Аслияб гьумералде

БичIчIунгутIиялъе жаваб

БичIчIунгутIиялъе жаваб

БичIчIунгутIиялъе жаваб

«Дида кколеб букIана гьаб тIехь хъварав чи вагьабияв ватилин, тIарикъаталъул киналго рагIабиги хIалтIизарун, мавлидал ахIи гьукъи къасд бугев»

(конференциялъул гIахьалчиясул пикруялдаса)

 

 

ХIакъикъаталдаги тIехь басмаялда бахъаралдаса нахъе гIемерал суалал рукIана. ХIатта тIехь къватIибе биччазе хIадурлъулеб заманалдасаго нахъе рукIана бахIсал. Гьеб басмаялда бахъичIого тей лъикIаблъун рикIкIаразул кьучIал далилалги рукIана. Щайгурелъул гьелъ халкъалда гьоркьоб бичIчIунгутIи ккезабизе рес букIиналъ.

 

Дагъистаналъул муфти, АхIмад-афанди Буйнакскиялде чанго нухалда ана ва хIаракат бахъулеб букIана жиндир заманалда гьенир рехсарал цо-цо хIужаби данде кколарел рукIин баян гьаризе.

ДагIба ккезе рес бугел бакIазул цояб ккола мавлид ахIизе бегьуларин, гьеб ахIулел гIадамал куфруялде ккезе бегьулин абун гьеб тIехьалда чIезабулеб букIин.

Дагъистаналъул муфтияталъ тасдикъги гьабичIого, тIехь басмаялда бахъана 2013 соналда, ГIабдулагь Адамов абурав авторасул цIаралда гъоркь. Гьелдаса хадуб ГIабдулжалил-афандица цо данделъиялда абуна тIехьалъул автор жив кколин абун.

Гьелда сверухъ суалал жеги цIикIкIана, авторас, халкъалде цевеги вахъун, гьениб хъвараб жо жеги къвакIизабун баян гьабидал.

Гьелъул гIатIидаб баян лъазе бокьарас интернеталдасан балагьизе бегьула гьелъул хIакъалъулъ бахъараб фильмалъухъ.

ТIехьалда хъваралда тIасан бахIсал хутIизе рес букIана гIемерав чиясда бихьизе къватIибе бахъичIого, накъшубандияб тIарикъаталъул аслаби хвезарун ругин, гьелда гъорлъе киналалиго бидгIабиги, хасго мавлидал ахIиги журазаридалин абун, жиндирго устар СагIид-афандиясде гIайибчIвайлъун бичIчIулеб букIинчIебани.

16 ноябралда Дагъистаналъул исламияб университеталда гIалимзабаз, гьеб тIехьалда сверухъ гIуцIараб гIелмияб бахIсалда рорхана гьебги цогидалги суалал.

Исламиял гIелмабазул доктор КъахIиса МухIаммадица абуна, тIарикъаталъул цониги шайихас, хас гьабун СагIид-афандиясги мавлид гьаби ва ахIи накъшубандияб тIарикъаталъул вирдлъун кьечIин. ТIехьалъул авторас гIунтIизабулеб гIайиб, тIарикъаталъул къагIида хисизабун бугин абун, хIатта СагIид-афандиясул рахъалдасанги букIине рес бугеб, гьеб буго щибго кьучI гьечIеб хIужа.

Исламиял гIелмабазул доктор МухIаммадгIариф Рамазановас абуна тIехьалда авторас журазарун ругин «Мавлид», «ахIи», «нашид» ва «бакъан» абурал рагIабазул магIна. Гьелъул кьучIалда гьарулел ругин шаргIалдаса рахъарал, хIатта исламалдасаго ратIалъанин абурал хIукмабиги.

Исламиял гIелмабазул доктор Аргъваниса МухIаммадица бицана гьениб шайихзабазул рагIабазе жидерго рахъалъан кьолел баянал мекъал ругин. Цо-цо устарзабазул рагIаби рехсолаго мухIканлъи гьабичIого рехсон ругин. Гьединго ругин цоцада дандекколарел пикрабиги. Гьеб цIалидал пикру гьабизе бачIанин тIехь цо чанго чияс хъварабцин гуребдайин абураб.

Гьаниб рехсараб гуреб, цогидаб пикру бугел гIадамалги ахIун рукIана гьеб данделъиялде. Амма гьел рачIинчIо.

Гьеб гIелмияб бахIсалъул мухIканаб баян щвезе ва лъай-хъвай гьабизе бегьула гьелъул тIубараб видеоялъухъги балагьун. Гьебги буго муфтияталъул социалиял гьиназда. ГIакълу бугесда бичIчIила…

 

СайидмухIаммад Къурбанов, «Ас-салам» казияталъул аналитикияб отделалъул нухмалъулев

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


ГIадамал данде гьарулеб ифтар

Щибаб хамиз къоялъ мажгиталъур данделъула гIадамал кIал биччазе. Анкьида жаниб тIоритIулел ифтарал гIуцIула «Инсан» фондалъ, гьелъие кумек гьабула волонтераз.   Нижеца гара-чIвари гьабуна «Инсан» фондалъул вакил Мурадилгун ва цIехана гьелъулги волонтеразул...


Фарукъ абураб цIар щвей

Жинда Аллагь разилъаяв ГIумар-асхIаб исламалде вачIун хадуб, бусурбабазда бугеб хIал бихьун гьесул ракI хIалхьун букIинчIо. Бусурбабаз ислам боси балъго гьабулеб букIараб заманалда ГIумар-асхIаб Аварагасухъе ﷺ вачIана ва абуна: «Я, Бичасул Авараг ﷺ, нилъ битIараб нухда гьечIищ, хваниги чIаго...


ГIибадат гьабизе рес

ХIурматиял бусурбаби, гьале тIаде щвана хаслихълъиялъул къоял. БагIарараб рииги тIаса ун, гьогьомиялъ кверщел гьабуна ракьалда. Гьайгьай, сордоги кIодолъана, къоги саламатго гьитIинлъана. ГIибадат гьабизе заманги лъикIаланго эркенлъана.   БагIарараб риидалил гьитIинаб сордо бугеб мехалда...


Мадраса рагьана МагIлибги

Хьаргаби районалъул МагIли росулъ рагьана цIияб мадраса. Гьелъие цIарги кьуна Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиясул. Мадрасалда чIезарун руго киналго шартIал. Руго цIалул кабинетал, библиотека ва мутагIилзабазе хIажатабщинаб. Мадраса рагьиялъул хIурматалда тIобитIана динияб мажлисги....


Сахаватав инсан

Нижер росулъа сахаватав инсан Чарандал вас ГIамиргIалица жиндирго инсул букIараб мина къачIазеги къачIан кьуна росдал мадрасалъе. Киналго росдал гIадамал кутакалда рохун ва разиго руго ГIамиргIалица гьабураб гьеб баракат цIикIкIараб ишалдаса. Гьанже рес рекъана мадрасаялда лъимал ва чIахIиял...