаялъур хьихьизе бегьулищ?

ШафигIияб мазгьабалъул машгьурал гIалимзабаз бегьизабуна хIанчIи клеткаялъур тIамун рокъор хьихьизе. Гьезул берцинал гьаркьазухъ гIенеккизелъун, гьезухъ балагьизе ва гьелгун расандизе, гьезие зарал гьабичIого, киналниги шартIал тIуран ругони. Масала, гьезие санагIалъи гьабун ва кваназарун ва гь.ц.

(«ФатхIул Бари», бутIа 10)

ХIарамаб жо сабаблъун налъукье ккарасе закагIат кьезе бегьулищ?

ЗакагIат кьезе мустахIикълъула хIалалаб жо сабаблъун налъукье ккарасе. Лъазеги лъан хIарамаб жо сабаблъун, масала, кредит босани проценталгун, закагIат кьезе мустахIикълъуларо. Амма гьелдаса ракI бухIун тавбу гьабуни, закагIат кьезе бегьула, гьесда божи бугони тавбу хIакъикъияб букIиналда ва хадубккун кредитал росизе нияталда ватичIони. ЗакагIат кьезе мустахIикълъула лъачIого цогидасул боцIи хвезабун батарасеги.

(«Мугънил МухIтаж», «ТухIфатул МухIтаж», бутIа 7)

ШаргIалда рекъон дарай хIалтIизабизе бегьулищ?

Бихьиназе хIарамаб буго дарай хIалтIизабизе. Кинниги гьесие бегьула гIодоб тIамураб дарайдул халичаялда тIасан вилъине

Бихьиназе рескъотIиялъ дарай хIалтIизабизе бегьула, масала, цIакъго бухIараб яги цIорараб къоялъ, жиндалъун зарал ккезе яги унтизе рес бугеб, гьединго бегьула унти нахъе инабизелъунги, масала, хъирис ва гь. ц.

ЧIужугIаданалъе бегьула бокьараб жоялъе дарай хIалтIизабизе. Нилъер бицен буго хIакъикъияб дарайдул ххамил, искусственияб дарайдул ххам хIалтIизабизе бегьула.

(«Нигьаятул МухIтаж», бутIа 2)

РабигIул аввал моцI тIаде щвей цоцада баркизе бегьулищ?

Къурбан къоялъ, кIал биччан къоялъ, рузман къоялъ, цIияб моцI тIаде щведал, масала, авараг ﷺ жиндилъ гьавураб рабигIул аввал моцI байбихьидал, бусурбабазул цIияб сон тIаде щведал, ШафигIил мазгьабалъул чIахIиял гIалимзабазул рагIиялда бан, бусурбабаз цоцазда барки лъикIаб ишлъун ккола. Баркиялъе жаваб гьабизеги гьал рагIабаздалъун лъикIаб буго: «ТIадегIанав Аллагьас ﷻ къабул гьабеги нужер барки!», «Аллагьас ﷻ щибаб соналда (моцIалда, гIидалъул къоялда ва гь.ц.) лъикIалдалъун дандчIвай гьабизе рес кьеги», - ян.

Гьединал рохалил къоял тIаде рачIиналдалъун шукруялъул сужда гьабизе, дугIаби ва садакъа-хайратал гьаризе лъикIаблъун бихьизабун буго гIалимзабаз.

(«ХIашиятул Бужайрами», Ал-Фатава Ал-Фикъгьиятул Кубра», «ХIашиятул Къайлюби», «ХIашиятул Жамал», «Бугъятул Мустаршидин»)

Балагьал тIаде рачIиналдалъун каказулъ «Магьдина» цIализе бихьизабун бугищ?

Бусурбабаз гIумру гьабун бугеб бакIалде гIаммаб балагь щун бугони: рагъ, унти, ракъдаллъи, ракъи ва гь.ц., гьенир ругел бусурбабазе ва гьезул хIал лъалел къватIир гIумру гьабун ругел бусурбабазецин къойил ралел щуябго паризаял каказул ахирисеб ракагIаталъул рукугIалда хадуб балагьал тIаса рорхиялъул нияталдалъун «Магьдина» цIализе суннатаб буго. БатIалъи гьечIо, жамагIат-как бугониги ялъуни жинцаго балеб как букIаниги.

(«ХIашиятул Бужайрими»)

ЦIар тIамун гIидда лъугIилалде рос-лъадул цоял хвани, нахъе хутIарасе хварасул ирс щолищ?

Росас цо ялъуни кIиго цIар тIамун гIиддалъул заман лъугIилалде гьезул цоял хвани, нахъе хутIарасе ирсалъул бутIа щола. Росас лъабабго цIар тIамун гIидда лъугIилалде чIужу хвани, гIалимзабазул ижмагIалда рекъон, росасе гьелъул ирсалдаса щибго жо щоларо. ГIалимзабазул бергьинабураб рагIиялда рекъон, лъабго цIар тIамун чIужуялъул гIидда лъугIилалде рос хвани, гьелъиеги гьесул ирсалдасан щибго щоларо.

(«Нигьаятул МухIтаж», «Ал-МажмугI шархIул мугьаззаб»)

Лъимер гьабизе йигей чIужугIаданалъ как гIодой чIун базе бегьулищ, яхъун чIун бани, тохтурас лъимер реххиялда хIинкъи бугин абуни?

Лъимаде йигей чIужугIаданалъе лъимер реххиялда хIинкъигун яхъун чIезе тохтурас гьукъун бугони, какал гIодор чIун разе ккола. Чохьониб бугеб лъимералъе зарал гьабизе хIарамаб бугелъул.

(«ХIашиятул Жамал», Ал-Ашбагь ва Назаир»)

Какичурулелъул бащдал лугбалги чурун, хутIарал хадур чуризе тезе бегьулищ?

Цин цадахъго киналго лугбал чуризе суннатаб буго. Амма гьеб суннатаб букIиналъул заман гьоркьоб къотIун ккола чияс какичуризе байбихьидал чурараб лага хадусеб чурилалде бакъвазегIан заман гьоркьоб индал, гIадатияб хинлъиялъул заманалда.

Кин бугониги, цояб лага чурун цогидаб чурилалде гьоркьоб кигIан заман аниги, какичури рикIкIуна. Амма кIваш, гьури гIадаб жо кквезе кIоларезе, 15 къоялдаса цIикIкIун хIайиз бачIуней гIаданалъе ва как базе дагьаб гурони заман хутIичIел чагIазе гьедин гьабизе бегьуларо. Гьел чагIазда тIадаб букIуна какичуриялдаги как баялдаги гьоркьоб, заман бахъичIого, бачIинахъего как базе.

(«ТухIфатул мухIтаж»)

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...