Аслияб гьумералде

Суал-жаваб

Суал-жаваб

Щай Авараг ﷺ ГIаишатил рокъов вукъарав, БакъигIалъул хабалаздаги вукъичIого?

МухIаммад авараг ﷺ вукъун вуго гьесул ﷺ рухI босараб бакIалда. Аварагас ﷺ абун букIана: «Цониги аварагасул рухI босуларо жив вукъизе вугеб бакIалда гурони», - ян. Цогидаб хIадисалда буго: «Аллагьас ﷻ жиндир аварагасул рухI босула гьев вукъизе бокьараб бакIалда», - ян. (Тирмизи)

Ибну Абу Шайбадаса бицун буго, Аллагьасул Расул ﷺ вукъизелъун жиндир рухI босараб бакIалдаса цоги бакIалде накълу гьабичIилан абун.

ГIаишатил рокъов Авараг ﷺ вукъана гьесул рухI гьениб босун букIиналъ. ГIаишатица бицана: «Аварагасул ﷺ сахлъи загIиплъидал, цогидал руччабазул разилъиялдалъун, жиндир ахирисел къоял тIамизе гьев дир рокъове вачIана…», - ян. (Бухари)

Вегун вукIараб бакIалда гъоркь тIамурабги нахъе босун, гьениб бухъана Аллагьасул Расуласе ﷺ хоб.

 

 

Как дагьаб заманалъ нахъбахъизе бегьулищ?

Как базе хирияб буго гьелъул гIужалъул авалалда. Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Как авалалда бараб хирияб буго», - ян. Амма нахъбахъизе бегьула гIилла бугони, гьелъул гIужалдаса бахъун кколеб гьечIебгIан заманалъ.

Какие чурун, как ахIун, ретIел ретIун, дагьаб-макъаб жо кванан, ратибатал ран хадуб паризаяб как бухьани, гьесие щола какил авалалъул гIуж. Как ахIараб мехалъ гIедегIун, виха-хочун лъугьине кколаро. Гьеб заманалда гьоркьоб дагьаб-макъаб хабар бицаниги къварилъи гьечIо.

(«Мугънил МухIтаж», 1 бутIа)

 

 

Руччабийищ яги хIурулгIинзабийищ берцинал рукIунел?

Гьеб суал Аварагасе ﷺ кьедал, гьес ﷺ абуна: «Дунялалъул руччаби Алжаналъул хIурулгIинзабаздаса лъикIал руго, гъоркьан ретIаралдаса тIасахун ретIараб ретIел берцинаб букIунеб гIадин», - ян.

«Кин гьел мустахIикълъарал гьединаб тIокIлъиялъе?» - ян гьикъидал, Аварагас ﷺ абуна: «Какал раялдалъун, кIал кквеялдалъун ва ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ гIибадат гьабиялдалъун. Гьезул гьурмал нуралъ къалъизарила, чурхдулги дарайдул ххамал гIадин хIереналлъун рукIина...», - ян.

(«Ал-МугIжамул Кабир ли ТIабарани»)

 

 

 

Как ахIулеб мехалда тIаде рахъине кколищ?

ШаргIалда чIезабураб суннат гьечIо как ахIулеб рагIидал тIаде вахъине кколин абураб. Амма суннатаб буго, кинабгоги тун, гьеб ахIиялъе жаваб гьабизе. «ФатхIул гIаллам» абураб тIехьалда хъван буго: «Как ахIулеб яги къамат гьабулеб рагIарав чиясе суннатаб буго жаваб гьабизе», - ян.

 

 

 

Жаназаялъул как жамагIаталъ балеб батун, тӀоцебесеб такбиралдаса хадуб какилъе лъугьани, кватIарас щиб гьабизе кколеб: суратул «ФатихӀа» цӀалун гьелдасайищ хадуб гъезабилеб яги имамас цӀалулеб зикруялдасайищ?

«ФатхӀул гIалам» абураб тӀехьалда МухӀамад ГӀабдуллагь Журданица хъван буго: «Имамас цо хасал парзиял гӀамалал (рукнаби) гьарун жаназаялъул как базе хадув гъурас какде лъугьун суратул «ФатихӀа» цӀалила (имам кинаб «Аллагьу акбаралда» яги зикру-дугIа цIалиялда вугевали халгьабичIого), жамагIаталъ салам кьун, какидаса ратIалъидал, цинги кватIун щварас жиндирго какил тартибги цӀунун, гьебги тIубазабила», - абун.

(«ФатхӀул гIалам»)

 

 

ШаргIалда дарай хIалтIизабизе бегьулищ?

Бихьиназе бацIцIадаб дарайдул ххам яги цогидаб ххамгун жубараб дарай хIалтIизабизе хIарамаб буго.

Бихьинчияс дарай хIажат ккараб мехалъ хIалтIизабизе бегьула, масала, цIакъго бухIараб, яги цIакъго квачараб гьава бугони, гьелъ зарал гьабизе бегьулеб, ялъуни жиндирго сахлъиялда хIинкъи бугеб мехалъ, гьединго хIажат ккедал, хъасдолеб унти ва гьединалго унтаби ругони.

Руччабазе ихтияр буго бокьараб тайпаялъул ретIел ретIине.

ТIадехун рехсаралъе далиллъун шафи-гIияб мазгьабалъул гIалимзабаз бачуна ГIабдуррахIман ибн Аби ЯгIладасан бачIараб Аварагасул ﷺ хIадис: «Нужеца дарайдул ххам яги гIарац-месед букъун гьабураб биццатаб ретIел ретIуге», - ян абураб. Тафсиралъул гIалимзабаз абуна гьеб хIадис бихьиназда хурхараб бугин.

Нилъеца рехсараб хIукму хаслъула тIабигIияб дарай ххамида, амма искусственияб къагIидаялъ гьабураб хIарамаб гьечIо.

(«Нигьаятул МухIтаж», 2 бутIа, СахIихI Муслим, 5426)

 

 

 

ТIадаб бугищ квен-тIехалъул гIуцIи лъазабизе?

Гьениб мугъчIвай гьабизе ккола: «Кинабго жо, аслияб къагIидаялъ, бацIцIадаблъун рикIкIуна, гьеб бацIцIадаб гьечIолъи цо-цо далилаз чIезабизегIан», - ян абураб калимаялда.

Масала, цо-цо гьуинал жалазда гьоркьоб желатин батула. Желатин гьабула хIайваназдаса, ччугIбуздаса ва гь.ц. ГIемерисеб мехалда желатин кваназе бегьуларел хIайваназул яги исламалъул нухги цIуничIого хъурал жалазул гьабулеб батаниги, нилъеца тIадехун рехсаралде мугъчIвай гьабула, желатин жубараб квен бацIцIадаб букIиналде.

«ФатхIул МугIин» абураб тIехьалда хъван буго: «ТIабигIаталда рацIцIадал, амма чороклъарал жалазул хIакъалъулъ кIиго пикру буго. Бергьараб рагIиялда рекъон, гьединаб жо бацIцIадаблъун рикIкIуна жиндир тIабигIаталъухъ халгьабун. Щайин абуни, тIабигIаталда гьеб бацIцIадаб букIин аслуялда чIараб букIиналъ, тIаде бачIараб чороклъи хисула заман бакI халгьабун».

Масала, гьелда гъорлъе ккола лъималазул ретIел, чагъир гьабулев чи яги чIужугIадан хIайизалъул заманалда; цогидаб диналъ нажас хIалтIизаби бегьизабураб тIагIел, нажасалда тIаде ккарал тIанхал, лъимадул хIацIу, ретIел гьабиялъулъ хIалтIизабулеб болъонил нах; Шамалъул гIадамаз болъонил нах хIалтIизабун гьабулеб хIан. Аллагьасул Расуласухъе ﷺ бачIараб мехалъ Шамалъул гIадамазул гьеб хIан, гьелъул цIех-рех гьабичIого кванана.

(«ФатхIул МугIин», гьум. 83)

 

 

Хабада аскIоб Къуръаналъул аятал цIалиялъул хIукму кинаб бугеб? Цоги, цIалулелъул ва дугIа гьабулелъул кинаб рахъалде руссине кколел?

Хварав вукъулелъулги зиярат гьабун гьенире щведалги суннатаб буго Къуръаналъул аяталгун сураби ва дугIа цIалун, лъалеб жо хабада аскIоб цIализе.

«ЖамигIун Сагъир» абураб тIехьалда хъван буго зиярат гьабун хварасе салам кьолелъул гьесул гьумералъул рахъалде руссун кьелин, дугIа гьабулелъул Къиблаялде руссинин абун.

Имам Къайлубияс хъван буго Къуръан цIалулеб, дугIа гьабулеб заманалда суннатаб бугин хварасул гьурмаде руссун кколедухъ чIун гьабизе. ДугIа гьабулелъул, рахъунги чIун, кверал зодоре руссинарунги рукIинин (гIадатияб къагIидалда дугIа гьабулелъул кинниги).

Хварав вуссараб рахъалдаги чIун гьаби лъикIаб бугин хъвараз рехсолеб буго гьедин гьабизе беццулин жиндихъе вачIарав ва дугIа гьабулев хварасда вихьизелъунин абун.

Къуръан цIалулелъул ва дугIа гьабулелъул гIодорчIун гьабизе лъикIаб бугин абулелги руго гIалимзаби.

(«ИгIанату ТIалибин»)

2026-05-01 (ЗулкъагIида 1447 с.) №9.


Шамаилал сунда абулеб?

Аллагьас ﷻ нилъ, бусурбаби, тIадегIан гьаруна исламияб динги кьун ва гьелдаго цадахъ гьеб дин малъизе витIана МухIаммад авараг ﷺ. БетIергьанас ﷻ гьев тIадегIан гьавуна кинабго жоялдаса. ГIаишатида гьикъидал гьесул ﷺ тIабигIаталъул хIакъалъулъ, гьелъ абуна, гьесул тIабигIат Къуръан букIанин...


ХIафиз ибн Башкъул КъуртIуби

Имам, хIафиз, факъигь, тарихчи Абулкъасим Халаф ибну ГӀабдулмалик ибну МасгӀуд ибну Муса ибну Юсуф ибну Дакъагь ибну Наср ал-Ансари ал-Хазражи ал-Андалуси. Гьесул тIокIцIар ккола ибну Башкъул КъуртIуби. Гьев гьавуна гьижрияб 494 соналъ.   Ибну Башкъулица гӀелму босизе байбихьана гӀолохъанаб...


КIудияб бергьенлъи щвела

ЗулкъагIида ккола бусурбабазул моцIрол календаралъул анцIила цоабилеб. Жибго «къагIада» абураб рагIул магIна ккола «гIодов чIей», яги хIалтIи гьабичIого чIей. Гьедин моцIалда цIар тарабги букIана гьеб заманалда гIадамал рагъ-кьал гьабиялдаса нахъекъан чIолеллъун...


Ингушазул кумек

ТIабигIияб балагьалъул хIаси-лалда къварилъиялде ккарал дагъистаниязухъе кумекалъулаб квер бегьаразда гьоркьор руго ингушалги. Дагьал церегIан къоязда Ингушетиялдаса Дагъистаналде кумекгун рачIун рукIарал ингушазул цо къокъаялда гьоркьор СурхIахIи росдал имамасул наиб ГIумар Нальгиев ва жамагIатчи...


ХIикматал махлукъатал

ГIанкI   ГӀемерисез гIанкI рикIкIуна хIинкъараб рухIчIаголъи-лъун. Амма гьеб буго кутакалда сихIираб ва бекеризе гьунар бугеб.   Заман бихьун гьелда кIола тIомол расул кьер хисизеги. Кьер хисиялъ кумек гьабула бахчизе. Гьеб бекерула 70-80 километрги сагIтие тун. Амма борчIизе рес...