Аслияб гьумералде

Тамахаб хасият

Тамахаб хасият

Тамахаб хасият

Кванилъе бараб цIамуца тIагIам кьолелдаса цIикIкIун асар гьабула инсанасул тамахлъиялъ, хIалимлъиялъ. Бокьараб ишалде гъорлъе жубазабе хъачIлъи, бихьила гьелъул сурукълъи, нахъегIанлъи. Жиндир бижиго тамахлъи-хIеренлъиялда тIад гIуцIарай чIужугIаданалда кинха лъикI рекъелареб тамахаб хасият?

 

Щиб кколеб тамахлъи? Гьеб буго сверухъ ругел чагIигун хIал рекъезабун бажари, хъачIлъи бихьизабунгутIи. Хасго чIужугIадан хIажалъула гьеб берцинаб гIамалалъухъ. Гьей йиго яс, лъади, эбел. Гьел киналго гIумруялъул масъалабазулъ хIажалъула тамахлъи. Гьединаб тIабигIат беццун рачIарал аяталги хIадисалги рикIкIен гIемерал руго. Масала, Аварагас ﷺ абуна: «ХIакълъунго, Аллагь хIалимав вуго ва Гьесие хIалимлъи бокьула. Ва гьелъухъ Гьес кьола сундухъниги кьолареб жо» (Муслим).

Хасго лъималазе тарбия кьолаго хъачIлъи бихьизабиялъ гIемераб зарал гьабула. Эбел-инсулги лъимадулги гьоркьоблъи хола, божилъи тIагIуна, рокьи дагьлъула. ГьитIинго хъачIлъи бихьараб лъимер дагьаб кIудияб гIедал, сундалъун бугониги мутIигI гьабизе кIолареблъун лъугьуна. Гьаниб ракIалде щвана диналъул яцалъ бицараб къиса.

«Цо нухалъ, классцадахъал ясазда дандги бан, ниж школалдаса тIурана. Дарсал чIалгIарал ниж, эбел-инсудаги мугIалимзабаздаги рихьиларедухъ, нижеего бокьухъе расандизе ана. Аваданго елъулаго, цо лахIзаталъ гъажалда лъураб бакIаб квералъул баччи лъана. ХIинкъадго нахъе юссарай дида, гьимулаго дихъ балагьун чIарав инсул гьумер бихьана. Киноялда кинниги, дир такъсиралде тIаде ккарав инсудаса хIинкъун, абизе жо тIагIун хутIана дун. Амма, дир хIал бичIчIарав гIадин, гьес абуна: «Щибниги абуге. Йилъа дунгун», - ян. Дирго загIипаб, гIайибаб квералъ инсул къуватаб, ритIухъаб кверги ккун унаго, цебе тIамулеб букIана гьес дун рокъоеги ячун юхулеб йигей куц. Амма сухъмахъ лъугIидал, ниж батIияб нухккун ана. Цо кафеялда цевеги лъалхъун, инсуца абуна: «РачIа нилъ гьанире жанире лъугьине», - ян. Столалда нахъа дунги чIезаюн, гьес гьикъана: «Щиб кваназе бокьун бугеб?» - ан. Дида ракIалде ккана, юхилалде цее дун гIорцIизегIан кваназайизе бокьун батилин инсуе абун. Гьединал пикрабигун, дица диего бокьун букIарабщинаб жо рехсана. Инсуца жиндиего бокьарабги босана. ГIорцIизегIанги кванан, ниж рокъоре ине къватIире рахъана. Нухдасан гьес дихъе гIарац кьуна, щиб бугониги дуего бокьараб жо босеянги абун. «Дир яс, тIокIалъ мун киданиги дарсаздаса тIуруге», - ян абуна гьес, йиххун хутIарай дида. Квер борхини щиб, цо хъачIаб рагIицин абичIо.

Гьеб къоялдаса нахъе гIадлу хвараб иш гьабизе киса ракIалде кколеб, цIалул рахъцин гIезегIан цебетIуна, инсул адаб гьабун, гьев дидаса нечезе ккечIого вукIине хIаракат бахъана».

Гьалеха, гIумруялдаса босараб мисалалъ бихьизабула, кинаб кIудияб пайда кьезе рес бугебали тамахлъиялъ. ХъачIлъи бихьизабизе киданиги кватIун букIунаро, амма гьеб тамахлъиялдаса цебе ккани, гьелъ пасат гьабураб жо цIигьабизе цIакъ захIмалъула. Цо-цо нухалъ цIигьабизе бажаризецин рес гьечIеблъун батула. Хасго ТIадегIанав Аллагьасул аманат - лъималазул хIакъ гьениб батани.

 

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Сахаватав инсан

Нижер росулъа сахаватав инсан Чарандал вас ГIамиргIалица жиндирго инсул букIараб мина къачIазеги къачIан кьуна росдал мадрасалъе. Киналго росдал гIадамал кутакалда рохун ва разиго руго ГIамиргIалица гьабураб гьеб баракат цIикIкIараб ишалдаса. Гьанже рес рекъана мадрасаялда лъимал ва чIахIиял...


ГIибадат гьабизе рес

ХIурматиял бусурбаби, гьале тIаде щвана хаслихълъиялъул къоял. БагIарараб рииги тIаса ун, гьогьомиялъ кверщел гьабуна ракьалда. Гьайгьай, сордоги кIодолъана, къоги саламатго гьитIинлъана. ГIибадат гьабизе заманги лъикIаланго эркенлъана.   БагIарараб риидалил гьитIинаб сордо бугеб мехалда...


Фарукъ абураб цIар щвей

Жинда Аллагь разилъаяв ГIумар-асхIаб исламалде вачIун хадуб, бусурбабазда бугеб хIал бихьун гьесул ракI хIалхьун букIинчIо. Бусурбабаз ислам боси балъго гьабулеб букIараб заманалда ГIумар-асхIаб Аварагасухъе ﷺ вачIана ва абуна: «Я, Бичасул Авараг ﷺ, нилъ битIараб нухда гьечIищ, хваниги чIаго...


ГIадамал данде гьарулеб ифтар

Щибаб хамиз къоялъ мажгиталъур данделъула гIадамал кIал биччазе. Анкьида жаниб тIоритIулел ифтарал гIуцIула «Инсан» фондалъ, гьелъие кумек гьабула волонтераз.   Нижеца гара-чIвари гьабуна «Инсан» фондалъул вакил Мурадилгун ва цIехана гьелъулги волонтеразул...


Ракьулъ бижулеб гIурдахIан

Камъат (гIараб мацIалда факъгI абунги лъала, гIурус мацIалда трюфель) ккола ракьулъ бижулеб кваназе бегьулеб гIурдахIан. Хасго гьеб гIемер батула ГIагараб Машрикъалъул ва Шималияб Африкаялъул авлахъазул гIатIилъабазда, гьениб гьеб загьирлъула цIад бан хадуб. Гьеб гIажаибаб ракьалъул нигIматалъе...