Аслияб гьумералде

Дир гIагараб росу

Дир гIагараб росу

Дун йиго мугIрузда гьаюрай ва гIурай яс. Бана 11 сон. КигIан гьитIинай йигониги дида лъала ватIан щиб жо кколебали. Дида гьеб лъалаан жеги 4-5 сон бугеб мехалъго.

Дица гIумру гьабулеб буго Буйнакск районалъул Ахъайтала росулъ. Гьаниб гIага-шагарго 220 цIаракиги буго. Дир росдае кьучI лъуна Акай абурав чияс, 230-250 соналъ цебе. Умумуз бицунаан Акай вехь вукIун вугин абун.

Нижер росулъа рахъана гIемерал лъикIал чагIи. Дир кIудияв инсул эмен МухIаммадрасул вукIана КIудияб ВатIанияб рагъул гIахьалчи. Гьединго ГIумаров Хасбулат - шагIир ва гIемерал соназ школалда хIалтIарав мугIалим. Гьале гьесул асаралдаса цо кесек:

ТIабигIат берцинаб сверухълъиялда,
ГIалхул чан тирулеб тала букIараб.
ТIаде балагьани зоб бихьуларел,
Руччарал рохьалги гьанир рукIарал.

Рукъият, Ахъайтала росу.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...