Суалазе жавабал кьуна имам ШафигIил мазгьабалда рекъон
Суалазе жавабал кьуна имам ШафигIил мазгьабалда рекъон

Бихьинчиясе горбода яги рукьалда рахас базе бегьулищ?
Бихьиназе гьукъараб буго месед-гIарцул гьабураб цIарагI хIалтIизабизе, кверда яги горбода гIарац-меседалъул гьабураб курхьен, сагIат ялъуни руччабазе ругел дахIаби разе. ГIарцул гьабураб баргъич базе хIарамаб гьечIо. («ТухIфатул мухIтаж», «Равзату тIалибин»)
ХIатIида магI къан, вилълъанхъизе кIолеб гьечIо, как балелъулги гIезегIан захIмат буго. Гьединлъидал, лъазе бокьилаан херал чагIаз балеб кинниги как бакIида кIусун базе бегьулищали?
Какил рукнабазул лъабабилеб буго как балев чи вахъун чIей. Вахъун чIезе тIадаб буго гьелъие хIалкIвей бугев чиясе. Вахъун чIезе гIажизас как бала жиндие бокьухъе, гIодов чIун. ГIодов чIун барасул какил кири вахъун чIун барасулалдаса дагьабниги мукъсанлъизеги мукъсанлъуларо.
ГIимран ибну ГIасинидаса бицун буго: «Дир букIана гьорораб унти. Дица Аллагьасул расуласда какил хIукмуялъул цIехедал, гьес абуна: «Дуца как бай вахъун чIун, бажаричIони - гIодов чIун, гьединги бажаричIони - хьолбода вегун», - абун. Гьеб хIадисалъулъ Насаияс тIаде жубан буго: «Гьединги нужеда хIалкIвечIони, мугъзада регун бай. Аллагьас напсалда гьелда хIалкIолелдалъун гурони таклиф (тIадкъай) гьабуларо», - ян. (Бухари) Вахъун чIезе бажаруларел гIузрабазда гьоркьор рехсолеб буго унти цIикIкIинги, ай как балаго вахъун чIезе ккун бугеб ругъун рагьун бачIин яги гьелде хIал ккей гIадин. («Аль-МугIтамад»)
Мачуязда масхIу кида гьабулеб?

Мачуязда масхIу гьаби бегьизе ккани, шартI буго гьел камилаб какичури гьабун хадуб ретIи. Мугъират ибну ШугIбат абурав асхIабас бицун буго: «Дун авараггун цадахъ сапаралда вукIана. Аварагас какичури цIигьабулелъул, дица къасд гьабуна гьесдаса мачуял рахъизе. Гьес абуна: «Дуца гьел те (рахъуге), дица гьел рацIцIадаллъун ретIун рукIана», - ян. Цинги аварагас гьезда тIад гьабуна масхIу», - ин (Бухари). («Аль-МугIтамад»)
АлхIам рагIизабун цIалулеб какилъ, АлхIам цIалун хадуб имам, маъмумас АлхIам цIализегIанги чIечIого ва жинцагоги АлхIамалда хадуб Къуръаналъул сураги цIаличIого, рукугIалда ана. Гьединаб мехалда маъмумас щиб гьабилеб?
Гьеб суалалъулъ бергьинабураб рагIиялда рекъон, имамасда хадуб как балев вугев маъмумас (имамасда цадахъ какилъе лъугьарав чи, ай масбукъ гурев) АлхIам рагIалде щвезегIанги цIалун, букIине кколеб тартибалда базе ккола как. Гьебги, лъабго рукнуялъ нахъе кколев гьечIони, рукугIалъул вахъунчIей ва суждабазда гьоркьов гIодовчIей малъичIого. Масала, имам АттахIиятуялда гIодов чIезегIан маъмум АлхIамги цIалун рукугIалде ана.
Лъабго рукнуги тIубан, имам, ункъабилелде индал, маъмум, щваралъуб АлхIамги тун, имамасда хадув ине ккола, цинги какил ахиралда биччараб ракагIат тIаде бацIцIуна. Гьебго хIукму буго имамас АлхIам хехго цIалулеб бугони ялъуни маъмум цIакъго хIинцго цIалулевлъун вугони (васвас гьечIого). Цебе рехсараб хIукму бачIуна, масала, рогьалил какда имам Магьдина жиндиегоги цIалун рукугIалде индал. («ТухIфатул МухIтаж»)
Салам кьеялъул рагIаби хисизарун абизе бегьулищ?

Саламалъул рагIаби бокьун хисизарун абиялъ инсан куфруялдецин вачине рес буго. Масала, аварагасул суннат махсароде ккун кьолеб бугони ва гьелда релълъараб. Цо-цо хиса-басияз саламалъул магIна кьучIдасанго хисула. Масала, абулеб буго «Ассаму гIалайкум», гьелъул магIна ккола «Хвел дуе» абураб. ЛъачIого, мекъи ккун абуни, щибго букIинаро, амма лъан мекъи абулесе дандияс «вагIалайкум» абидал, ай «Дуеги» абун, гьеб дугIа абурасде нахъего буссинаха.
Салам кьеялъул аслияб сигъа «Ассаламу гIалайкум» буго, камилаб - «Ассаламу гIалайкум ва рахIматуллагьи ва баракатугьу». Гьебгун цадахъ бегьулел сигъабаздасан ккола «Саламун гIалайкум», «ГIалайкум ассалам», «Саламун миналлагьи гIалайкум», «Саламуллагьи гIалайкум». Кинниги ахирисеб лъабго сигъа беццараб гьечIо. Цере рехсарал сигъабаздалъун салам кьедал, гьеб салам нахъбуссинабизе тIадаб букIуна. Амма махсароде ккун, масала, «саламалейчум» абун кьураб салам нахъбуссинабизе кколаро. («ТухIфатул МухIтаж», «Аснал матIалиб»)
ЧIужугIаданалъул рузман рикIкIунищ?

Рузман базе тIалъуларел чагIи ккола лъимал, руччаби ва сапаралда вугев чи. Къаде как бегьарав чиясул рузманги бегьула. Рузман камилал ва гIузру гьечIезе бегьизабураб мехалъ, гIузру бугезе жеги рекъараб буго. Гьезда гьеб тIасаги ккана гьезие бигьалъи гьабун. Руччаби ва цогидал, ай рузман тIалъуларел чагIи гьенире ин релълъуна унтарав, тIаде вахъине бажаруларев чи хIалица тIаде вахъинавиялда. ПалхIасил, чIужугIадан рузманалде ин буго гьелъ жиндиего захIмалъи балагьи. («Мугънил МухIтаж», 1 бутIа)
РетIел гьечIого, ай гIаврат бахчичIого чвердезе бегьулищ?

ГIавратги бахчичIого чвердезе бегьула, балагьизе хIарамал чагIи гьенир ратичIони. ГIавратги бахчун чвердезе хирияб буго. РетIел бахъун чвердолезе лъикIаб буго гьаб дугIа цIализе: «Бисмиллагьи, ллази байна ядай халикъигьи ва разикъигьи», - ян. Щайгурелъул гьелъ цIунула жиназул бераздаса. ГIаврат бахчун чвердолев чияс ТIадегIанав Аллагьасда цебе адаб цIунула. («ИгIанатул ТIалибин», 1 бутIа)
Авабинал раялъул хIикмат щиб?

Авабиназул какал рала маркIачIул ва боголил каказда гьоркьоб. Гьеб буго суннатаб как. Гьеб гIужги хирияб гIужлъун рикIкIуна. Гьелъул къого ракагIат буго. КIиго, ункъо ва анлъго ракагIат бугиланги бицун бачIана. Гьеб базе хирияб буго маркIачIул какил азкаразда хадуб. («ИгIанатул ТIалибин», 1 бутIа)