Аслияб гьумералде

Кофеялъулъе рехараб михIикIалъ гьабулеб асар

Кофеялъулъе рехараб михIикIалъ гьабулеб асар

МихIикIалъулъ (гвоздика) бугеб пайдаяб жо ккола эвгенол. Эвгенолалъ ва цогидал жалаз гьеб тӀабигӀияб дарулъун лъугьинабула.

 

Кофе гьабулаго цо-кӀиго гвоздика гъорлъе рехани, гьелъ кумек гьабула квен бихIинабиялъе. Кванан хадуб бакIлъи бачIани яги чохьоца рахӀат хвезабулеб бугони, гвоздика гъорлъ бугеб кофеялъ кумек гьабула.

Гвоздикаялъулъ рукӀуна антиоксидантал, гьел къеркьола чорхолъ ругел эркенал радикалазде данде. Гьелъ кумек гьабула херлъи хIинцлъизабизе, иммунияб система щулалъизабизе, унтаби ккеялъул хӀинкъи дагьлъизабизе.

Гвоздикаялъул аслияб компонентлъун кколеб эвгенолалъул буго унтуде данде къеркьолеб хаслъи. Гьеб пайдаяб букӀине бегьула черхалда ругел батӀи-батӀиял восполениябазде данде, гьездаго гьоркьоб дабазул ва кӀалзул унтабазе.

Гвоздика хӀалтӀизабулеб букӀана тӀабигӀияб унти бацӀцӀад гьабулеб дару хӀисабалда. Гьелъул эфиралъул нахаз кумек гьабула бетӀер унти чIезабизе, цаби унтиялде данде, хӀатта ччорбазул спазмал лъугӀизаризе.

Гвоздикаялъул берцинаб махӀалъ чорхолъе рухӀ бачIинабулеб асар гьабула. Гьелъ нервабазул система цебетӀезабула, рекӀел хӀал лъикӀлъизабула.

ЦӀорораб заманалда квачалде данде къеркьеялъулъ дур гьудуллъун букӀине бегьула гвоздика. Гьезул антисептикияб ва вирусалде данде къеркьолеб хасияталъ кумек гьабула иммунияб система щула гьабизе, гриппалъул ва щекъер унтиялъул гӀаламатал лъугӀизаризе.

ТӀаса бище лъикӀаб даражаялъул гвоздика. ХӀалтӀизабе тӀубараб, бакъвараб гвоздика. 1-2 гвоздика гӀола цо кофеялъе. ЦӀикӀкӀун гьабизе бегьуларо, гурони махӀ цӀакъго къуватаблъун лъугьуна. Кофе гьабулеб туркаялде жанибе рехила гвоздика лъеда цадахъ. Эвгенол ва цогидал пайдаял жал къватIире камилго рачIине, нусалъул бегIераб гуреб рахъалдалъун гвоздика дагьабго чIинтIизабила. Кофе гьабулеб машина хӀалтӀизабулеб мехалъ, кофегун цадахъ фильтралде жанибе рехила.

 

Хадижат Хизриева

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...