Суал-жаваб
КIалбиччаялъул сахI лъица бахъизе кколеб?
КIалбиччаялъул сахI тIалъула бусурбанав, гьеб бахъизе рес бугев, рамазаналъул ахиралдаги шавалалъул авалалдаги чIаго вукIарав чиясда. Рамазаналъул ахирисеб къоялъул бакъ тIерхьун лъугIилалде хварав чиясдасаги, гьеб къоялъул бакъ тIерхьун хадуб гьабураб лъимадасаги закат бахъизе кколаро.
Гьединго, закат бахъизе ккола жинца хьихьизе кколел чагIаздасанги. Мисалалъе, чIужу, гIисинал лъимал ва херал, унтарал, жидедаго магIишат гьабун бажаруларел эбел-эмен. Гьездасан закат бахъизе ккани, гьев гьезул изнуялде хIажалъуларо.
(«ТухIфатул мухIтаж» ва «ХIаваши щирваний»)
Даран гьабулев чияс гьелдаса, закат хIисабалда, бичулеб къайи бахъизе бегьулищ?
Имам ШафигIил мазгьабалъул кьучIаб рагIиялда рекъон, даран гьабулев чияс гьелдаса закаталъе бахъизе ккола гьеб къайиялъул къимат, ай гIарац. АбухIанифа имамасул мазгьабалъул кьучIаб рагIиялда рекъон, жибго бичулеб къайи бахъизе бегьула.
(«Фатава Ибнизияд» ва «ШархIул мафруз»)
Щибха кколеб муд?
Муд ккола 675 грамм яги 0,688 литр къадаралде бахараб роцен. Муд бахъула шагьаралда гIемерисеб билълъанхъараб тIагIамалдаса. Бахъараб мудги мискинзабазе ва пакъирзабазе кьела. Мисалалъе, цо шагьаралда ролъ хIалтIизаби гIемерисел гIадамазулъ тIибитIун батани, гьеб бахъила.
Цо чиясе чанго муд кьезе бегьула, беццараб буго гьеб чанго чиясухъе щвезабизе. Мудал мунго гIумру гьабулеб бакIалда кьезе тIалъуларо, цогидаб бакIалдаги бахъун кьезе бегьула.
(«ХIашияту Жамал», «Фикгьул Исламия ва адиллатугьу»)
ХутIарал кIалаздаса муд бахъулеб бугони, кин гьабизе кколеб?
Рамазан моцIалъ биччараб кIал бецIизе ккола нахъбахъичIого. ГIузруги букIун хутIараб бугони, гьеб тIаса индал бецIизе ккола. Амма тIасияб рамазан бачIинегIан гьеб кIал бецIун батичIони, халгьабизе ккола чан соналъ цебе гьеб хутIарабали. Мисалалъе босун, чиясул лъабго соналъ цебе анцIго кIал борчIун бугони, тIоцебесеб иргаялда, гьел рецIизе ккола. Хадуб щибаб кIал бецIичIого араб сон рикIкIун цо-цо мудги кьезе ккола. Мисалалъе, гъоркьиса биччараб анцIго кIал исана Рамазан моцI щвезегIан бецIичIони, гьелъухъ анцIго муд бахъизе ккола. КIиго соналъ цебе биччан батани анцIго кIал ва гьел исана Рамазан моцI щвезегIан рецIун ратичIони, гьезухъ кьезе ккола къого муд, ай щибаб кIал бецIичIого араб сон рикIкIун щибаб кIалалъухъ цо-цо муд.
(«ИгIанату ТIалибин»)
ГIидалъул къо бачIинегIан чIечIого, кIалбиччаялъул закат бахъизе бегьулищ?
Рамазан моцIалъул авалалдасаго кIалбиччаялъул закат бахъизе бегьула. Суннатаб буго гIидалъул къоялъ бахъизе тани. Жеги суннатаб буго гIидалъул как базегIан цебе бахъанани. ЛъикIаб буго гIидалъул какалдаса гьеб нахъбахъичIого тезе, хIатта гьедин тезе карагьатабцин буго. Амма какалдаса нахъбахъулеб бугони гIагарав чи яги мадугьал вачIунев вукIун, гьезие гIоло тезе суннатаб буго, бакъ тIерхьинчIебгIан заманалъ. ГIузруги гьечIого гIидалъул къоялдаса гьеб нахъе бахъизе хIарамаб буго. Гьелдалъун чи мунагьалде ккола ва хех гьабун гьесда гьеб бецIизеги тIалъула.
(«ХIаваши Ширвани», бутIа 4, гьум. 381, «ИгIанатул тIалибин», бутIа 2, гьум. 342)
Закат бахъулелъул ният кин гьабилеб?
Гьелъие ният гьабизе тIадаб буго суннатаб садакъаялдаса, кафараталдаса ва цогидал паризаял садакъабаздаса батIа бахъизе лъазе. Цогидал гIамалазего гIадин закаталъеги нияталдалъун халгьабулеб ракI буго, гьединлъидал мустахIикъав чиясухъе кьолаго ният ракIалдасан гьабила. Ният гьабила: «Гьаб дир боцIиялъул паризаяб закат буго», яги «Дир боцIиялъул паризаяб садакъа буго», ялъуни «Гьаб дир боцIиялдасан жиб парзлъун гьабураб закат буго», ялъуни «Паризаяб яги тIадаб садакъа буго», - ян абила.
(«МугIтамад», 2 бутIа,127 гьум).
Закат лъие кьуни щолеб?
Закат кьун щолел, гьеб мустахIикъал чагIазул тайпаби тIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда рехсон руго: «Садакъа, ай закат буго пакъирзабазе, мискинзабазе, гьелъул хIалтIи гьабулел, гьелда тIад таразе, гьанжего гьанже ислам босарал, жеги диналъулъ загIипал, тIаде жоги къотIун риччарал лагъзал, налъукье ккарал, Аллагьасул ﷻ нухда, ай жигьадалда ругел, сапаралда вугев чиясеги Аллагьасул ﷻ рахъалдаса парзлъун бихьизабураб буго, Аллагьги ﷻ жиндир халкъ лъалев ва Жинца ﷻ гьабулеб жоялъулъ хIикмат бугев вуго».
( Сура «Тавбат» аят 60).
Фасикъав чиясе кIал биччаялъул закат кьезе бегьулищ?
Исламалъ фасикъав чиясе кIал биччаялъул закат кьезе бегьизабуна, гьев закат щолел чагIазул тайпаялда гъорлъе кколев ватани, паризаяб какги толеб батичIони. Амма гьес как толеб батани, гьесие кколеб закат гьесул валиясухъе (гьев хьихьизе тIаде босарав чиясухъе) кьола. Фасикъасе закат кьезе бегьиялъул шартI буго, кьолев чи божарав вукIин гьес закат хIарамаб бакIалде хвезе гьабулареблъиялда. Гьес хIарамалъиялде сверизабулеблъи лъалеб букIаго фасикъав чиясе закат кьунани, гьес кIал биччаялъул закат кьураблъун рикIкIуна, киниги гьелдаго цадахъ гьесие мунагьги щола.
(«ИгIанату-ТIалибин», бутIа 2, гьум. 228)
Дица цIар тIамурай чIужугIаданалдаса кIал биччаялъул закат бахъизе кколищ?
Жинца нафакъа кьезе тIалъарал чагIаздаса закат бахъизе тIалъула. ЧIужу йикIа гьей, яги гIагарал чагIи рукIа жинца хьихьизе кколел. Гьездаго гьоркьоса ккола жиндир гIидда лъугIичIей, цIар тIамурай чIужугIадан, ай гIидалъул къо бачIинегIан. Гьединго тIалъула закат бахъизе лъабго цIар тIамурай лъимаде йигей чIужугIаданалдасаги.
(«ИгIанатул тIалибин», 2 бутIа, гьум. 332)
Шаввал моцIалъ анлъго кIал кквеялъул кири.
Рамазан моцIалдаса хадусеб моцI ккола шаввал. Гьелъул тIоцебесеб къо букIуна кIалбиччан къо, гьеб къоялъ кIал кквезе хIарамаб буго. Амма хадусел къояз шаввал моцIалдасан анлъго къоялъ кIал кквей цIакъ кири цIикIкIараб суннат буго.
Абу Аюб Ансариясдасан бицун буго, свалат-салам лъеяв Бичасул расулас абунин: «Щив чи вугониги рамазан моцIалъ кIал ккурав ва гьелда хадуб шаввалалъул 6 къоялъги кIал ккун, гьев вугила тIубараб соналъ кIал ккурасул даражаялда», - абун. (Муслим АхIмад)
Шаввалалъул анлъго кIал кквеялъул суннат щола гьеб моцIалда жаниб ругебгIан мехалъ рикь-рикьун ккуниги. Амма кIалбиччаялъул гIидалдаса хадусеб къоялдаса байбихьун, гьоркьоб биччачIого тIатIала кквей хирияб буго.
Жидедаса закатул фитIри бахъулел жал щал кколел?
Закатул фитIриялъе щивав чи рикIкIун, жиндир шагьаралъул яги росдал гIадамаз гIемерисеб жиндалъун бетIербахъи гьабулеб жоялдаса цо-цо сахI бахъизе ккола.
БетIербахъулел жалги анцIила ункъо руго. Гьезул бищун тIадегIанаб – ролъ, цинги бугIа, пурчIина, цIоросоролъ, пиринчI, нухур (хилъало), муч, тIегьало, чамасдак, кишмиш, хIан, рахь, нисо.