Аслияб гьумералде

Суал-жаваб

Суал-жаваб

- ЧIужугIаданалъ хнаги лъун малъал релъине ва кверазда суртал рахъизе бегьулищ?

 

- Хнаялдалъун малъал релъине ва кверазда, бихьулеб бакIалда, гьелдалъун суратал рахъизе, рукъалде инчIей ясалъе, хIарамаб буго.

Рукъалда йигей гIаданалъе бегьула, росасдаса изну босичIониги, чIегIераб кьералъул хна хIалтIизабулеб батичIони. ЧIегIераб хIалтIизабизе изну босизе ккола. Амма хна тIад хIалтIизабураб квералъул бутIа, махIрамияв гурев чиясда бихьизе хIарамаб буго.

Цо-цо хна букIуна жинца лъим гъорлъе биччаларебги, ай какие чури рикIкIунареб. Гьединал жалазде кIвар кьезе ккола.

 

 

 

Какилъ гьакIкIадизе бачIани, щиб гьабилеб?

Какилъ ва какилъ гуреб мехалъ гьакIкIади беццараб пиша гьечIо. КьучIал хIадисазда рекъон, какилъ яги какилъ гуреб бакIалда гьакIкIади кIванагIан нахъе инабизе лъикIаб буго. ГьакIкIади нахъе инабизе бажаричIони, квералъ кIал бахчизе лъикIаб буго. Аварагас ﷺ абуна: «Нужер цояв гьакIкIадани, квералъ бахче, хIакълъунго, шайтIан гьакIкIадулеб мехалъ кIалалда жанисан уна», - ян.

Цогидаб хIадисалда буго: «Какилъ гьакIкIади шайтIаналдаса буго. Нужер цояв гьакIкIадани, нахъе инабе, кIолеб батани», - ян.

ГьакIкIадулеб мехалъ бокьараб квералъ бокьараб рахъалъ бахчизе бегьула. ЛъикIаб буго квегIаб квералъул тIасияб рахъалъ кIал бахчани.

Лъазе ккола, щибго гIилла гьечIого какилъ кIал бахчизе карагьатаб бугеблъи.

(«ТухIфатул МухIтаж», «Бушрал Карим», «ИгIанатул ТIалибин»)

 

 

Къинаб хIайван бичизе бегьулищ?

Къинаб хIайван бичизе бегьула ургьиб бугеб жо дармие рикIкIинчIони. Амма бичулев чияс хIайванги ургьиб бугебги цадахъ бичулеб бугони, бегьуларо. Щайгурелъул гьес бичулеб буго лъалареб жо, лъалеб жогун цадахъ, ай хIайвангун цадахъ. Ургьиб бугеб жо кинаб бугебали нилъеда лъаларелъул. 

 («Мугънил МухIтаж»)

 

 

Хизри авараг чIаго вугин абула. Гьеб битIараб бугищ?

Ибну ХIажар Гьайтамиясда гьелъул хIакъалъулъ цIехедал, гьес абун буго: «Якъинаб жо буго гьел кIиялго (Хизри ва Ильяс) аварагзаби кколеблъи ва кIиялго чIагоги рукIин. Гьел ракьалда чIагояллъун руго Идрис ва ГIиса аварагзаби зодор чIаго ругел кинниги», - ян. («Фатавал ХIадисия»)

МухIаммад авараггунги ﷺ данделъун, гьесухъа исламияб динги босун, Хизри сахIабиявлъунги лъугьанин абула. («Сави»)

 

 

Хварасул нахъе тараб буголъи бикьиялъул кинаб къагIида бугеб?

Хварасул нахъе тараб буголъи бикьиялъул къагIида гьадинаб буго:

  1. Гьесул буголъиялъулъ батани чияр жо яги гъоркьлъалие лъураб, гьеб хважаинасухъе нахъбуссинаби.
  2. Хвел букъиялъе харж. Росасда йигей жиндир йикIа-яхъин, квен-тIех гьес чIезабун хьихьулей чIужуялъулни хутIун. Гьей юкъиялъул харж росасде ккола.
  3. Гьесул налъи батани, гьеб бецIи. БецIиги байбихьула цин БетIергьанасда ﷻ цере ругел хIукъукъал налъаби рецIиялдаса.
  4. Васият билълъанхъизабула.
  5. ХутIараб, бикьула ирсилазда гьоркьоб. Ирсги бикьизе ккола шаргIалъ бихьизабураб тартиб цIунун.

(«Мугънил мухIтаж»)

 

 

Гьересияб гьедиялъухъ щиб букIунеб?

Гьересияб гьеди ккола чIахIиял мунагьазул цояб. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда гьеб гьукъана ва кIудияб хIинкъи кьуна гьедин гьабулезе.

Хирияб Къуръаналда Аллагьас ﷻ абуна: «Аллагьасе ﷻ гьабураб къотIи хвезабун: Аллагьасул авараг ритIухъ гьавизе ва гьесда нахърилълъине гьересиго гьедун, гьелда данде (гьеб бичун) цIакъ хIакъираб, дагьаб дунялалъул боцIи босарал гIадамал, гьел руго жидее ахираталда щибго лъикIлъиялъул бутIа ва Аллагьасул ﷻ гурхIел-рахIму гьечIел. Къиямасеб къоялъ Аллагь ﷻ гьезда кIалъаларо ва гьезухъ валагьуларо. Гьезул хъубал мунагьазул гьираздаса гьел рацIцIадги гьаруларо. Гьел гIадамазе цIакъ унтизабулеб гIазабги букIине буго» (сура «Алю ГIимран», аят 77).

Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Аллагьасул цIаралдалъун гьересиги бицун чи гьедун ватани, ай цогидав бусурбанчиясул боцIи жиндиего щвезелъун, Къиямасеб къоялъ Аллагь ﷻ гьесда ццимги бахъун вукIуна», - ян. (Бухари)

(«СахIихIул Бухари»)

 

 

Щукруялъул сужда кин гьабилеб?

Кинаб бугониги рохалилаб лъугьа-бахъин бугони, ай нигIмат бачIин яги балагь-къварилъиялдаса хвасарлъи, диналъ рекъараблъун бихьизабун буго БетIергьанасе ﷻ щукру гьабизе. Щукру гьаби бугелъул нигIмат цIикIкIиналъе ва тIаде бачIунеб балагьалдаса хвасарлъиялъе сабаб.

Абу Давудгун Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Аллагьасул ﷻ Расул ﷺ вукIана кинаб бугониги ракI бохизабулеб жо тIаде бачIиндал Аллагьасе ﷻ щукру гьабун сужда гьабулевлъун», - ин.

Гьединлъидал, рохалилаб иш яги ракIалдаго гьечIеб нигIмат тIаде бачIиндал ялъуни цоги хIажат гьечIел ишаздаса хвасарлъидал, суннатаб буго щукуруялъул сужда гьабизе.

Имам Нававияс щукруялъул сужда гьабиялъул хIакъалъулъ хъван буго: «Щукруялъул сужда какида гъорлъе кколаро (гьеб сужда гьабуларо как балелъул). Щукруялъул сужда гьабизе лъикIаб буго Аллагьасул ﷻ рахъалдаса нигIмат тIаде бачIиндал, яги сундаса бугониги хвасарлъидал, ялъуни балагь щварав, мунагь гьабулев чи вихьараб мехалъ (живго гьединаб мунагь гьабулевлъун гьечIолъиялдаса щукру гьабун). Щукруялъул сужда гьабулеб бихьизабизе рекъараб буго мунагьал гьарулев чиясда, амма жинде балагь щварасдаса бахчизеги лъикIаб буго. Гьеб суждаги гьабула Къуръан цIалулаго гьабулеб суждаго гIадин», - абун. («Мингьажу ТIалибина»)

Цогиги гьединал ишал лъугьиндал, щукру гьабун суннатаб как базе, садакъа-хайрат гьабизе, батIи-батIиял тасбихIалгун дугIаби цIализе беццараб буго. Гьедин гьабиги рикIкIуна лъикIал гIамалаздасан ва щукруялъул сужда гьабураблъун. («МажмугI ШархIул Мугьаззаб»)

Щукруялъул сужда гьабулелъулги цIунизе ккола какилъ цIунулел киналго шартIал. Мисалалъе, гIаврат бахчи, какичури букIин. Гьабулеб къагIидаги буго, байбихьулелъул ният гьабун, «Аллагьу акбарги» абун, цо сужда гьаби, цинги гьелдаса тIубаялъе саламги кьей. Суннатаб буго «Аллагьу акбар» абулелъул кверал рорхизе, суждаялда тасбихI цIализе. («ТухIфатул МухIтаж»)

 

 

ГIизраил малаикас, гIадамазулго гIадин, хIутI-хъумуразулгун хIайваназулгийищ рухI босулеб?

Бусурбанчияс ракIчIезабизе кколеб жоялдасан буго, Аллагьасул ﷻ амруялдалъун ГIизраил малаикас, цохIо гIадамазул гуребги кинабниги чIагоябщиналъулги рухI босулеблъиялда. ТIабараниясдасан бицараб хIадисалда буго: «ГIизраил малаикас абуна: «Аллагьасул цIаралдалъун гьедула дун, дие бокьани кIкIараялъул рухI босизе, Аллагьас ﷻ гьелъие дие изну кьечIони, дида гьеб гьабизе кIоларо», - ян

(«Танвирул Къулуб»)

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Цолъиялъул мурадалда

Болъихъ районалъул лъималазулгун гӀолилазул спортивияб школалда тӀобитӀана СССРалъул ва Россиялъул мустахӀикъав бакӀал ралев ГӀабдулбасир Халикъов ракӀалде щвезавиялъул хIурматалда кIалбиччаялъул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна районалъул бетIер Руслан ХIамзатовас, депутатазул собраниялъул...


Медалалдалъун кIодо гьаруна

РФялъул Оборонаялъул министерствоялъул медаль ва цогидалги шапакъатал кьуна «Инсан» фондалъул хӀалтӀухъабазе ва кумекчагIазе. Медалалдалъун кIодо гьаруна СВОялъул заманалда гьез гьабураб ва гьабулеб бугеб кумекалъухъ, гьединго, ВатIаналъул унго-унгоял патриотал жал рукIин бихьизабулеб...


«Шукруялъул мажлис»

Рамазан моцIалъул хIурматалда, Унсоколо районалъул ХъахIабросулъ тIоби-тIана «Шукруялъул мажлис» абун цIар лъураб руччабазул данделъи.   Гьениб лъималаз ри-кIкIана кучIдул, ахIана нашидал, бихьизабуна ясал цадахъ кIал биччазе иналъул ва цоцазул тIалаб гьабиялъул хIакъалъулъ...


Хехдариялъ рачуна...

Хьул къотIи ккола тавакаллъи гьабиялъул тIубанго гIаксияб рахъ. Хьул къотIиялъ рухIги гIакълуги хвезабула. Напсалда хурхун абуни, гьелъ хвезабула жанисеб рахъалъул ТIадегIанав Аллагьасде ﷻ божилъи гьаби, Гьесие ﷻ мутIигIлъи, сабру гIадал муъминчиясул хасиятал.   ГIакълуялъул рахъалъ инсан...


Инсанасул талихI

ГIужда как бай буго инсанасул бищун кIудияб талихI. Нилъ Аллагьас ﷻ рижун руго гIибадаталъе, гIибадаталъул аслияблъунги буго как. Как байги буго МухIаммадил умматалда цIакъго-цIакъ хасс гьабураб гIамал.   ТIоцебе тIадкъай гьабулелъул как бай букIана къойида жаниб кIикъоялда анцIго базе....