Аслияб гьумералде

Суал-жаваб

Суал-жаваб

Суал-жаваб

ГIумра борхизе нияталда Микъаталде индал, гьениб балеб кIиго ракагIаталъул какил лъазе бокьилаан ва гьеб бачIого хутIани, мукъсанлъи букIунищ?

ХIеж яги гIумра гьабизелъун ният гьабилалде цебе балеб кIиго ракагIатаб как буго суннатаб пиша, тIадаб гьечIо. «Ал-МугIтамад» абураб тIехьалда хъвалеб буго, хIеж яги гIумра борхизе ният гьабизе бокьарав чиясе суннатаб бугин гьеб нияталда (хIеж яги гIумра бухьиналъул хIурматалда) Аллагьасе ﷻ гIоло кIиго ракагIат базе. Жабир-асхIабас бицун буго, Аварагас ﷺ Зул-ХIулайфат абураб бакIалда кIиго ракагIат какил банин, цинги бухьанин хIежгиян.

Бухарияс бицун буго: «ГIумар-асхIаб, хIеж яги гIумра борхизе къасд ккедал, вачIунаан Зул-ХIулайфат мажгиталде, гьениб балаан кIиго ракагIатаб как, цинги вахунаан рекIунеб жоялде, рекIараб хIайван битIун (варани гIодоб букIаралъуса тIаде бахъин) бахъун чIедал цIалулаан лаббайк. Цинги ГIумар-асхIабас абуна: «Гьадин бихьана дида Аллагьасул ﷻ Расулас ﷺ гьабулеб», - абун.

Гьеб кIиябго ракагIаталъулъ АлхIамалда хадуб лъикIаб буго, тIоцебесеб ракагIаталда «Ал-Кафирун», кIиабилелда - «Ихлас» сураби цIализе.

Хирияб буго хIеж яги гIумраялъе ниятги гьеб как бан хадуб гьабизе.

(«Ал-МугIтамад»)

 

 

 

 

Рамазан моцIалъ унтунги вукIун, кIалал кквезе кIвечIо. МоцI лъугIидал, сахIги бахъун, хадур рецIизе абун тун рукIана, мудги бахъичIого. Гьанжеги рецIизе бажарулеб хIал гьечIо. Щиб гьабилеб?

Чи вугони кIал кквеялдаса гIажизав, кквезе лъугьиндал захIмалъи щун бажаруларев, кIудияв чи вукIиналда релълъун, яги унтарав, сахлъиялде хьул гьечIев, гьел кIияздаго кIал кквезе тIалъуларо. Гьезда тIалъула фидят кьезе. Фидятги буго, щибаб къо рикIкIун, мискинзабазе тIагIамалъул муд кьей. Мудги буго жал гIумру гьабун ругеб бакIалда жиндаса бетIербахъи гьабулелъул 700 граммгIанасеб къадар.

Унтарав вугони, ай сахлъиялде божи бугев, амма кIал кквеялдалъун унти цIикIкIунеб, гьесдаги гьеб хIалалъулъ кIал кквеялдалъун тIалъи гьабуларо, амма хадубккун гьес бецIизе ккола.

Хадубккун бецIун бажаричIони, гьебго унти халат бахъиналдалъун яги сахлъиго лъугьинчIого, гьеб мехалъги, щибаб биччараб кIал рикIкIун, муд кьела.

 («Ал-МугIтамад»)

 

 

 

Щиб жо кколеб игIтикаф?

ИгIтикаф ккола мажгиталда жаниб Аллагьасе ﷻ гIоло чIей, заманги цIачIого. Мажгиталда игIтикафалда чIей суннатаб жо буго. Гьелъие бихьизабураб заманги гьечIо, бокьараб мехалъ гьабизе бегьула. Кинниги игIтикафалда чIезе бищун хирияб заман буго рамазан моцIалъул ахирисеб анцIго къо.

Сардилъ кьижичIого, Аварагасде ﷺ салават битIун, Къуръан цIалун, дугIаби гьарун, Лайлатул къадри щвеялде хьулги лъун, анцIабго сордо борчIарав чиясе щола кIудияб кири Аллагьасул ﷻ цIобалдалъун.

Имам Бухариясги имам Муслимицаги бицараб хIадисалда буго, Аварагас ﷺ абунин: «Щив чи вугониги жинца сордо борчIарав, Лайлатул къадриялъул сордоялъ Аллагьасдасан кири тIалаб гьабун, гьесул цере арал мунагьал чурула», - ян.

Лайлатул къадриялъул хас гьабун чIезабураб сордо гьечIо, жеги гьеб тIубараб соналда жаниб бокьараб къоялъ букIине бегьулилан абулелги гIалимзаби руго. ГIемерисел гIалимзабаз гьеб рамазан моцIалда жаниб бугин абула.

Гьеб балъго гьабиялъе гIаламатги буго, гIадамаз гьеб балагьулаго сардал рорчIун, тIагIаталда чIун, хIаракат бахъизе букIине. Рамазан моцIалда жаниб гьеб букIине бищунго хьул бугеб заман буго гIалимзабаз абулеб ахирисеб анцIго сордо.

ИгIтикаф гьабизе мажгиталда жаниб бихьизабуна. Мажгит гуреб цогидаб бакIалда игIтикаф лъугьунаро. Мажгиталда гурони тIубалареб лъабго гIибадат буго: тахIиятги, тIавафги, игIтикафги ва гьел гурел цогидал гIибадатал мажгиталъур рукIине шартI гьечIо. 

Бокьараб, ай кIудияб, гьитIинаб букIа мажгиталада жаниб игIтикафалда чIезе бегьула, амма кIудияб, жинда жаниб рузман балеб мажгиталда чIезе хирияб буго. Гьелъие ният гьабила гьадин: «Дица ният гьабуна суннатаб игIтикафалда чIезе», - абун. Гьединго игIтикаф лъугьуна мажгиталъул тIохда гьабуни яги гьелда жаниб кколеб михIрамалда гьабуни. Щайгурелъул гьел мажгиталъул бакIал кколел рукIиналъ.

ГIибадат лъугьине ккани нилъеда лъала шартIал къваригIунеблъи. ИгIтикафалъулги руго жиндирго шартIал: 1. Ният гьаби. Аварагасул ﷺ рагIиялъе гIоло: «Киналниги гIамалал нияталда рарал руго», - ян абураб. 2. ИгIтикаф гIицIго мажгиталда букIин.  Как базе кьураб рукъалда ялъуни къулгIаялда гьеб хIасуллъуларо. 3. ЛахIзаталдаса цIикIкIараб заманалъ чIей буго.  Мажгит къотIун унев чи цо лахIзаталъ лъалхъичIони, гьесул игIтикаф рикIкIунаро. Амма мажгиталда жанив свердулев чиясул рикIкIуна. 4. ХIайиз-нифасалдаса, жунублъиялдаса рацIцIад рукIин буго. 5. ГIакълуялда вукIин. 6. Бусурбанав вукIин.  Капурчиясул игIтикаф рикIкIунаро.

Гьединго игIтикаф хвезабулел жал руго. 1. Жиндирго кIарчанлъиялдалъун лъавудаса инги жундуз кквей тIаде бачIинги. 2. Бокьун мехти. 3. ХIайиз яги нифас. 4. Муртадлъи, ай диналдаса къватIив ин. 5. Жунублъи, жинцаго тIаде бачIинабураб. 6. Жиндирго ихтияралдалъун, бокьун тIубараб черхалдалъун мажгиталдаса къватIиве ин, ине бегьулареблъиги лъан.

(«ТухIфатул МухIтаж», «Нигьаятул МухIтаж»)

 

 

 

БотIрода тIад тIагъур лъечIого как базе бегьулищ ва гьедин бараб как рикIкIунищ?

БетIер гIицIго бараб как рикIкIуна, амма гьеб карагьатаб буго. Аварагасул ﷺ суннаталдасан ккола ботIрода тIагъурги лъун как бай. Ибн ХIажар Гьайтамияс хъван буго: «Какилъ бетIер гIицIго тезе карагьатаб буго», - ян. Имам Димятияс хъвалеб буго: «Какие берцинаб ретIел ретIун къачIазе ва ботIрода тIагъур лъезе суннатаб жо буго», - ян. Ибну ХIажарас баян гьабун хъван буго: «Какилъ бетIер гIицIго тезе карагьатаб букIиналъул хIикматги ккола какилъ хушугI ва хIузур цIуниялъе данде кколареб пиша гьеб букIин», - абун.

(«ТухIфатул МухIтаж»)

 

 

 

ЖамагIат какилъ мухъилъ чIун вугесе бегьулищ цIияб мухъ гьабизелъун лъицаниги ишара гьабичIого ва абичIого нахъияб мухъилъе ине? Гьелъухъ кири щолищ?

ЖамагIат как балаго нахъияб мухъилъ живго чIун цонигияс как бухьун букIин лъайдал, цIураб мухъилъ гьесда цеве вугесе лъикIаб буго нахъе гали тIамун, гьесда аскIов чIун как базе, гьес щибго ишара гьабичIонигицин.

 («ТухIфатул МухIтаж»)

 

 

Къалъул какда цере-нахъа ралел ункъо ракагIаталъул суннатал цо салам кьунищ ялъуни кIиго салам кьунищ ралел?

Къалъул какда цере-нахъа ялъуни бакъанил какда цере ралел ункъо ракагIаталъул суннатал какал кIи-кIи ракагIатккун ялъуни ункъо ракагIат цадахъ ран, цо саламги кьун разе бегьула. КIи-кIи ракагIатккун ран, кIиго салам кьунги разе хирияб буго. 

(«Фатава Навави»)

 

 

 

Хварасдасан гьабураб садакъаялъул ва дугIаялъул кири гьесие щолищ?

ГIалимзабазул ижмагIалда бан, хварасдасан гьабураб садакъаги гьесие гьабураб дугIаги щола. («Фатава Навави»)

 

2026-06-01 (ЗулхIижа 1447 с.) №11.


Чакаралъул къадар

Чакаралъул къадар кинаб букIине кколеб?   Бидулъ букIунеб чакаралъ кIудияб бакI ккола инсанасул чорхолъ. Глюкозаялъул даража низамалде бачуна цIекIгьаналъ къватIибе кьолеб инсулиналъ. Чорхолъ гIураб къадаралда инсулин гьечIони яги клеткабаз гьелъие лъикIаб жаваб кьолеб гьечIони, бидулъ...


ГӀараб мацӀалда мажлис

ДагъОгни шагьаралда бугеб шайих МухӀаммад-афанди Ярагъиясул цӀаралда бугеб мадрасалда тӀобитӀана гӀараб мацӀалда гӀелмуялъул мажлис. Гьелда гӀахьаллъана профессорал, студентал, гьалбал. ГӀемерал гӀасрабаз Дагъистаналда бусурбабазул диниябгун маданияб нахърателалъулъ кӀвар бугеб бакӀ кколеб гӀараб...


Руччабазул мактаб

ДРялъул муфтияталъул лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан ХIажиева Умагьани щвана Унсоколо росулъ бугеб руччабазул мактабалде. Гьенир цӀалулел руго батӀи-батӀиял ригьазул руччаби. Гьениб гара-чIвари гьабуна цӀалдохъабазулгун, школалъул мугIалимзабазулгун, бицана росдал школалъул лъималазул...


ХIежалъул баракат

ХIурматиял бусурбаи, арал къоял рукIана хIежгун гIумра гьабулеб заманалъул. ХIежалъул заманалда гьенире ракIаранщинал гIадамал рукIуна цого ратIлилъ. Гьенив ватIа вахъуларо бечедавгун мискинав, миллат ва тIомол кьералъухъ балагьуларо. Гьелъул мисал буго ГIарас-майданалде бахъинабураб...


Бакъбаккул рахъалъул багьадур

ЦIар рагIарав бусурбабазул философ, тохтур, математик, Абу Наср МухIаммад ибн МухIаммад ибн Тархан Аль-Фараби Ат-Турки гьавуна Фараб шагьаралда (гьанже Казахстаналда бугеб Отырарстаналъул Турке районалъул Отрар шагьар) 874 миладияб соналъ. Гьижрияб 260 соналда.   Фарабида лъикI лъалеб...